Зах1мат
бихьич1ого рах1ат бокьарас
Бекьич1ого
лъилъе, ниль гьеч1ого хур.
***
Масала,
г1акъилас г1адан теларо,
Тушман вугониги,
г1адада хвезе.
***
Лъураб бугьтан
рихун хвезе вахъунге,
Пихь гьеч1еб
гъот1ода т1ил реч1ч1уларин.
Т1адагьаб
къавмалъул къил-къвал ц1ехоге,
Ц1амул гьирал
рец1ц1ун гьоц1о кьоларин.
***
Къуваталда рак1
ч1ун къеркьезе лълъунге,
Лълъар бугии
къоязда къвалакь тункулеб.
Къабих1лъун чи
вихьун, ч1ух1и гьабуге,
Х1инкъарасул
зарин зазг1ан бег1ераб.
***
Чан пайдаяб иш
бугеб, жиндасан чи т1урулеб;
Чан заралаб жо
бугеб, жиб тун чи вук1унареб.
***
Гьерсил чода
рек1арав хехго гъоркье рещт1уна,
Цинги лъелго
вилълъине х1ат1ида г1иц1го ккола.
***
Унеб буго дур
г1yмpy, хьонда бот1ил ч1ор г1адин,
Толеб буго
дуниял, юргъачуялъ нyх г1адин.
***
Къваридаб х1ал
чучун чвахизе гурищ
Чорхол маг1на
лъалес маг1у ц1унулеб.
Муг1рул
гьаргьадулеб балагь щваразе
Бигьаяб
дарулъун лълъун буго г1оди.
***
Ват1анияб
т1алаб т1обит1улаго
Т1ерхьарал
ц1вабзазул ц1ap к1оченаро.
***
Хьваг1араб
хвалчаца чаран къот1улел
Чамасул
квералдай ракьулъе ккарал.
Кверал
къот1аниги къали багъулел
Къиматаб чан
бет1ер чабхиль т1упараб.
***
Хвалчабазул
балал беццал жал руго,
Реццалъе
рекъарал лугби къот1улел.
***
Гьирие г1орц1ен
хьихье,
Рахьдае г1ака
беч1ч1е.
***
Т1убач1ел
къоязде ккун, къарумил мал ккуниги,
Ахир дуе,кьолеб
жо цо кьог1аб лълъар хвелалъул,
Къайсарил мулк
кодобгин кисрал тах мерхьаниги,
Ахир босун унеб
жо анц1го нат1 мусруялъул.
***
Бичас
т1амурабан т1аде щваралъе,
Т1ул-рак1
суданиги, сабру кин кквелеб.
Лавх1алда
къирараб къадар бугилан,
Къварилъи
щваниги, щукру кинаб жо.
***
Щибаб цо
рух1алъе лах1туги хобги
Ахир
цох1олъидал — цояв т1ок1лъуге.
***
Гъосол ц1ураб
къвач1иниб г1арац-месед кин балеб,
Хъублъи
къват1ибе ч1ехьон жаниса чурич1ого.
***
Г1адан дулъго
хьондаллъулеб
Хьвада-ч1вади
биччан тоге.