![]() Историко-культурный, духовно-просветительский и благотворительный фонд имени Махмуда из Кахабросо |
|
ГIасрабазул кочIохъан
(О поэте веков)
Академик
Алиев Ш.Г.
(на аварском языке)
Инсан вижаралдаса нахъе шагIирасе яги гIалимчиясе
щвезе рес бугеб бищунго тIадегIанаб шапакъат
буго гьесул гьунарги, махщелги, тIокIлъиги жаниб
бачараб хасаб жиндирго улка гIуцIанин гьесин
наслабаз. Масала: Блокил,
Лермонтовасул, Пушкинил, Планкил Пуанкароль
дуниял. Нилъеца магIарулаз абила МахIмудил
дуниялин. ГIищкъул улкаялда дурусго, камилго
ккана МахIмудил цIар. Наслабаз борхила гьеб жеги
эхеде. РикIкIун кIал свакаларел, гьекъон къеч
буссунарел, ахIун хIал хьуларел, МахIмудил
сариналги жидерго чIухIараб борхалъиялда рукIина.
Дуниял-гIаламалъе гIищкъул рукъ барав шагIир
къадал ракьанда теларо. Кибехун бер щвезабуниги
мугIрузул щобаздаги, хьиндалаз гъваридал кIкIалабахъги,
авлахъалъул ракьаздаги рокьул байрахъалда
рахъарал анищалъул цIцIвабигун, Муил цIаргун,
ансадерил баракатгун ТIура мегIералда рокьарал
рокьул анищалгун МахIмуд нилъеда цеве чIола.
Жиндир заманаялъ гьев гIадиназ гьабулеб гIараб цIалиги
гьабурав, лъайги щварав чи вукIана МахIмуд.
Гьедин бугелъул батила Шамалъул рахъалъул шагIирзабаз
гьарурал цо-цо къагIидаби, сипатал, суратал МахIмудиеги
хасиятал ругел.
Дуниялалда рижанщинал шагIирзабазда гьоркьор цохIонигиясда
бихьун гьечIо чIчIужугIаданалъул надалдаги
къунщбуздаги гьоркьоб бугеб дандеккейги,
гьайбатлъиги. Гьеб бихьаравги МахIмуд, гьей чIчIужугIаданги
магIарулай Муи, гьел кочIол мухъалги гьале:
...Зодил тIайпусалъул тIанчIил
рачI босун,
ТIун рекъезабураб
къуншмалан дуда.
Къулдуз накъищ хъвараб
хъахIаб гIамбарул,
Гъун буго дур нодо дир гIакълу
ине...
МахIмудил гьудул ГIахьалчIиса МагIадица
бицунаанила МуилгIан лага-черх гьавулъ рекъарай
чIчIужугIадан жанаталда ругел хIаврааздагицин
гъорлъ ратизе щакаб жо бугин.
Рокьул лайлатул къадир бихьарав МахIмудиеги,
сундулго баракат цIикIкIарал ансадериеги,
Бекь-ХъахIабросдал жамагIаталъеги, гьаб цеберагIи
хъвазе дун мустахIикъ гьавурал, нусабго баркала.
ТIанусиса «хуриса» ГIалица абулаан ракIчIчIун
лъалин «Умумузул гIарцул руцалаби рараб чухъаги,
наган таманчаги, Игьалиса ГIарашил ГIумарил
бакъанги, МахIмудил кечIги къиямасеб къо кида чIаниги,
чIезегIан хвезе гьечIин».
ТIанусиса «хуриса» ГIалил вас Шамиль. 16.08.1998с. |
368947, Россия, Республика Дагестан, с. Кахабросо. Tel.+79285304544, E-mail: dagistan@mail.ru