Подпись: Г1адамал гьеч1еб кулиМУТАГ1ИЛЛЪУДА

Г1али-х1ажияв ц1алулев вук1ана мутаг1иллъун Ч1ик1аб, Миякьоб Г1умар-х1ажида, Гъадарив Къурбанов Къадида аск1ов. Гьесул бук1ана лакайдул т1ажу, гурде ва цебебухь, гьелда гъоркьан рет1елги бук1унароан. Цо нухалда Ч1ик1аса гьоболас Г1али-х1ажиясухъе кьун pyro кьаг1азул тахтабазул гьабураб т1имугъги чакмаялги рет1ине, т1ад лъезе хъурайсинт1агъурги. Гьесухъги балагьун, гьоболас ц1акь рекъолин абун буго. Амма Г1али-х1ажияс гьеб рет1ел т1аса бахъун буго, гьоболасе к1удияб баркалаги кьун, гьесухъе кьун буго, жиндие насиб гьеч1иланги абун. Гьесул сахаватаб рак1алдаги, чияр жо анищан кколареб г1амалалдаги гьобол ц1акъ бахиллъун вуго. Ч1ик1аб ц1алулаго, дибирас цо-цо свера-тиризе гьазие изну кьолеб бук1ун буго. Мутаг1илзаби лъел ц1eзe ясал рач1унеб бак1алде иццде унел pyк1yн pyro. Лъимги ц1ун, яч1уней цо берцинай яс гьазда данде ккун його. Гьелдеги валагьун, Г1али-х1ажияс гьадин абун буго:

 

Вай тамаша, х1икмалъи щиб, г1адамал,

Х1урулг1инцин гуродай гьай яч1уней?

Щунусго яс ячун жиндихъ кьуниги,

Цо рас гьезухъ бихьизецин кьоларей... ин.

 

Аск1ор рук1арал мутаг1илзабаз гьасда гьикъун буго, бегьилищ дуца ясалде гьединаб кеч1 рик1к1инеян. Г1али-х1ажияс бегьилилан жаваб кьун буго, щай абуни, гъолъие гъоб кеч1 раг1изе ц1акъ бокьанилан. Г1али-х1ажияв кеч1 гьабизе гIeмep ургъизе кколарев вук1ун вуго. Вачун бихьизабураб, яги бицараб г1олаанила кеч1 рик1к1ине, цебего гьеб ургъараб г1адин. Миякьоса Г1умар-х1ажица цо дарс кьурабго, Г1али-х1ажияс кинабго peк1eлъе т1олаанила, цинги нахъияб къояль дарс кьураб т1ехьалъул х1асил гъос Г1yмap-х1ажие бицунаанила. Инхоса Лабазан-дибир

абулев чи ун вуго Г1али-х1ажиясде аск1ове ц1ализе, дос цо дарс кьурабго рек1елъе г1елму т1олаанила. Жиндица г1елму босизе ва жиндиль бугеб цогиясе кьезеги к1удияб гьунар, махщел бук1ун буго гьесул.

Рузман сордояль жидеего ниг1матал кьеян гьаризе г1адамазул рукъзабахъе унаго, кинацаго цеве т1амулаанила Г1али-х1ажияв. Гьев, хасаб макъанун, назмуялда рекъезабун, хит1аб гьабун к1алъалаанила гIaдамаздехун: «Г1адамалчаг1и, хирияб сордо буго, кири батила. Ниг1матал гьарза гьареги, балагьал рик1к1ад гьареги, халатаб г1умру, чорхое сахлъи, рукъалъе бечелъи, боц1уда баркат, ц1oгьoдaca рахъи, хъурмидаса ц1уни, ц1а рик1к1алъи, лъим г1aгарлъи, иманалда хвей, ахират лъик1аб, бокьун кьей, кьун босе, кьолелда разилъе, малъулел г1емерлъаги, лъалел гьарзалъаги, лъик1аб — аск1об, квешаб — рик1к1ад, бихьаралде щукру, щваралде иман, Аллагь гурх1и, х1адис бокьи, х1акъаб бичун, т1екъаб нахъе, хъвараб бихьи, кьураб боси, ах1и-x1yp г1одоб, г1oдop риччай халат, балагьазде сабру, рах1матазда рохи, рек1елъ иман, aск1oв вали, босизе г1едерлъи, бичизе к1вах1аллъи, аск1ор гьуинлъи, гьобол хиралъи, херазе талих1, бах1аразе рохел, хъизан рекъон, рукь бохун, абурай йокьи, йокьарай щвей, щивав мурадалде щвей, мунагьал гьарунгут1и, гьарурал чури, мурад т1убай, т1аде ц1ик1к1ин, ц1ияб эркенлъи, ах1изе талих1, тухумазе рохел».

Ясал ва къоролзаби ругеб рокъобе рик1к1унаан: «Гьарарасе кьеги, вокьарасе щваги, рук1к1енгун шагьарарай, мергогун зурзударай, зарукь т1ала ккурай, т1аде щваралгун журарай, гьабизе кверда лъалей, кваназе нахуллъарай, хурибе квер бит1арай, корохъе бох бегьарай, хъандирогун хурхарай, хадирогун лебалай, хъизан-рукъгун гьуинай, гьабулелъухь урхъарай, рат1лил устар ц1арулай, ц1аха бесси х1адурай, гъасда ц1a лъалей, ц1ел хинлъи лъалей, халкъалъ къадру ккурай, къват1иего машгьурай».