САЙИД ГIОБОДИЯВ
قدس سره
АлхIамдулиллагь, рецц нилъер тIадегIанав Аллагьасе, исламалда нилъ ратизе, иманалде нилъ руссине жиндица нилъее рес кьурав. Рецц буго ТIадегIанав Аллагьасе нилъер баракатаб Дагъистаналъул ракьалда дунялалъулго исламияб жамагIат жидедаса чIухIарал, камилаб даражаялда жал ругел устарзабиги, шайихзабиги, ва гIалимзабиги жиндица рижарав.
САЙИД ГIОБОДИЯСУЛ قدس سره ГIУМРУЯЛЪУЛ БАЯН
ГIабдулгIазизил МухIамад
АлхIамду щибаб рецц, щукру дуй Аллагьﷻ,
Иман-ислам босун Расулﷺ витIарав.
ТIолго салат-салам Аварагасдеﷺ,
Исламияб миллат загьир гьабурав.
Гьесул ирс босарал варисзабазе,
Насиб гьабе, Аллагьﷻ, ризванул акбар.
Гьезул макъадирал зияратазде
Хьвади гIемер гьабе, баракат щвезе.
АнцIила ункъабилеб къарнуялъул нусил сонил Имам, хIакъав мужадид Сайид ГIободияв قدس سره гьавуна 1828 соналъ гIалимзабазул тахшагьар Хунзахъ районалъул ГIобода росулъ Къебеддибир абулев, сверухъе жиндир цIар рагIарав гIалимчиясул хъизаналда. Гьединго, Къебеддибир вукIуна Хундерил тIалъиялъул росабазул цо чангоялъуб жиндица дибирлъиги гьабурав, кивехун кканиги гIадамаз жиндир ракI-ракIалъ адаб-хъатирги гьабулев, унго-унголъунги, диналъул киналго шурутIал жинца мухIканго цIунун, Аллагьасулﷻ ритIухъаб нух ккурав муъминчи. Гьебго жо тIалаб гьабулаан Къебеддибирас цойгидал диналъул вацаздасаги ва яцаздасаги.
Живго Къебеддибирил анкьумумулги гьебго даражаялъул бергьарал гIалимзаби рукIун руго, хундерил тIалъиялда гуребги, тIолабго Дагъистаналдаго жидер цIар рагIарал.
Васасда эбел-инсуца лъураб хIакъикъияб цIар букIана МухIамад -абун. ХIежалдаса тIад вуссиндал, гьесда абизе жубана МухIамадхIажи абун. Ва амма заманалдасан росуцоязги, муридзабазги, жалго гIалимзабазги гьев рикIкIунев вукIана Аварагасул ﷺ суннат жиндица щулаго ккурав, бищунго гIажаибав Сайидлъун. Гьелъул кьучIчIалда тIолабго исламияб дунялалъего гьев лъугьана устар Сайид ГIободиявлъун قدس سره.
Сайид ГIободиясул قدس سره караматал манакъибазул бицунаго абичIого гIоларо, жеги эбелалъул чохьонив гьитIинаб лъимерлъун вугеб заманалдаго, загьирлъулел рукIанин гьев гьавизе вугев васасул гIаламатал тIокIлъабигун хаслъаби. МухIамадил эбелалда лъимаде йигониги лъалеб букIинчIо щибго захIмалъи чохьониб баччун бугеб лъимералъул. Гьелъ жиндирго росасда абулаан: «Къебеддибир, дида гьаб чохьониб баччун бугеб лъимералъул, гьабизе заман щолеб бугонигицин, тIотIол гIангицин бакIлъи лъалеб гьечIо. Дида гьадинаб жо бихьараб жо гуро. Гьаб цо эбелалъул чохьонибго гIаламатаб лъимер буго», - абун. Росас лъадуда абуна: - Дида бицаниги, дуца гьелъул цIар лъиданиги бахъуге. БичIчIанагури? ХIалкIун балъго гьабе гьеб кинабго гIадамаздаса. Цо чиясда лъараб жо - росдадаго лъараб жо бугин. Дуда лъала гури дир умумул кинал гIалимзаби рукIаралали. Гьевги гьезул ирс босарав вас лъугьинев, Аллагьасулﷻ кумекалдалъун. Дир гьелда щибниги щаклъиго гьечIо. Воре сирруги цIуне, дуца сабруги гьабе.
МухIамад гьавуна битIун итни сордоялъ. Эбел-эмен кутакалда рохана васасдаса. Гьеб сордоялъ гьезухъе ургъунго ячIун йикIарай Къебеддибирасул яцгIалалъ, вас чурун вацIадги гьавун, эбелалъухъе керен хахизе кьуна. Амма хIикматго гIажаибаб рижиялъ абуни эбелалъул керен хахизе хивалго гьабичIо. Гьеб заманалда Къуръан цIалулев вукIарав Къебеддибирасда аскIоеги ун, яцгIалалъ абуна:
- Дур васас эбелалъул керен хахизе къасдго гьабулеб гьечIин, Къебеддибир, щибин жинца гьабун лъикI? - абун.
Инсуца яцгIалалда абуна вас жиндида аскIове вачеян абун. Къебеддибирас васасул кваранаб гIинзуда жанибе как ахIана, квегIаб гIинзуда жанибе къамат гьабуна. Гьанже хахулин ас эбелалъул керенинги абун, вас яцгIалалъухъе тIадвуссинавун кьуна. ГIицIго гьелдаса хадуб жубана гIажаибаб лъимер гIорцIизегIан эбелалъул керен хахизе.
Инсуца хIакъикъги хъун, хирияв Бичас кьураб давла-васасда, дунялалда бищунго хирияб МухIамад аварагасулгоﷺ гIадаб, МухIамад абураб цIар лъуна.
Жеги щуго сон тIубачIев МухIамад инсул щакъи- къаламгун квал-квадизе жувайдал, Къебеддибирас васасда гьикъана: «Щиб дуе бокьун бугеб, дир вас?» абун.
Васас жаваб кьуна:
-Дие цIализе-хъвазе лъазе бокьун буго, дада, - абун.
Инсуда, гIемерав воххиялъ, магIу кквезе кIвечIо. Гьес гьитIинав МухIамад, кодовеги вачун, каранде къана, дир баракатав хазинаянги абун.
Къебеддибирас хIурупалги хъван, гьел васасда кодоре кьуна, батани лъазареянги абун.
-Дада! Дида гьал лъалаянги абун, васас хIарпал цIалана, тIаде валагьун эменгун.
Гьеб цIакъго гIажаибаб хIикмат жиндирго беразда бихьидал, Къебеддибирасда бичIчIана жиндирго гьитIинав вас МухIамад гIарипинав вугевлъи.
ГIажаибго тIад чIчIун, къаси-къадлъи гьечIого, кIудияв чияс гIадин, лъазабулеб букIана гьитIинав МухIамадица-Сайидас динияб гIелму. Щиб суал кIудияз гьесие кьуниги, гьеб параялдаго щолеб букIана чIванкъотIараб, мухIканаб ва кьучIчIаб жаваб гьитIинав МухIамадихъан гIадамазе. Сверухъе киналго рукIана гьеб гIаламаталда хIикмалъун, божизе кIоларого, гьеб кинабго жидерго беразда цебе щибаб къойилго кколеб бугониги.
МухIамадица цIакъго ццудунго тIокIкIинабуна жиндирго инсудасан босизе рес букIарабщинаб гIелму-лъай. Гьесда бичIчIана жиндие хадубккунисеб гIелмудал ралъдал гъварилъиги, паналъиги, пасихIлъиги ва камиллъиги щвезе рес букIин гIадатиял гIалимзабаздасан гуреб, гIицIго гIарипиназдасан щвезе кколеблъи ва щвезеги бугеблъи.
ВукIинисев КъутIбул Гъавсас лъазабуна эбел-инсуда: -ГIицIго гIарипиназдасан буго бецIал ракIазе канлъи. Гьединлъидал, дица гIицIго гьездасан тIалаб гьабизеги буго диего хадубккунисеб исламияб гIелму, - абун.
Цо сордоялъ Сайид ГIободиясда قدس سره макьилъ вихьана жиндирго росуцояв, цIар рагIарав гIалимчи ШагIбан-къади, жиндица магIарулазул ракIазде жанибе гIулумал чваххун тIурав. Гьесдаго цадахъ вукIана МухIамадун Гьухъалиги. ГьитIинав МухIамад ГIободиясе قدس سره гьеб сордоялъ загьирлъана гьезда цадахъ хьвадулел рукIарал нуралги. Гьезда хьолбохъ эхетарал малаикзабицин загьирлъана гьитIинав, ва амма гIаламатго цIодорав Сайидасе.
ГьитIинав МухIамад гIажаиблъун хутIана, гьаб дир беразда цебе загьирго бихьулеб гIаламатго щибилан.
Сайидас гьезда гьикъана цо батIаго хIикмалъи гьабун:
-Я, дир хIурматиял гIуламаал! Гьаб дида бихьулеб хIикматго щиб кколеб?!- абун.
-Я, гьитIинав МухIамад, гIуламаазул бетIер! ГIарипиназул дуде балъгояб амру щвана, метер радал вахъун мун Гьухъаливе щвайилан! - абун загьир гьабуна макьилъ цере рачIараз Сайид ГIободиясе قدس سره.
-Дуда Гьухъалиб батила гIадан гIажаиблъулеб хIикматго караматаб дурго гIелму. Ва гьенив дуда дандчIвала дурго вукIинисев мудасир МухIамадун Гьухъали. Гьеб киналъего дуе кумекги гьабила, гьеб гIелму жидее тIокIкIарал Муршидул Камилаз.
Гьеб макьидаса ворчIидал, МухIамад, тагьажуд, суннат тIубан дугIаялде вуссана. Я, Аллагьﷻ, мун гурхIаян жиндаго къаси бихьараб гьеб гIажаибаб макьу таъвил гьабуна.
Сайид ГIободиясда قدس سره бичIчIана гьеб хIикматаб макьу жиндида гьадинго бихьараб жо гуреблъи, гьединлъидал, гьитIинав Сайидасул ният ккола, радалго вахъун, хIикматал караматазул гIажаибаб магIдан Гьухъалиса МухIамадихъе гIелму камил гьабизе ине сапар бухьине.
1843 соналъ Гьухъалиса МухIамадхIажиясухъе قدس سره жиндиего исламияб гIелму тIалаб гьабизе унеб мехалда, Сайид ГIободияс قدس سره бан букIуна гIицIго анцIила щуго сон.
Живго Гьухъалиса МухIамадхIажи قدس سره вукIана Гьазигьумекиса Жамалудиница قدس سره жиндие устарлъиялъе ижаза кьурав машгьурав, гъваридаб гIелмуялъул гIалимчи, накъшубандияб тIарикъаталъул бергьарав устар.
Живго Жамалудин Гъумукъияс قدس سره жиндихъе зияраталъе, гIелмуялда хадур рачIунел цIакъго гIемерлъидал, абулаанила: «Дихъ бугеб гIадаб лъай Рочиса Мамадибирихъги ва Гьухъалиса МухIамадхIажиясухъги бугин, нужеца гьезул гIелмуялдаса пайда босе», - ян абун.
Гьеле гьебго мурадалда Сайид ГIободиявги قدس سره щола Гьухъаливе бакъанил гIужалъ ва рещтIине гьоболгицин цIехечIого, вачIинахъего мажгиталъуве уна, гIадамазул рахIат хвезабизе бокьичIого.
ЖамагIат какдаса хадуб, суннатги тIубан, истихар гьабулаго, тирщун тIадеги вахъун, хIакъав Муршидул Камил «МархIаба, дир вас!» - абун, икрам гьабун кIалъана Сайид ГIободиясда قدس سره.
Гьев живго Гъази-Гъумухъ мухъалъул Гьухъалиса МухIамад вукIана гьитIинаб мехалдасаго варагI жиндир цIикIкIарав, камиллъиялъул ригьалде ваханиги, жиндица варагI балъго гьабурав.
Гьухъалиса МухIамад قدس سره воххун, гьитIинав Сайидасул горбода къвалги бан, гьесда хурхун чIчIана, сверухъе кинабго жоги кIочон тун, халатккун жив балагьун чIчIун вукIарав жиндирго вас дандчIварав гIадин рази-ракиго.
Муршидул Камилас иллагьияб хIайранаб икрам гьабуна ГIободаса МухIамадие قدس سره ва гьевги вачун жиндихъего рокъове ана тIарикъаталъул кIудияв устар. Гьеле гьев Аллагьасулﷻ кIудияв валиясул кумекалдалъун Сайид ГIободияс قدس سره байбихьана балъгояб нуралияб гIелмуялда гъорлъе лъугьине, гьелъул кьалбалъе ваккизе, гьелъул хаслъаби тIатинаризе.
Сайид ГIободияс قدس سره мутагIилзабазда гьоркьоб цохIониги къо бахъичIо, хасаб гьухъалисесул рияза гуреб гьесие къабуллъичIо. Сайид ГIободияс قدس سره байбихьана «Силкул гIайин» абулеб тIехьалдаса байбихьун «Сирру къадар» абулеб тIехьалде щун, жиндирго исламияб гIелму камил гьабизе.
РакI бухIун гьединаб хIалалда гьел тIахьазул пикрабазда вукIаго, саламги кьун тIаде щвана Илъяс ва Хизри Аварагзаби عليه السلام.
Сайид ГIободиясул قدس سره рекIел канлъи жидеда бихьидал, гьесул рекIел асарал гьезие загьирлъидал, кIиявго аварагас гьелда цIакъ гIажаиблъи гьабуна.
ГIарипиназда гьоркьов гьев Сайидасдаса قدس سره ракI бацIадав гIуламаазул кьерда Муршидго вахъинарев гIадав гIаламатав инсан вукIана ГIободияв قدس سره жеги гьитIинго. Гьеб бичIчIана бачIинахъего Илъяс ва Хизри аварагзабаздаги عليه السلام.
Сайид ГIободиясул чорхолъ бессун букIана жеги гьитIинго гIажаибго хIикматаб, рагьун гIадамазда жиб лъалареб сирру.
Халкъалъулго Хирияв МухIамад аварагасулﷺ цо хIадисалда абулеб буго: «Аллагьасдасаﷻ хIинкъи-киналго хIикматазул бетIер бугила, варагIги гIаламалъул хан бугила», - абун.
Гьеле гьеб хIадисалда абухъего, кинабго рахъалъ Аллагьасдасаﷻ хIинкъиялъул нухал камилго тIуразарулев ва гIадамазда гьоркьов кутакалда гIамал берцинго хьвадулездасанги бищунго камилав инсан вукIанин абизе бегьула устар Сайид ГIободияв قدس سره, жинда Аллагьﷻ разилъаяв. Гьев тIарикъаталъул гIаламатав устарасул чорхолъ цого заманалда данделъун рукIана, цоцазда хьухьаралгIанги камилго: гIелмуги; гIакълуги; гIамалги. Гьеле гьединав вукIиналъин Сайид ГIободиясул قدس سره цIар ГIарабустаналдаго батIаго къадруялда рехсолебги букIараб, жеги лъимерлъиялъул ригьалдаго чIахIи-чIахIиял гIалимзабазгицин. Гьелъие мисалал абуни гIунги тIокI руго.
Сайид ГIободияв قدس سره вукIана жеги гьитIинго жинда эбел-эменги, гIалимзабиги ва гIакъилзабиги малъарарав гуревги, бищунго цIикIкIун Аллагьгиﷻ малъарараб лъимер. Гьеле гьелъулъ букIана МухIамадхIажи ГIободиясул قدس سره унго-унгояб сайидлъиги ва валилъиги.
ГIелму тIалаб гьабулев чи Аллагьﷻ тIалаб гьабулев чи вуго, - ян гIадада абуларо хIадисалъ. Гьеле гьеб гIелму тIалаб гьабулезда гьоркьовгицин Сайид ГIободияв قدس سره вукIана, Къилба-цIва гIангицин, жив гIажаибго гвангъун сверухъе дунялалдаго вихьулев, хIикматго гIаламатияв ва гIадатияв инсан-гIелму-лъаялъул караматаб ралъад, Аварагасулﷺ суннатал цIуниялъул рахъалъ авал-ахир бихьуларев гIалим. Аллагьасﷻ нилъ киналго ритIун ккезареги ва питна-жагьиллъиялдаса рикIкIадиселлъун ва рацIадаллъунги гьареги гьаб магIирукъалде сверараб дунялалъул заманияб кверкьутIа. Амин!
.Цо къоялъ гIарипиназул бетIер, хъвадаризе лъугьиндал, килщаздаса нур баккун, загьирлъана гIаламат.
Кваранаб хьибилалда гьесда аскIов чIун вуго МухIамад Аварагﷺ .
КвегIаб хьибилалдехун Ильяс авараг عليه السلام чIчIана, хIакълъун жив тIадегIанав Аллагьﷻ рехсейин абун, Сайидасда قدس سره малъаризе лъугьана гьев.
Каранде данде витIун Хизри авараг عليه السلام чIчIана ва битIараб нухдасан кIалъайилан гьесие амру гьабуна.
Гьел аварагзабаздасан Сайид ГIободиясе قدس سره загьирлъана цIакъго чIахIи-чIахIиял мугIжизатал.
Хирияб Къуръаналъул щибаб хIарпалъул жиб-жибалъул магIна, лъабкъоялда анцIгонигиялдеги бахараб даража ГIободиясеги قدس سره загьир гьабун, хириял аварагзаби цереса тIерхьун ана.
Гьеб хIал баччун тамахлъун Сайид Гiободияв قدس سره вукIаго, тIаде лъугьун вачIуна тIарикъаталъул устар Гьухъалиса МухIамад قدس سره.
Дарсил хIалалги гьикъун, устарас хIукму тIалаб гьабуна, интихIам таъвил гьабун, кинабгоги гьикъана. Устарас قدس سره жиндаго малъаралги, гьесул гъоркь хутIаралги, киналниги хIукмаби, мухIкан гьарун рицана, жиндирго мугIалимасе.
Сайид ГIободиясул قدس سره гIаламатго хIикматал ва гIажаибго гъваридал жавабаз цIакъ кIудияб асар гьабуна Гьухъалиса МухIамадие قدس سره.
Гьес Сайид ГIободиясда абуна: -Гьанже, дир вас МухIамад, халват дуе рагьана ва мун гьениве вачине Аллагьасулﷻ рахъалдасан дихъе изнуги бачIана, - ян.
-Я, дир кIудияв эмен, гIарипиназул магIдан! Унго, бажариладай дихъа гьеб жавабчилъи тIаде босун?!
-Дуда расниги ургъел чIваге, дир вас МухIамад! Дуе кумек гьабизе Бухарияв вачIина. ГIабдулкъадир Гилани дур хьибилалда чIчIела.
ТIубараб лъабго соналъ Муршидун Камил Гьухъалиса МухIамадхIажиясда قدس سره цеве цIалунги лъугIун, муршидлъиялъе ижаза щвараб мехалда, Сайид ГIободиясул قدس سره гIумруялъул букIана гIицIго анцIила микьго сон. ГьитIинав чи вукIиналъухъ балагьичIого, Гьухъалиса тIарикъаталъул кIудияв устар МухIамадхIажияс قدس سره Сайид ГIободияв قدس سره бергьарав гIалимчи лъугьиндал, гьесие кьола тIарикъаталъул устарлъи гьабизе ижаза.
ХIеж борхизе ине къватIиве вахъине ният ккедал, Гьухъалиса МухIамадхIажияс قدس سره Сайид ГIободияв قدس سره витIула Сугъралъе ГIабдурахIманхIажиясухъе قدس سره хадубккунисеб гIелму камил гьабизелъун, гьесул киса-кибего цIар рагIараб мадрасаялде цIализе.
ГIицIго анцIила микьго сон! Гьеб хIикматаб гIелму. ТIарикъаталъул устарлъиялъе ижаза.
Жиндир дагьабниги бетIер хIалтIулев чиясе, гьеб гIажаибаб хIужаялъулъ, пикру гьабизе, кутакалда кIудияб гIаламат буго, дир диналъул вацалги ва яцалги. Гьабуларелги Аллагьасﷻ ригьинареги жагьиллъиялъул пакъираб макьил гъапуллъиялдаса. Амин!
ГIобода росу букIана Дагъистаналде дин бачIаралдаса нахъе, гьоркьоса къотIичIого, гьеб Аллагьасул ﷻ нухги ккун, мугIрул тIалъиялъул цIи-цIиял гIелал куцалеб рухIиябгун-гIелмияб къебелъилъун.
ШагIбанкъади вукIана Аваристаналъул машгьурав къадилъун. Гьесул букIана квералъ хъварал тIахьазул цIакъго бечедаб архивгицин. ШагIбанкъадидаса хадуб Аваристаналъул къадилъун вукIана гьесул вас КIудиясулав. Гьесул киналго лъимал рукIана гъваридго гIелму лъалел, шаригIаталъул нух ккурал, Аллагьﷻ разияб хIалалда гIумру тIамурал бусурбаби. Абизе бегьула ГIобода росу гIуцIун букIанин гIадамасул яшавалъе лъикIго рес бугеб бакIалда.
РухIияб цебетIейги якъинго загьирлъун букIана гьениб. ГIобода росулъ хIуригат бахъилелде цебе киса-кирего рагIарал анцI-анцI гIалимзаби, устар, къадизаби, кечI гьабиялъе гьунар бугел чагIи дагьал рукIинчIо.
Гьезда гьоркьов XVII – абилеб гIасруялда Дагъистаналдаго ва гьеб тун къватIивехунги машгьурал гIараб гIалимзабазул цояв ккола ГIободаса ШагIбан Къади. Дагъистаналда гIараб гIелмуги, Аваристаналда хъвай-хъвагIай гIуцIиги, хъвай-цIали цебетIезабиги ШагIбанил жигаралда гIемер эхеде борхун букIана. Амма жакъа къоялде щвезегIан гьесул хIакъалъулъ хъвараб я тIехь яги гъваридаб гIелмияб макъала гьечIо. Гьелъие чанго гIилла букIана. Гьанжеги гьеб гьедин танани нилъеде кIудияб гIайиб гьабизе буго.
ГIиллабазул бицунагун абизе мустахIикъаб буго: жакъа гIадии ракIалда буго лъеберабилел соназ ГIобода мажгиталъул кIудияб библиотека щущахъ биххизабураб къо. Цо бутIа гьелъул бухIана, цогидаб бутIа ракьулъ букътана, жинда жаниб гIемерал Дагъистаналъул гIалимзаби цIалараб мажгит, биххизабуна. Чан батIи-батIиял гIелмиял тIахьал, асарал, кагътал, росдалги-тIалъиялъулги тарихяб хъвай-хъвагIайха гьелда гьоркьоб тIагIун батилеб? Гьезда гьоркьор рукIине ккола ШагIбан Къадилги гIеIмерал документал.
Нилъер талихI буго ГIободаса ШагIбан кутакалда машгьурав гIалимчи вукIин, гьесул гIелму тIолго Дагъистаналдаго т1ибитIараб букIин. Гьеле гьелъ рес кьуна гьесул хIакъалъулъ, дагьаб бугониги, хъвазе. Амма гьеб, нижер хIисабалда, бигьаяб иш гуро: гьесул хIалтIабазе тIубараб къимат кьезе кканани, ратизе ккола гьес хъварал тIахьал, кагътал, документал, лъазе ккола гъваридго исламияб гIелму ва гIараб мацI. ГIемерал соназ хIалтIизе ккола документазда тIад. РакI чIола, гьеб кинабго тIубазабизе рачIунел гIелазе лъкIал шартIал тIаде щун ругилан. Гьеб киналъего гIоло, гьаб макъалаялда цебе ннжеца лъуна гьитIинабго масъала: къокъго машгьурав гIалимчиясул, ГIободаоа ШагIбанил гIумруялъул ва гьесул гIелмуялъул бицине.
ШагIбан Къади гьавуна 1017 (1608—1609) абилеб саналъ ва хвана 1078 (1667 – 1668) абилеб соналъ. Гье динаб хъвай-хъвагIай батун буго живго ШагIбаница хъвараб «Хибар-фи-л-фикх» абураб тIохьода гьоркьоб бугеб цо тIанчида. Гьеб тIехьги цIунун буго Кьохьа СултIан МахIамадил библиотекаялда.
ШагIбан цIализе цIакъго гьитIинаб гIумруялда лъугьана, цин инсул рокъов, гьелдаса хадув мажгиталъув. Гьелъие кIудияб квербакъи ккана гьесул эмен ИсмагIил живгоги цIаларав, росдал къадилъиялде вахарав чи вукIиналъ. Байбихьул лъай щвезе жиндирго росулъ гьесие гIолел ресал рукIун ратизе руго. Гьелъие нугIлъи гьабула Дагъистаналъул гIелмияб централда цебе бугеб Историялъулги, мацIазулги ва литератураялъулги Институталда цIунун ругел гIезегIанго документаз. Гьезие къимат кьолагун, профессор А. Р. ШихсагIидовас хъвалеб бугб гьадин: «Институталъул Бакъбаккул фондалда данде гьарун руго ГIободаса ШагIбанил цо-цо тIахьал, кагътал ва цогидалти документал. ТIахьал хъвай, гьезул копияби рахъи гIатIидго тIибитIун букIана доб заманаялъ Дагъистаналъул цо чанго росулъ ва гьезда гьоркьоб ГIободаги», – ян. Гьел шартIаз рес кьун батизе ккола ШагIбаниеги гIараб гIелмуялде гъорлъе ваккун тIоцересел галаби тIамизе.
Цебе заманаяль гIелму цIалулезул букIана гьадинаб гIадат: росулъ цIалиялъе ругел ресал лъугIарабго гIелмуялъе гьунар бугес ралагьулаан жиндиего цогидал мугIалимзаби ва гьез гIумру гьабулел росабалъе ун дагьабги гъварид гьабулан жиндирго лъай. Гьедин гьабуна ШагIбаницаги. Гьунар бугезин абуни, гьелдаги гIей гьабичIого, дагьалги гъваридал мугIалимзаби ралагьулаан ва унаан Дагъистан тун къватIирехунцин.
Дагъистаналъул гIалимзабазул тIоцересезда гъорлъ ШагIбан Къади жиндирго гIелму гъварид гьабизе ана ГIагараб ва Гьоркьохъеб Бакъбаккул улкабазде: гьев щвана Египеталде, Йеменалде, Сириялде ГIемерал соназ цIалана машгьурал гIарабазул гIалимзабазул нухмалъиялда гъоркь: гъваридго лъазаруна гIараб ва парс мацIал, бусурбабазул гIелму, хасго шаргIияб право, логика, математика, астрономия ва гь. ц. 1639 абилеб соналъ гьев вуссана ватIаналде. ГIарабистаналъул улкабазде нух бахъи ва гьениб рухIалда барахщичIагун гIелмуялда тIад хIалтIиги рикIкIине ккола ШабгIан Къадил кIудияб бахIарчилъилъун, доб заманаялъул ресазда рекъон.
Дагъистаналде ШагIбан Къади вуссана машгьурав гIалимчи хIисабалда ва гьес жигаралда байбихьана жиндирго ватIаналда гIелму ва льай тIибитIизабизе. Гьес гьелъие, хIисаб гьабураб мехалъ, бищунго цебесеб шартIлъун рикIкIун батизе ккола тIадегIанаб гIараб школа рагьи. Ккезеги ШагIбан ккола Аваристаналдаго тIоцебе Мадраса рагьарав гIа-лим. ГIараб мацI букIана гьениб хъвай-цIалиялъул мацIлъунги.
ГIободаса ШагIбанил Мадраса букIана цо чанго цIар рагIарал Дагъистаналъул ГIалимзбазе тIоцебесеб Академиялъун, живго ШагIбан рикIкIунаан гьезул тIоцовесев учительлъун. Босизин цохIо мисал: ГIагараб ва Гьоркьохъеб Бакъбаккул улкабаздаго машгьурав Къудукьа Мусал МухIамадги цIалана ШагIбан Къадил школалда. Гьебги лъугIизабун, жиндирго учителасул нухги тIаса бищун, гьевги уна лъай гъварид гьабизе Сириялде ва Йеменалде. Мусал МахIамад хвана Сириялда ва гьев вукъана Аллепо шагьаралда.
ГIемерал соназ нилъер литератураялда Дагъистаналда рагьун рукIарал гIараб школал рикIкIунаан щибго жидедаса мунпагIалъи цIалулезе гьечIел школаллъун. Гьеб гьереси букIин нилъее якъинаб буго. Мадрасаялда цIалулез динияб гIелмуялда цадахьго, гъваридго лъазарулаан гIараб мацIалъул грамматика, дунялалдаго тIибитIараб гIараб мацI, шаргIияб право, логика (мантика), география, астрономия, математика, философия, гIараб философия, кIалъаялъе ва бахIсалъе махщел, шигIру гьабиялъул, рукIа-рахъиналъул, гIадамасул санитарияб гигиеналъул, хьвада-чIвадиялъул нухал ва гь. ц. ШагIбан Къадил хIаракаталда, жигарчилъиялда рагьараб гIараб школалъ кIудияб бакI ккола 17 абилеб гIасруялда ва хадубги Дагъистанадда рухIияб (динияб) интеллигенциялъул лъикIаланго къокъа гIуцIиялъулъ. Гьелдаго цадахъ ГIободаса ШагIбан Къади вукIана Авар ханлъиялъул кIудияв хIаракатчилъунги. Гьелъие нугIлъи гьабула Аваразул хан ГIамир ХIамзаца ШагIбан жиндирго бетIарав къадилъун (вазир-министр) вачиналъ. Гьеб хъулухъ гьабулагун ШагIбан Къадица кIудияб кIвар кьуна ханасул иш шаргIияб нухалде бачиналъе, росабазда ва тухумазда гьоркьоб маслигIат, тадбир чIезабиялъе, рекъелалъул нухал ратиялъе. Масала: цIунун хутIун руго гьеб мурадалда гьесул квералъ хъварал къотIиял ГIахьалчIи, Гьандихъ, Бакълъухъ, КъахIиб, Гьоориб, ГIобода гьоркьорлъабазул ва жанисел низамазул хIакъалъулъ. Гьединго цIунун хутIун руго цогидалги гьесул квералъ хъварал тарих хъвалезе кьочIое росизе бегьулел хъвай-хъвагIаял ва батIи-батIиял документал.
Амма гьеб хъулухъ ШагIбан Къадица тезе ккана жиндирго пикру ва намусги ханзабазул политикаялде данде ккечIолъиялдалъун. Жив хундерил ханасул хъулухъалдаса нахъе иналъе гIиллаби рехсараб ШабгIан Къадил ханасде хъвараб кагъат буго жеги цIунун. Гьелда бихьизабун буго лъабго аслияб гIилла: мухьдае букIараб къотIи ханас тIубазабичIолъи, гьесул тIалабалда рекъон ханас жиндирго лагъзал эркен гьаричIолъи, Гуржиялде гьарулел рукIарал чабхъенал къотIизаризе ханас инкар гьаби. Бищунго кIудияб гIилла букIун батизе ккола гьаб хадусеб: ШагIбан Къади вукIана шаргIияб нухалъул хIаракагчи, ханзабазе гьеб данде кколароан, гьезие бигьаяб букIана гIадатазда рекъон гIадамазда жидерго кверщел щула гьабизе. Масала: шаргIалъ гьукъула гIадамал лагъзаллъун кквезе, гIадаталъин абуни гьеб биччала. Гьел рехсарал пикрабаз нугIлъи гьабула ГIободаса ШагIбан Къади жиндир заманалъул ритIухълъиялъул хIаракатчи вукIиналъе.
ГIободаса ШагIбан Къадил цIар гIатIидго тIибитIия лъе бищун аслияб гIилла букIана гьев гъваридав гIалим чи вукIин. Гьесул руто гIемерал гIелмиял хIалтIаби. КIудияб кIвар ШагIбан Къадица кьолеб букIун буго шаргIияб право лъазабиялде. Гьелъул хIакъалъулъ гьес хъвана нилъеда лъалел гьал хадур рехсарал тIахьал: «Шарх мисабих», «Минахин ал-Касидин фи-шарх Мин-хадж ал-абидин», «Хибар фил-фикх», «Мафатих шархалмасабих», «Вафи- ал-Мурад». Гьесул рукIине ккола цогидалги тIахьал. РакIчIола гьел балъго хутIунгутIиялда. Гьезие букIине кколеб къимат кьезе кIвезе буго гъваридго гIараб гIелму цIаларав чиясда. РукIина гьединал гIалимзаби.
Амма жакъа нилъеда якъинго абизе кIола: ШагIбан Къадил тIахьал Дагъистаналда киса-кирго тIиритIарал рукIанилан, гьел лъалаан Гьоркьохъеб ва ГIагараб Бакъбаккул улкабаздаги. «Правоведениялда (фикх), – ян хъвалеб буго гIарабист М.-С. СагIидовас. – Дагъистаналъул правоведал рукIинчIо такрарчагIилъун. Гьез фикхалъул гIемералго суалазул жидецаго, лъидаго рачIого, гьваридго цIех-рех гьабуна. Гьелъие гIоло гьединал гIалимзабазул тIахьазул цо бутIа забруялда кьабун къватIире риччан рукIана Стамбулалда, Каиралда ва Маккаялда». ЦохIо гьелъги нугIлъи гьабула ЩагIбан Къадил шаргIияб правоялъул хIалтIабазул бусурбабазул улкабазего кIудияб кIвар букIиналъе ва гьезул гъварилъиялъеги. Цойгиги ШагIбан Къадил хIалтIабазул цIакъго кIудияб кумек букIана Дагъистаналъул рухIияб интеллигенция гIезабиялъе, гIадамазе тарбия кьеялъе, гьел шаргIиял нухалдасая рачиналъеги.
ГIободаса ШагIбан Къади мустахIикъав вуго кIудияб реццалъеги ва тIадегIанаб къиматалъеги тIоцебе магIарул алфавит-гIажам гIуцIарав чи вукIиналъги. ШагIбанида бичIчIун батизе ккола рахьдал мацIалъул кIудияб кIвар букIин рухIияб гIелму тIибитIизабиялъе, гIадан цеветIезавиялъе, гIадамазе тарбия кьеялъе, хъвай-цIали халкъалда гьоркьоб тIибитIизабиялъе. Абизе ккола рахьдал мацIалда хъвай-хъвагIай ккола, битIахъего, беццасе канлъилъунги, гIинкъасе рагIилъунги. ШагIбан Къадица гIажам алфавит гIуцIана гIараб алфавиталъул кьучIалда. Гьелда гIажаиблъи гьабизе ккараб бакI гьечIо. ТIолгодунялалдаго миллиял алфавитал гIуцIарал руго цогидал алфавитазул аслуялда. ГIараб мацIалда гьечIел магIарулал гьаркьазе (лъ, хъ, чI, гI, хь, ц ва цогидазеги) гьес ургъана гIадамазе бичIчIизе бигьаяб гIадатаб нух: тIанкIазул, хIуччазул кумекалдалъун лъугьинаруна гьел. Гьедин бижана жакъаги нилъеда кIоченчIеб, 30–абилел соназде щвезегIан нилъер умумузе чирахълъун букIараб хъвай-хьвагIай гIажам.
Цо-цо гIалимзабаз къасдал гьаруна гIажам гIуцIиялъе ШагIбан Къадил хIаракатчилъи гIодобегIан бачине, гьеб XVII– абилеб гIасруялдаса XVIII – абилеб гIасруялде цIазе. Гьеб тIекъаб къасдалда нилъеда рекъезе кIоларо. Узухъда, ШагIбаниде щвезегIанги ратула цо-цо хъвай-хъвагIаял гIараб хIарпазул кумекалдалъун магIарул мацIалъ хъварал, амма гьезда гьоркьор гьечIо гIараб мацIалда гьечIел магIарул мацIалъул хасал гьаркьазе ургъарал ишараби. Гьелъие нугIлъи гьабула жакъа къоялде щвезегIан цIунун хутIарал цо чанго ШагIбан Къадил квералъ магIарул мацIалда гIажамалъ хъварал документаз. Масала: ГIамир ХIамза-нуцалас ПатIимат ва Шахун лагълъиялдаса эркен гьариялъул грамота. ГIахьалчIи, КъахIиб ва Гьоориб рссабазул жамагIатазул къотIиял ва цогидалги документал. ШагIбан Къадил авар алфавит-гIажам гIуцIиялъе ккараб гьунар, гьесул къадру гIодобе бачиналъул ва магIарулал хъвай-хъвагIайги гьечIел гIадамал рукIанилан чIезабиялъул мурадалда батизе ккола, цо-цо автораз хъвалеб буго: гьес магIарул рагIаби Хунзахъ диалекталда гуреб (живгоги гьеб диалекталъул инсан вукIаниги) болмацIалда хъвалел рукIанила. Дир хIисабалда гьес битIун гьабулеб букIун буго, щайгурелъул болмацI букIиндал киналго магIарулазда бичIчIулеб мацI. Гьединлъидал ШагIбан Къадие къимати кьолагун, нилъеда абизе тIадаб буго: гьев ккола авар мацIалъул хъвай-хъвагIаялъе гуребги, магIарулазул литертурияб, киназего гIаммаб мацIалъе кьучI лъуразул цояв. Абизе мустахIикъаб буго: гIаммаб хъвай-хъвагIаялъул мацIалъ кIудияб нух рагьана рикь-рикьарал магIарулазул жамагIатал цолъизариялъе, гьезул гIумру рукIа-рахъин ва адабият цебетIеялъе. Хадусел гIасруязда цогидал гIалимзабазул, хIаракатчагIазул жигаралдалъун, гIажам хъвай-хъвагIай щулалъана, гъварилъана ва тIибитIана.
ШагIбан Къади чIаго вугеб мехалъго машгьурав, къадру бугев гIалим вукIана. Дагъистаналдаго гьесул кIудияб къимат гьабулаан. Гьеб заманалдаго гьесда щайих, «устаз Иртакки. ал-Авари ал-Убуди» – йилан абулаан. Гьев веццун гьарурал назмаби ва шигIрабиги дандчIвала. Масала: Табасаран районалъул Лиджи росулъ батараб тарихалъул хIакъалъулъ бугеб хъвай-хъвагIаялда руго ГIали Багъдадияс ШагIбан Къадиде гьарурал кучIдул.
Живго ГIали вукIун вуго машгьурав гIалимчи ГIободаса ЩагIбанил заманаялъ Тарки рссулъ чIарав гьев вукIун ватизе бегьула ШагIбан Къадил тIоцересел учительзабазул цояв.
Живго ШагIбан Къадицаги гьарулаан назмаби, кучIдул. Шангъодаса И. РапихIажиясул библиотекаялда бугеб «Джавахир ал-Куран Муххамада ал-Газали» абулеб тIохьода гьоркьоб цIунун буго гьесул гьединаб гьунар букIин загьир гьабураб хъвай-хъвагIай. Амма гьесул жалго шигIраби дихъе щвечIо. Гьаб бакIалда гьаризе бокьун буго цIалулезда: ШагIбан Къадил хIакъалъулъ нужехъ ва нужеда лъалезухъ кинаб букIаниги хъвай-хъвагIай батани тоге гьеб чIалгIаде бегун, бахъе газеталда, яги битIе гьаб адресалда: МахIачхъала, 26 Бакуялъул ксммиссаразул къватI. 57, кафедра истории, Шигьабудинов.
ШагIбан Къадил лъималги рукIана цIаларал гIадамал. Гараб гIелму щваразда гъорлъ руччаби цIакъго дагь гурони рукIинчо. Дагътстаналда доб заманалъ гьезда гьоркьой рехсезе ккола ШагIбан Къадил яс. Гьесул вас МухIамад эмен хвараб соналъги цIалулев вукIана Хунзахъа Атанасил вас Хотенида цеве, гьес копиял рахъарал чанго тIехьги цIунун хутIун буго. МухIамадилги букIана Мадраса. ШагIбан Къадил васасул вас МухIамадги лъугьана къадру бугев гIалимчилъун 1730 – абилеб сональ, кIудияв эменго гIадин, гьевги вукIана хундерил ханасул къадилъун
Гьев хвана 60 сон бараб мехалъ, амма гIелмуялда рахъ тана гъваридаб. Гьелъие нугIлъи гьабула ункъгогIан гIасруялъ цеве вахъарав ГIободаса ИсмагIилил вас ШагIбанил нилъеда жакъаги бищине кIвеялъ, жакъаги гьесул гIелмуялъул кIвар букIиналъ. Нуж ГIободе лъугьунаго нужеда батизе буго къадада рекъезабураб гьеб мармаралъул ганчIил хъарщи. Божула гьеб даималъго букIиналда ва гьелда релълъарал цогидалги раккиялда.
Гьеле гьединаб гIелму-лъаялъул щулиял кьалбазда тIад бижараб букIана Сайид ГIободиясул قدس سره гIелму-лъаялъул гIаламатго хIикматаб рохтиялъул, гьайбатго баракатаб гъветI.
ГIАБАДЕРИЛ ГIАЛИМЗАБИ
ГIОБОДАСА ШАГIБАНКЪАДИ
Шигьабудинил МухIамад
Сайид ГIободиясул قدس سره лъимерлъиги гIолохъанлъиги ва тIолабго гIумруги ана диналъулги, динияб гIелмуялъулги, гIалимзабазулги къимат ва даража кIудияб борхалъиялде бахараб заманалъ. Гьелъул асаралда гъоркь щвана гьесие тарбияги, лъайги, гIелмуги, цIарги, гIелмуялъул иццилан жинда цIар тарав ШагIбанкъадил росулъ ГIобода.
Гьев жиндир сверухъе цIар рагIарав бергьарав гIалимчи ШагIбанкъади гьавуна 1609 соналъ ГIобода росулъ. Гьесие динияб гIелмугун тарбия щвана жиндирго эмен ИсмагIилидасан. Хадубго абуни ШагIбанкъадица гIелму тIалаб гьабулаго сверана тIолабго Дагъистан гуребги, Иранги, Йеменги, Сирияги, Египедги, Турцияги.
1639 соналъ ШагIбанкъадица рагьана ГIобода росулъ жиндирго мадраса ва гьенир цIалулел рукIана тIолабго Кавказалдасаго мутагIилзаби.
Гьев ШагIбанкъадияс, гIелмиябгун-динияб лъайги кьун, жиндирго мадрасаялда цIализарурал руго, жидер цIар дунялалдаго машгьурал дагъистаналъул гIалимзаби: Кьохъа Салманги, Къудукьа Мусалавги ва гьел гурел гIемерал цойгидалги машгьурал гIалимзаби.
Гьел ГIобода цIалулеб мехалъ, ШагIбанкъадиясул яс, Марям йикIана инсуца гIелму малъарай гIалимчIужу.
Бицен буго, Марям щибиб базаркъоялъ, чодаги рекIун, ячIунаанила Хунзахъ базаралде. Гьеб къоялъ гьениб букIунаанила гIалимзабазул кIудияб бахIс.
Цо нухалъ гIалимзабаз Марямие «МахIалиялдасан» жаваб кьезе бегьулеб цо суал кьунила. КIвечIила Марямида гьеб суалалъе жаваб кьезе. Гьеб квеш букIарай Марям, пирилъун, чол кьолониеги кIанцIун, чуги хъамун анила ГIободе. ГIабадерил мажгиталъул горда цебе чуги чIчIезабун, ахIун бугила Марямица:
- «МахIали» къватIибе бегьея, дибир!
- «МахIали» гьечIо.
- «ХIаллуниги» гьечIищ, дибир?
- Эбги гьечIо. «Ижаз» бугоха.
Гьелда ракI рекъечIей Марямица, чода цIалги кIутIун, дибирасде ахIун буго:
- «МахIали» гьечI, «ХIаллу» гьечI, мун хваяв «Ижаз» дибир! - абун.
Гьей жиндирго яс Марям Кьохъа Салмание кьун йиго ШагIбанкъадияс. Цо нухалъ къаси, регизе бусаде рахараб мехалъ, Марямица, росасе логикаялъул суалалги кьун, абурабила гьел суалазе жаваб кьезе лъачIони, Салман, мун дида къаси, рос хIисабалда хъвазе, гьечIилан. Нахул чирахъухъе гьел суалазе жавабал хъварал кагътил тIамчал цо-цоккун Марямида цере рехун ругила Кьохъа Салманица, «цIалулей йикIа гьанже дурго!», - янги абун.
ГIАБДУРАХIМАНХIАЖИ СУГЪУРИ قدس سره
Цинги Сугъурияс قدس سره холеб мехалда,
Халапалъун гьавун чIчIезе гьавуна.
Суннат цIи гьабуна, адаб малъана,
Аварагасﷺ гIадин, хъизан хьихьана.
Гьаб къарнуялъул жив Имам вугилан,
Ижтигьад жиндие букIин лъалаан.
Гьесие гьеб букIин щаклъи гьечIолъи,
«Шархул мухтасаралъ» баян гьабуна.
1846 соналъ хадубккунисеб гIелму тIалаб гьабизе Сугъралъе ГIабдурахIманхIажиясухъе قدس سره унеб мехалда, тIадехун абухъе, Сайид ГIободиясул قدس سره букIана гIицIго анцIила микьго сон.
Сугъулдерил мадраса дол соназдаго букIана Дагъистаналдаго бищунго цIар аразул цояблъун. Нахъе цIунун хутIарал биценазда рекъон, гьениб цого заманалда рагIа-ракьанде щвараб гIелму малъулеб букIун буго 150-200 мутагIиласда. Гьелги рукIун руго тIолабго Кавказалдасаго, лъикIаздаса лъикIал тIаса рищун, цIализе росарал мутагIилзаби. ГIелмуялда хадув чIчIарав чиясе Дагъистаналда гьелдасаги тIокIаб мустахIикъаб бакI батизе захIмат букIана: дунялалдаго машгьурав Муршидун Камил ГIабдурахIманхIажи Сугъурияв قدس سره, тIадегIанаб мадраса, къиматал ва къанагIатал тIахьал. Гьеб кинабго букIана цолъун, цого заманаялда, гьеб мадрасаялда.
ТIоцебесеб къоялдаса байбихьун ГIабдурахIманхIажияс قدس سرهхасаб кIвар кьезе байбихьана гьев гIаламатав гIарипинасде. ТIарикъаталъул кIудияв устарасда бихьана Сайид ГIободиясул قدس سره гIелмуялдехун бугеб бергьараб гъира-шавкъги, пагьмуги, гьесул гIажаибго рекIелъ босулеб хIеренаб гIамал-хасиятги. Гьеб кинабгоги хIисабалде босун, ГIабдурахIмагхIажи Сугъурияс قدس سره исламияб гIелмуялъул чархида ккун бегIерги камилги гьабуна Сайид ГIободиясул قدس سره тIолалго рахъал. БатIаго кIвар кьун малъана гьитIинав Сайидасда жиндаго лъалел тIолалго гIелмаби. Ва «МУЖАДИД» -дин цIигьабулев чи -абураб цIарги кьун, кIодо гьавуна МухIамадхIажи ГIободияв قدس سره жиндирго киналго мутагIилзабаздагицин гъорлъ.
Сугъралъа ГIабдурахIманхIажиясул قدس سره мадрасаялъул, ва гьениб кьолеб букIараб гIелмуялъул бицани, нилъее гIела гьенир хаду-цере цIаларал гIалимзабазул цIарал рехсаниги. Гьенир цIалана Сайид ГIободиявго قدس سره гIадин, исламияб гIелмуялъухъ гIащикъал, заманалдасан жал дагъистаналъул рухIиял цIвабилъун кенчIезе ругел муршидал: Генуса ГIабдуллагьхIажи; ЦIадахIариса ИлъясхIади; Хукниса МусахIажи; ХIоцоса ГIабдулатIипхIажи; КIикIуниса МухIамадхIажи Маданияв; СалтIаса УзунхIажи; Могьохъа АтанасхIажи; ГьаракIуниса Султанкъади; ГIахъущиса ГIалихIажи; цIар-цIарккун рехсечIониги, гIемерал цогидалги.
Сугъралъа ГIабдурахIманхIажи قدس سره, къутIбу, жиндаса Аллагь разилъаяв, къотIараб гъазаваталдаги, къотIараб тIарикъаталдаги гьоркьове ккарав чи вуго.
ГIабдурахIманхIажи Сугъурияс قدس سره абулеб буго: «…Дунги дида цере рукIарал киналго машаихзабиги мукIурал руго Сайид ГIободиясе قدس سره кIиго жоялъе: кинабго рахъалъ щвалде щун Аварагасулﷺ суннат цIуниялъеги ва гьелдаго цадахъ шаргIалъул нухалда хъизан хьихьиялъеги.»
Живго тIарикъаталъул устарлъун кколев вукIун, ГIободиясухъе قدس سره тIарикъаталъе ижаза кьуниги, гьесда лъан буго гIадамазда тIарикъат гьабун бажарулеб гьечIолъи, гьел дунялалдехун цIакъго гьетIун рукIин, хIарамлъиялда хIинкъун, хIалалабги толеб гIамалалдаса гьел рикIкIалъун рукIин, мутIмаина – цо хIалккун чIолеб хIалимлъи гьезухъ гьечIолъи.
Сайид ГIободияс قدس سره жиндирго тIехьалда хъвалеб буго, устар вукIине кколила, жиндихъе тIарикъат босизе вачIарав бусурманчиясул ракI хъатиниб лъураб гIадин бихьулевлъун, гьесда лъазе кколила гьес гьеб тIарикъат гьабулищ-гьабуларищали, гьесухъе тIарикъат кьуни, устарас гьев берзукьа ворчIизе тезе бегьуларила, тIарикъаталъул байбихьи бидгIа теялъулъги Суннат цIуниялъулъги бугила.
ГIабдурахIманхIажи Сугъуриясулги قدس سره Сайид ГIободиясулги قدس سره рухIияб хурхен даимаблъун лъугьана ва гьеб сундаго гьоркьоб къотIизабизеги кIвечIо, кигIанго диналъул тушбабаз гьелъие хIаракат бахъаниги. Гьезул кIиязулго инсулги васасулги гIадаб гьуинаб гьоркьоблъи цIунун хутIана тIарикъаталъул кIудияв дарвищ устар ГIабдурахIманхIажи Сугъурияв قدس سره гIумруялъул 92 сонги бан 1882 соналъ Гъоркьияб Гъазданущиб накълолъизегIан.
Сайид ГIободияв قدس سره вукIана ГIабдурахIманхIажи Сугъуриясул قدس سره мурафакъан-диналъул ва гьабулеб жоялъул даимав гьалмагъ.
ГIабдурахIманхIажи Сугъурияс قدس سره Сайид ГIободиясе قدس سره кьола дагъистаналъул халкъалда кIиябго тIарикъат малъизе ижаза: Лаиллагьа илаллагь абурабги ва жалалияб лафзалдалъунги.
Гьедин гIемераб заманалда Дагъистаналда кIиябго тIарикъаталъул устарлъун вукIана Сайид ГIободияв قدس سره, жинда тIад Сугъралъа ГIабдурахIманхIажияс قدس سره хасаб халгIатги ретIарав ва чалмаги къарав камилав маъзум.
ШАРИГIАТАЛЪУЛ КЪАНУНАЛ ЦIУНАРАЗУЛГИ РУХIИЯВ ЦЕВЕХЪАН
Сайид ГIободиясул قدس سره гIелмуялъул хаслъабазул бищунго аслияб рахълъун букIана, гьев МухIамад аварагасулﷺ суннат цIунаразул бищунго камилазулги камилавги ва шаригIаталъул къанунал цIунаразулги рухIияв цевехъанлъунги вукIин.
Живго ГIабдурахIманхIажи Сугъуриясгицин قدس سره абулаанила: «Дунги дида цере рукIарал машаихзабиги мукIурал руго ГIободиясе قدس سره гьес Аварагасулﷺ суннат цIуниялъеги ва гьелда нахъ вилъиналъеги» - абун.
Сайид ГIободиясул قدس سره суннаталда нахъ вилъиналъул кутакалдасан буго, гьев хъарпуз цебе лъураб мехалъ, заманаялъ гьеб кваначIого чIчIей, живго МухIамад аварагасﷺ кин гьеб къотIараб ва кин кванарабали лъазегIан. ГIободияс قدس سره гьебго шартI тIалаб гьабулаанила жиндирго хулапааздасаги, муридзабаздасаги ва тIолалго бусурбабаздасаги. Гьеле гьединлъидалин халкъалда гьоркьоб гьесул къадру-къиматги цIакъго тIадегIанаб букIараб, гьесул рагIиги инкар гьечIеб букIараб гIадамазе.
ГIободиясул قدس سره ниятги, рекIел пикрабиги, напсалъул хIалги, кIалзул каламги цадахъ рекъон, цоцаздаса тIечIого, цо гIадин, хIалтIулелги рукIарал кидаго ва сундулъго.
Гьеб кинабго тастикъ гьабулеб цо гьитIинабго мисалги бачун телин: Сайид Гiободиясул قدس سره жиндирго хуриса бачIараб хIалалаб тIощалил лалги тIамун, Муршидун Камиласда абула, рокъове лъугьун вачIарас, лъугIанинха, МухIамадхIажияв, дур лал тIамунилан абун. Сайид ГIободияс قدس سره гьесда абула гьеб тIощел гьанже жиндие хIарамлъанинха, дир васан абун. Эб кинин дурго хуриса бачIараб хIалалаб тIорщел дуе хIарамлъулилан, гIажаиблъи гьабун хутIула рокъове жаниве вачIарав.
Устарас гьесда абула: «Нужеца, как ахIулеб мехалъги, лал тIами гьоркьоб къотIизе течIо. Как ахIулеб мехалъ гьабураб хIалтIиги хIарамаб букIуна, дир вас. Гьеле гьеб буго дие дирго тIощел хIарамлъиялъе ккараб гIиллаги» - ян абун.
Гьелдасаги мухIканаб хIакъикъат цохIо Аллагьасда ﷻ лъала хирияв валиясул хIакъалъулъ.
ХIЕЖАЛДЕ ТIОЦЕБЕСЕБ САПАР
ЛъагIилухъа машгьурав гIалимчи Шангерейил рагIабазда рекъон, Сайид ГIободияс قدس سره лъикIаланго моцIал рала: Хунзахъ, БакьагьечIиб, ТIануси, ХъахIабросулъ, ИнкIкIвалита, Бекьилъ, Гьарадерихъ, ИштIибуриб, ТIаса Колоб, Хьиндахъ, ГIорутIа, Харахьи, Гьамущи, Хушдада, ГIандиб, Алмахъалда, Ахъташалда, Юрт ГIавухъалъ, Эрпелиб ва цогидалги росабалъ.
ИнкIкIвалита, микьгогIан соналъ ХIалимат-эбелги ячун, жанив вукIараб гьесул хIужра рукъги, цIигьабураб зияратги буго.
ГIезегIан соназ гьеб исламияб гIелму халкъалда гьоркьоб тIибитIизабиялъулъ бергьараб жигарчилъиги бихьизабун, 1866 соналъ Сайид ГIободияс قدس سره хIукму гьабула, щивав жиндир рес бугев бусурбанчиясда Аллагьас ﷻ жиб тIадаблъун гьабураб исламалъул рукну-фарз тIубазабизе хIежалде сапар бухьине.
Гьеле гьедин, жиндирго мурад тIубазелъун, Сайид ГIободияв قدس سره хIежалде ине нияталда къватIиве вахъана. Мадинаялде къокъана, халкъалъул хирияв МухIамад Аварагасул ﷺ равзаялде кигIан хехго кIваниги щвезе бугеб мурадалъ. Хирияв Аварагасул ﷺ шафагIаталде хьул лъун, ХIабибасдаса нечон, равзаялъул кавудахъго Сайид قدس سره гIодов кIусана.
Циндаго гьев тамахлъун, хIаяъ бергьун, хIал хисун лъугьана. ХIабибасул изну щун, Сайид قدس سره жанив лъугьиндал, МухIамадун Мустафа ﷺ гьесда берда вихьана, гIурччинаб нурги тIаде бан, гIажаибго берцинаб куцалда.
КвегIаб ва кваранаб рахъалда ругездаги рагIизабун кIалъалев МухIамад ХIабибги ﷺ вуго.
-Я Сайидул мурсалин, хIакъав Бичасул шапигI, аман шафагIат! - илан Расуласда гьарана Сайид ГIободияс. - Я хатамул амбияъ, хIакъав Бичасул магIбуд, дуда цеве вачIарав нахъе чIваге, мустафа! -Я дир хирияв гьудул, хIакъав Муршидун Камил! Гьаб нусго соналъ хIукму дур амруялда букIине буго. Дир гIадилав халапа, дуца гIадлу кибго бацIцIадаб гьабе. ШаригIаталъул нухда гIадамал чIчIезе гьаре. Ахирзаманаялъул ислам тIеренаблъидал, гIадамазе бигьаял шаргIалъул нухал малъе!
Гьединаб къагIидаялъ халкъалда дин-ислам малъейилан Хирияв ХIабибулагь ﷺ Сайидасда قدس سره кIалъана. Ва гьеб лъугьараб вакъагIат ГIободиясги قدس سره балъго тана, жинда цеве вукIарас иршад жиндий кьезегIан. Гьелдаса хадуб хирияв муршидас шаргIияб нух гIадамазда малъизе байбихьана, шапигIияв Имамас бихьизабураб куцалъ. ШаргIалъул нух тIубазе гьаб халкъалда тIадабилан, тIадабщинаб жоги гьезда малъун, шаригIат цIи гьабуна. Гьеб шаргIалъул битIараб низамалда рекъон жал хьвадичIел чагIиги, гIазабалъулъе ккезе рукIинги якъинго хIакъикъ гьабун бицана гIадамазда.
Аварагзабазул хирияб ракьалда, паризаяб хIежги камилго тIубан, Дагъистаналде тIад вуссиндалги, цIияб гъира-шавкъалда байбихьана Сайид ГIободияс قدس سره динияб бичIчIикьеялъулаб хIалтIи халкъалда гьоркьоб гIатIидго тIибитIизабизе.
ХIАЛИМАТ-ЭБЕЛ ЛЪАДИЛЪУН ЯЧИН
ТIоцебесеб нухалъ хIежалде арав чи Сайид ГIободияв قدس سره гьенив лъикI гьечIого унтун лъугьуна. Гьесулгун лъай-хъвай ккарал СайгидхIосен Къурайшияс Гьев вукIуна МухIамад Аварагасул ﷺ наслуялъул чи Маккаялдаса ва гьесго изну кьурав ГIабдулпатахI Маккиян абулев КъутIбул гъавсас Сайид ГIободиясда قدس سره абула дуе ИнкIкIвалитIаса ХIалимат абулей чIужуги данде ккезе йигин, дуе дурго мухъалъул гьава-бакъги рекъон ккезе бугин абун. Гьединлъидал, Сайид ГIободияв قدس سره Дагъистаналдего тIад вуссуна.
Гьес рокъове щваравго абула инсуда жиндие ХIалимат абулей яс абизе ине кколин мун ИнкIкIвалитIе -абун. КигIанго бокьун букIинчIониги, Къебеддибир уна гьениве жиндирго васасе ХIалимат абулей яс абизе. Гьей ясалъул инсул рукъги цIехон, гьенивеги ун, Къебеддибирас бицуна жиндирго мурад тIоцеве вихьулев вугев чиясда. Гьев кара биххун лъугьуна, мун щив жив инжит гьавизейищ, яги жиндир квергIанасей лъимер ялъаргъиневищ гьаниве гьеб хабаргун вачIун вугеванги абун.
Инсуца ахIун жидедаго цейе ячIинайула, кьватI-кьватIарал хIатIалги ругей, тIад басриябго ретIелги ретIарай, гьитIинабго лага-черхалъул яс.
-Валлагь, дицагогицин абиларо гьай квер гIанасей лъимер дирго васасе лъадилъун кьеян, -илан абула живго Къебеддибирасги, бетIерги кIибикIизабулаго.
Инсуца васасда бицуна жиндирго ИнкIкIвалитIе гьабураб сапаралъул ккараб-тараб. Сайид ГIободияс قدس سره инсуда щибго жо абуларо.
Нахъисеб къоялъ къалъилелде, гьей жиндирго ХIалимат абулей ясги цадахъ ячун, ГIободе вачIун вуго дов ИнкIкIвалитIаса Халилил ГIумар, жиндир яс васасе ячеян Къебеддибирасда гьаризе. Къебеддибир гIажаиблъун хутIун вуго, сонгицин додигIан данде чIчIун вукIарав гьев, ясги ячун, циндаго, жакъа жиндирго рокъове вачIиндал.
ХIалиматил инсуца абунила Къебеддибирасда, сон мун нахъе аралдаса, жакъа гьаб нужер росдал лъар бахинегIан, жиндие рахIат течIин цо киналалиго чагIаз, дур мурад тIубазабиян абун. Гьелъ вачIаравги вугин жив, дуда тIаса лъугьаян гьаризеги ва дур васасе гьай дирго ясги кьезеги абун.
ИНКIКIВАЛИТIЕ ГОЧИН
ТIубараб лъабго-ункъгониги соналъ босизе рес букIараб гIелму-лъайги Сугъралъ мадрасаялда жиндирго устар ГIабдурахIманхIажиясда قدس سره цеве цIалунги босун, Сайид ГIободияв قدس سره тIад вуссуна жиндирго росулъе ГIободе.
Амма гъениб гIемераб заманго бачIого, МухIамадхIажи قدس سره гочуна ИнкIкIвалитIе ва гъенив Халилил ГIумар абулев гIалимчиясул яс ХIалиматги ячун, микьго соналъ чIола ИнкIкIвалитIа, ИщтIибури-Колоб, Бекьилъ ва ХъахIабросулъ мутагIилзабазда гIелмуги малъун, яшав-магIишатги гьабун. ИнкIкIвалитIа гьесул хIужра-рукъалда тIад зияратги буго. “Шайих ГIободиясул قدس سره мюридзаби ва чIахIиял гIалимзаби рахъана ИнкIкIвалитIаса ХIосенил Халит, ХIажидада, ХъарахIумахIажияв”-ян ракIалде щвезабулеб буго ИнкIкIвалитIаса хъвадарухъан жиндир мунагьал чураяв МухIумагIалил ГIабдулагьица. Хадубги гьес бицана:
«Гьал гIалимзаби шайих ГIободияс قدس سره рачунел рукIун руго ГIобода, ГIоротIа ва цойги росабалъ мадрасабазда мутагIилзабазе дарсал кьезеги.
Жиндир мунагьал чураяв ХъахIабросулъа дир кIудияв инсул вац ХIассаница бицун буго: “Мунагьал чурад нилъее жиндир баракат щваяв ХIосенил Халит унтун хвалил боснов вугеб мехалъ эсул къаданив гIодов чIун вукIарав гIалим-ХIажидадада ракIалде ккола гьадинав гIалимасулги гьадин захIматго гурони бахъулареб аб рухI нилъе-нилъер киндай бахъила абун, гьоркьоб цо дагьаб заман ингун холев вугев Халитица абунила: «Гьадин захIматго бахъани гурищ эб рухI бахъи хирияб букIунеб» -абун, бихьулишха цере рукIарал мюридзабазул букIун бугеб рекIел хIал ай хIузур ва гьезул макъам цоцазул рекIелъ бугеб пикру цоцада бичIчIи. Аллагьас гьел чIахIиял чагIазул баракат камун нилъ тогеги.
Цойги чIахIиял чагIаз бицунеб рагIана. ИнкIкIвалитIаса Иласил ПатIиматица магьил къвалицаги къан мугъалда баччун ИнкIкIвалитIаса ГIоротIе швезегIан шибниги гIакъубаги бихьичIого баччанила шайих ГIободиясул قدس سره занкIун тIахьазул цIураб кIудиб гъамас -абун».
Цо заманалдасан гьениса гъев гочуна ГIорутIе.
Гьеле гьей ХIалимат-эбелалъул зиярат буго ГIоротIа росдал хабалалъ, жинда тIаде жакъа къоялъгицин гIемерал гIадамал хьвадулеб. Сайгид-МухӀамадхӀажи ГӀободиясул قدس سره хъизан ХӀалимат-эбел ккола Аллагьасул кӀудияй вали. Аллагьас ﷻ гьезул баракат камун тогеги нилъ киналго бусурбаби. Амин!
ГIОРОТIА РОСУЛЪ БУГЕБ МАСЖИД ВА ЗИЯРАТ
ГӀорутӀаса МухIумал МухӀамад-Расул
Дагъистаналда ругел киналго масжидалго гӀадин, коммунистазул заманалда ГӀорутӀаги масжид къана, амма, кидаго, гьел бетӀерлъиялда ругеб мехалъги, ГӀорутӀа цониги нухалъ рузман бай, хутӀба, вагӀза-насихӀат гьаби течӀо ва, гьедйнго, балъго лъималазда къуръан малъи ва исламияб гӀелму малъиги гьоркьоб къотӀичӀо.
Нилъер умумуца масжидалъе кьун буго, тӀолабго жамагӀаталъе лъикӀаб гьариялъе, вакъфоялъе, нухал рахъизе, лъадае, канлъиялъе, батӀиял росабалъа масжидалда цӀалдолел мутагӀилзабазе ва цогидал лъикӀал ишазе, нусиялда анцӀила цо хур яги ахги, гьел хурзалги ахалги кодор ругел, гьел хӀалтӀизе гьарулел гӀадамаца бащадаб бачӀин кьолеб буго масжидалда хӀалтӀулел будун-дибирасухъе, бащадаб бачӀин, хӀалтӀизе гьабуралъухъ, мухь хӀисабалда жодоегоги тун.
Гьеб малъичӀого, росдал гӀемерисеб хур-ахалда тӀад лъун буго гьебго ишалъе, анцӀго къалиялдаса цо сахӀиде щвезегӀан хӀалухъин, гьебги щибав чияс кьолеб буго гьезухъего. Щибаб моцӀалъ цо-к1иго нухалъ зикру бачунги бачӀунеб буго гӀарац, гьелде тӀадеги, гӀакъуба бихьичӀого боцӀи щваразги масжидалъе, зияраталъе кьолеб буго хӀал кӀвараб гӀарац.
ЗИЯРАТАЛЪУЛ ХIАКЪАЛЪУЛЪ
Сайгид-МухӀамадхӀажи ГIободиясул قدس سره хъизан ХӀалимат-эбел ккола Аллагьасул кӀудияй вали. Гьей хварай мехалъ, гьенире кверкьеялде ГӀободиясде قدس سره зигар гьабизе рачӀана кинабго сверухълъиялда ругелщинал гӀалимзаби, шайихзаби ва варагӀалъул агьло. Зигаралъ рачӀаразда гъорлъ рукӀана гьадинал гӀалимзаби: Инхоса ГӀалихӀажияв, Инус ХӀажияв, НурмухӀамад ХӀажи, Багьаудин ХӀажи, Сиражудин хӀажи, Дарбиш МухӀамад ХӀажи; Харахьиса ХӀажиявдибир, СагIитдибир; МестӀерохъа НурмухӀамаддибир, ХӀоцоса АхӀмад-хӀажияв, ГӀабдулатӀип; КӀикӀуниса МухӀамадхӀажияв, Сугъралъа ГӀабдурахӀман-хӀажияв, ШайихгӀали, ШапигӀ-хӀажияв, Генуса Ражабилав, Игьалиса ГӀаликъади, ЧӀохъа МухӀамадгӀали, Маккашарип, ГӀахьалчӀиса ГӀумардибир, Эргъен МухӀамадхӀажи, МуртазагӀалихӀажи; Хушдаса Пир-МухӀамадхӀажи, Ингишоса АбубакархӀажи, Аргъваниса МухӀамадхӀажи, Хунзахъа Сайпулакъади; Гъомекиса ХӀажи-АхӀмад, СалтӀаса УзунхӀажи; МестӀерохъа НурмухӀамаддибир, Чачаналда ругел ГӀободиясулقدس سره киналго маъзумал: ИскӀихӀажи, ГӀабдулкъагьир, Илисхан, ТӀалхӀат, ГӀабдулкъадир ва гь.ц.
ХӀалимат-эбел йикӀун йиго къад кӀалги ккун, къасе тӀагӀат гьабун, жаний чӀарай, гӀелмуги-варагӀги бугей Аллагьасул кӀудияй вали.
ХӀалимат эбел юкъиялъул хӀакъалъулъ гьадинаб кӀалъа-бацай ккун буго гӀалимзабазда гьоркьоб: цояз абун буго хварай бакӀалда, Коло росулъ юкъеян, цояз гьаюраб бакӀалде ИнкӀкӀвалитӀе ячеян, цояз Хунзахъе ячеян, цояз Инхое ячеян. ГӀободияс قدس سره абула жиндица цин истихфара гьабилин, гьелдаса хадуб лъалин нилъеда гьелъие ракь насибаб бакӀилан.
Нахъияб къоялъул радал ГIободияс قدس سره абун буго: Жинде гьатифалъ ахӀана: ХӀалиматги ГӀорутӀе ячун юкъе, ЧӀагвал ХӀажиявги ГӀорутӀе гьижра гьабун вахъине гьавеян. Коло росолъ данделъун букӀараб гьеб кинабго халкъ ХӀалимат-эбелги йосун, ГӀорутӀе рачӀуна ва гьений юкъана гьей, жиндир нилъее баракат щваяй. Гьелъул заниялда аскӀоб жиндиегоги зани чӀван буго ГIободияс قدس سره, гьадинги абун: «Гьаб бакӀалда дирги зиярат букӀина, Макка-хӀарамалда дие ракь насиблъун батаниги».
ХӀалимат эбелалда хадуб зияраталда юкъана Аллагьасул кӀудияй вали, ГIободияс قدس سره Аргъваниса ХӀажие ячун йикӀарай чачанай Киши ГӀавухъалдаса ПатӀимат.
Гьей юкъараб къоялъ ХӀажица жиндиегоги, жиндир цӀияй чӀужу Гьарадерихъа ПатӀиматиеги кӀиго зани чӀван буго гьелда аскӀоб, ниж кӀиялгоги гьаб бакӀалда рукъеян васиятги гьабун.
Аллагь разилъаяв ХӀажи ЧКаялъ ккун вачун ана, гьев МахӀачхъалаялда шагьидлъун вуго. Муридзабаз, хадурги ун, вукъараб бакӀги балагьун, къаси сардилъ гьенисаги вахъун, балъго Ишкаталивеги восун, гьенив вукъун вуго, ГӀорутӀе восизеги хӀинкъун.
Гьенив вукъун кӀиго соналдаса хадуб, балъго гьенисаги вахъун, ГӀорутӀеги восун, къаси сардилъ зияраталда вукъана гьав кӀудияв шагьид, къад кӀалккун, къаси сордо борчӀун Аллагьасе тӀагӀаталдаги, капурзабазде данде къеркьолагоги гӀумруги арав, ахиралда шагъидлъизеги шагьидлъарав, гьав устарасул халифа.
ХӀажи шагьидлъун хадуб гьесул хъизан, Аллагьасул кӀудияй вали, магӀрипаталъул ралъад Гьарадерихъа ПатӀимат залимзабаца Сибиралде йитӀун ана.
Гьоркьохъеб Азиялда цӀалулеб заманалда цо-цо нухалъ Киргизиялде щолаан дун. Фрунзе шагьаралда аскӀоб бугеб Жангижир ва Жонгифахт абулел росабалъ рукӀана доб зулмуяб Сталинил заманалда Дагьистаналдаса Сибиралде ккун ритӀун арал, яхӀги-къартги чорхолъ цӀунарал муъминзабазул цо къукъа. Гьезда гьоркьой йикӀана нилъер, жиндаса Аллагь разилъаяй ПатӀиматги.
Цо нухалъ гьениве щвараб мехалъ, ПатӀиматица дида абуна: «Дагьаб цебегӀан диде хабар бачӀун букӀана Дагъистаналде юссине заман щун бугин гьанже дуе абун». Гьедин дидаги абун, вацасул васги ясги цадахъги рачун, хӀадурлъиги гьабун, доб рикӀкӀадаб, ХӀажи чӀаго вугеб заманалдаго жиндиего къачӀан, цӀунун букӀараб мусруги цадахъ босун, Дагъистаналде дида цадахъ сапар бухьана гьей гӀажаибай гӀаданалъ.
Дагъистаналде щун гIемер мехго балелде, Гьарадерихъ дагьаб хӀал хисун буго алъул, гьеб мехалъ жиндаса Аллагь разилъаялъ гьадин абун буго: «Дун хехго ГӀорутӀе яче» абун. ГӀорутӀе щвезе кӀиго километр хутӀараб нухда, Аллагьасул къадаралде щвана, жиндир захӀматаб гӀумруялда жаниб цо лахӀзаталъцин Аллагь гуреб цогидаб жоялъул пикро гьабичӀей, нилъее баракат щваяй, гьай алжаналъул хӀурулгӀин.
ЛъебергогӀанасеб сон ссылкаялдаги бан, гьадаб жиндиего зани чӀван тараб бакӀалда ГIорутӀа зияраталда жаниб. ХӀажил хьибилалда юкъана гьей магӀрифагалъул ралъад!
ХӀажи МахӀачхьалаялда шагьидлъараб ва ПатӀимат Сибиралдеги йитӀараб заманалда, цо-цо мунапикъас абулеб букӀун буго: «Занал чӀван тей гӀадада ккана гури азул» абун!
Хадур гъезе кӀолеб жо гуро Иллагьияб хӀикматги, вализабазул караматги!
Гьале гьал вакилзаби рукъун руго ГIорутӀа бугеб зияраталда.
ТӀоцебе зияраталда мавлид гьабун буго живго ГIободияс قدس سره, сверухълъиялда ругелшинал гӀалимзабиги шайихзабиги дандеги гьарун. Гьелдаса нахъе цониги сон инчӀо, кигӀан коммунистаз гьукъаниги, зияраталда мавлид гьабичӀеб.
Церехун рехсарал щуго Маъзум вукӀана ГIободиясул قدس سره Чачанлъиялда, гьесул хъизанги йикIана Шатоялдаса чачанай, гьелъул зиярат буго Маккаялда, «МугӀала» абулеб хабзалалъ ГIободиясдаги قدس سره ГӀабдулхӀамид Дагъистаниясдаги аскӀоб, жакъадги гьенире зияраталъ уна чачаналги дагъистаниялги.
ГIободиясда قدس سره лъалаан рахьдал мацӀгӀадин лъикӀ гӀараб, чачан, лъарагӀ, лак мацӀалги. ГӀолохъанаб мехалъ гьев цӀалун вуго Гъазигъумекиязул дова, гьезул гӀалимзабазда аскӀов, Чачаназул мугӀрузул районазда, ТӀадбуртиялъ ругел гӀемерисел чачанал ГIободиясул قدس سره муридзабиги руго ва гьединго гӀемерисел гӀавухъалги гьесул муридзаби ккола. ГӀавухъазул машгьурав гӀалимчи, ГIободиясул قدس سره мурид Арица абулаан жал киналго ГIавухъал ГIободиясул قدس سره муридзаби кколилан.
Чачаназул талихӀ гьечӀолъиялъ гьанжесел 1994-96-99 ва хадусел сонал рагъул ишазде гъорлъе ГIободиясул قدس سره, Ташав ХӀажил قدس سره, Узун ХӀажил قدس سره, Сулейман ХӀажил قدس سره муридзабиги ккана. ЦохӀо вагьабиял гурел чагӀаз рагъда гӀахьаллъи гьабулеб гьечӀин абулеб пикро мекъи бугилан ккола дида ракӀалде.
Щибаб соналъ мавлидалъул къоялъ зияраталде рачӀуна чачанал, цере гьел загьирго рачӀунаан, амма гьанже балъго, къаси мехалъ рачӀуна. Исанаги 2002 аб. сон лъабго чачанав вачӀун вукӀана. Ункъо къоги дир рукъоб бан, нижеца гьел Инхосахун Шабдухъеги ритӀун, гьенисахун нухарегӀана рокъоре. ГӀандисахун ине бокьичӀо гьезие. ГӀандадерида гӀайиб чӀвалеб бугоан гьез, божутӀа рекӀкӀ гьабулел, божилъи гьабизе бегьуларел гӀадамал ратанин гьезда гьоркьор абун. Гьаниб дагьаб чачаназул хӀакъалъулъги абизе ккана, чачанай Зияраталда йикӀиналъги, ГIободиясулги قدس سره Аргъваниясулги хъизанал чачанал рукӀиналъги.
Дуниялалъулги ахираталъулги баллагьаздаса цӀунун таги нилъ ТӀадегӀанав Аллагьас!”
***
Жиндиего щвараб исламияб гIелму цойгидазеги бикьи мурадалда, Сайид ГIободияв قدس سره уна аскIор ругел ва рикIкIадисел росабалъе.
Халкъалъул тасавуп жинда кодоб букIиналъ, кидаго цого бакIалда чIчIезе бокьулароан букIараб Сайид ГIободиясе قدس سره. Аллагьасулﷻ амру, изнуялдалъун зама-заманалдасан бакI-бакIалде унеб гIадат букIана гьев мужадидасул.
Аби буго залимаб мегIералъул хIакъикъияб кIодолъи нилъедаго бихьизе ккани, гьелдасаги кIудияб магIарде тIаде рахине кколин абун. Исламияб дунял-гIаламго жиндир гIелму- лъаялда паналъарав, жив бищунго хирияб Макка-Мадинаялъул агьлуялъгицин, къарнуялъул Имам вукIин тастикъ гьабурав Муршидун Камил, КъутIбул Гъавс Сайид ГIободияв قدس سره кидаго ва киназдаго гуро вичIчIулев вукIарав жиндирго гIагараб ГIобода росулъгицин. Бачун телин гьелъие цо гьитIинабго мисалги.
Сайид ГIободиясул قدس سره вацгIаласул вас МуртазагIалидибир вукIана доб заманаялъ жиндир лъикIаб лъай бугев гIалимчиги, мударисги ва хIафизги. Гьесул рекIелъ букIуна бахчизе кIолареб жахIда Сайид ГIободиясдехун قدس سره. Гьес абула: «Дунги, мунго гIадав гIалимчи вуго. Дуда лъалеб гIелму дидаги лъала. Къебедил вас МухIамадида батIияб жо щиб лъалеб, дида лъалареб?» - абун.
Жиндицаго гьединаб «къимат» кьураб гIечIого, гьебго жо бицине тIамула жиндаго цере цIалулел ругел мутагIилзабигицин.
Гьеб киналдасаго хадуб, цо къоялъ, Сайид ГIободияс قدس سره, росдал дибирги ва дол мутагIилзабиги данде ракIарун, МуртазагIалидибирги ахIун абула: «Дурго гьал мутагIилзабазе «Мухтасаралдасан» иманалъул дарс кьеха гьанже дуца, МуртазагIалидибир.», - абун. Киналго риххун цоццахъ ралагьун руго. МуртазагIалидибирасухъаги тIубараб лъабго къоялъ гьеб жиндаго цебе Сайидас лъураб масъала тIубазабун бажарун гьечIо.
МуртазагIалидибирасда ахирги бичIчIула жидедаго гьоркьоб бугеб батIалъи. Гьеб бакIалда Сайид ГIободияс قدس سره дугIаги гьабула, киназго аминанги абун. Ва МуртазагIалидибирасда тIадкъала халкъалъе Къуръаналдасан вагIза гьабеян абун.
Гьелдаса хадуб абуна Сайидас:
-Нужеда дир хIакъикъияб къимат лъазе буго гIицIго дунги хун, гьелдаса хадуб, дун нужеда ракIалде щвани. Дуда лъай, МуртазагIалидибир, тIарикъаталъул агьлуялъе хIарамаб буго, я Аварагасулﷺ , я малаикзабазул ракI къалеб жо щиб бугониги, рагIи букIа, пишаби рукIа, хIал букIа, хIалалаб букIа, берцинлъи букIа, рахIат-хIалхьиниги киса бегьулеб гьезие. Берцинаб ретIелги ретIун къачIан рукIанагурищ гьелги абуни, гьез гьабулеб букIана гьеб, щибго ракIги гьечIого, ракIги инчIого, гIадамазул гIадатги бугелъул, чIунтараб хIалалда вугеб, гIадамасдаса мугъ балеб, гIадамал нахъ рилъунев, гIадамазе вихьизе бокьулеб куцалда вукIине ккела, амма муридасейин абуни гьеб бегьуларо. Амма гIарипиназе абуни лъикIаб кваницаги, берцинаб ратIлицаги щибго асар гьабуларо. Сафадияс абун буго дунялалдехун цIалеб щибго жо, квен букIа, ретIел букIа, гьеб тIарикъаталъул агьлуялъе рухсаги гьечIо, каки чури гьечIого бусурбанчиясда кIалъазеги бегьуларо. Нахъиял жалги гьелда рорцеха дуцаго, МуртазагIалидибир.
-Аварагасﷺ цо мугьажирас жиндиего кьураб салам буссинабун гьечIо, гьоркьоб заман бан хадуб гурони. Гьес салам кьураб мехалда жиндир какичури букIинчIилан абун буго Аварагас ﷺ . Цинги таямумги гьабун буссинеги гьабунин гьеб салам абун. ТIарикъаталъул агьлу даим тIагIараталда рукIине ккола. ХIатта хIадасалде араб бакIалдаса рокъоре рачIинегIанцин, таямум гьабунги, тIагIараталда рукIине ккела. Нилъер Аварагасﷺ гьедин гьабулебги букIун буго, каки чурилелде цеве хвезеги бегьулелъул.Кинабго хIалтIи- пиша гьабулелъулги тIагIараталда рукIине ккола. Щай абуни, суннаталъул агьлуялъе кинабго жо тIагIат-гIибадаталдалъун букIуна, аварагзабазего гIадин. Гьединго тIарикъаталъул агьлуялъул шартI буго-суннаталда нахъ вилълъин киналго гIибадатазулъ, гьарулел пишабазулъ. Ва дир вацал! Нилъер цояс анкьнусазарго зикру бачани, мазгьабалъул гIазаималги, Расуласул афгIалалги тани, гьаваялдасан воржаниги- гьев унго- унгояб тIарикъаталъул агьлуялдаса вукIунаро. ГIумруялда жаниб цин-цин гурони лаиллагьа илаллагь абичIониги, МухIамад расулуллагь хадубги абун, жинда фарзлъун бугеб, цинги Расуласда нахъги вилъани, гIазаимал афгIалалги тIуразе гьаруни- гьев чи унго-унгояв тIарикъаталъул чи вуго, рокIкIен гIанасеб карамат гьесул загьирлъичIониги. Цо хIадис буго уммат пасалъидал, суннат ккурасе нусго шагьидасул кири бугилан абун. Жиндир заманалъул Имам лъачIев чи-жагьилаб хвелалъ хвела абун. Гьанже дуцаго пикру гьабеха, гьаб киналъулго, МуртазагIалидибир., - абун.
КЪАДИРИЯБ ТIАРИКЪАТАЛЪУЛ УСТАР
ХIайдарил Гирай
«Акнада: тарих ва къисмат» ХIакъикъат-№42, 4 ноября 2021 сон
Акнадисезул гIалимзабазда гьоркьоб Амитил ГIалил вас устар НурмухIамадхIажил قدس سره цIар хас гьабун батIаго рехсезе ккола. Устар НурмухIамадхIажи قدس سره вукIун вуго бергьарав гIалимчи гуревги, Аллагьас карамалъиялъул гьунарги кьурав агьлу аль-кашф къокъаялда гьоркьове кколев, гIарабазул улкабаздаги Макка-Мадинаялдаги цIар арав инсан. Устар НурмухIамадхIажица قدس سره куцан руго анцI-анцI цIаларал чагIи. Хадурккун гьезул рахъун руго тIиндалазул ракьалда гуребги, тIолабго мугIрузулаб Дагъистаналдаго цIар арал гIалимзаби.
Акнада росулъ байбихьул динияб лъай щвейгун, вукIинесев устар НурмухIамадхIажи قدس سره, Ангъидаса Шайхиласул вас Халил-дибирил малъа-хъваязда рекъон, гьесул кагъатгун щвана шайих МухIамадхIажи ГIободиясухъе قدس سره. Хъварщиве, шайих Загъалав-дибирасухъеги قدس سره щвана НурмухIамадхIажи قدس سره гIараб гIелму гъваридго лъазабизе. Гьанив Загъалав-дибирасда قدس سره бихьун буго тIадчIун гIелму лъазабулев гIолохъанчиясул пагьму-гьунар букIин. Шайих Загъалав-дибирас قدس سره НурмухIамадхIажи قدس سره витIула цIализе КъахIиве, Хунзахъе, ГIандиве. ГIураб исламияб гIелмуги лъазабун, цIар рагIарал гIалимзабазул дарсалги щун, НурмухIамадхIажи قدس سره тIад вуссуна тIиндалазул ракьалде. Хадувккун гьев вищула Ангъида росдал Имамлъун. Гьеле гьеб заманалда, росдал агьлуялъе Имамлъиги гьабун вугеб мехалъ, КъакъачуинцIайин цIар бугеб ганчIида аскIоса баккула ракьалдаса зодобе араб нур. Гьеб букIана устар НурмухIамадхIажил قدس سره росдадаго бихьараб хIикмалъи.
Хадуб, гIалим Шайихиласул вас Халил-дибирил малъа-хъваялда рекъон, устар НурмухIамадхIажи قدس سره лъай камил гьабизе уна ГIобода росулъа шайих МухIамадхIажихъе قدس سره. ЦIар рагIарав гIалимчиясда бихьула гIолохъанав акнадисесе Аллагьас карамалъиялъул гIелму кьун букIин. Гьеле гьеб мехалда МухIамадхIажица قدس سره кьола НурмухIамадхIажиясе قدس سره къадирияб тIарикъаталъул муридлъун вукIине ижазаги. Жакъа къоялде щвезегIан, нилъехъе щварал баяназда рекъон, жиндирго устарзаби - гIободисев МухIамадхIажигун قدس سره ва Шайихиласул вас Халил-дибиргун цадахъ, ичIгогIан нухалъ щун вуго хIежалдеги.
Устар НурмухIамадхIажил قدس سره гIемерал муридзаби рукIана, цохIо ЦIумада районалда гурелги, Болъихъ, КъахIиб, ЦIунтIа районазул росабалъ, нус-нус муридзаби рукIана Чачаналдаги. Ахирисеб нухалда хIежалда вукIаго, устар НурмухIамадхIажие قدس سره Аллагьасул къадар щвана ва вукъана Жиддаялда бугеб ХIава абулеб хабалалъ. Гьев хун хадуб гIагарлъиялъул чангоявги гочана гIарабазул ракьалде. Гьезда гьоркьор рукIана Акнадаса МустIафа, МухIамад, ГIабдулатIип, МахIмуд, устар НурмухIамадхIажил قدس سره яс ПатIимат.
МУГЬАЖИРЛЪИ ВА ДАГЪИСТАНИЯЗЕ ВАСИЯТ
…ГIурусазул зулму захIмалъун ккедал,
Дин загьир гьабизе гьукъулеб лъайдал,
Вижараб росу тун, Дагъистанги тун,
Сайидги къокъана ХIижазалдехун…
Гьелда хурхун живго къарнуялъул Имам -Муршидун Камил Сайид ГIободияс قدس سره, Хундерил тIалъиялде вуссун ахираб хитIаб гьабун абулеб бугогури назмуялдалъун:
…Алжанул тIегь гIадаб Хундерил тIалъи,
ТIокIаб бихьиладай, бихьилародай?
Сайид ГIободияс قدس سره Дагъистаналдаса живго къватIиве унеб мехалда, 1883 соналъ Халапалъун, жиндирго иш тIубазабулевлъун тана Гъомекиса ХIажиахIмад. Гьесда хадусевлъун вихьизавуна Аргъваниса МухIамадхIажи.
ХIажиахIмадида гьеб кIвар бугеб иш ГIободияс قدس سره тIадкъай гьадин загьир гьабулеб буго цо назмуялда:
Дагъистан тун унелъул Сайидасе бокьана
ХIажиахIмад Гьухъали халапалъун гьавизе.
Агьлулъун гьечIин абун, мукIур гьавизе кIвечIо.
Равзаялде вачана, ХIабибасухъе щвана,
ХIажиахIмадил бугеб гIузру баян гьабуна.
Авараг ﷺ, Абубакар, ГIумар гьесда кIалъана,
Хехго тIаде босеян гьесда амру гьабуна.
ХIажиахIмад шайихас халапалъи босана.
Гьезул калам рагIидал, керен нуралъул цIуна.
Равзаялъул хъаравул гьезда цадахъ вукIана,
Кинабго лъугьа-бахъин гьесдасан загьирлъана.
ТIарикъаталъул иш хадубккунги цебехун бачине, изнудал кагъталги кьун, анкьго маъзумги тана: Хушдадаса ПирмухIамад; Ингушиса Абубакар; Алмахъалдаса ГIамиргIали; Ахъташ ГIавухъалдаса ТIалхIат; Хъумтурхъалиса Идрис; ГIандиса ГIабдуллагь; ГIуриса ГIусмандибир.
Алагьасул кIудияв вали, азаралда ункънусабилеб соназул Имам, хIикматав мужадид, дагъистаналъул бусурбабазул рухIияв чирахъ Сайид ГIободияв قدس سره, вижараб росу-ракьги тун, Дагъистаналдаса гочун Маккаялда чIчIезе къасдалда мугьажирлъуде унаго, гьев нуха регIизе рахъарал гIага- божарасул цояс Муршидун Камиласда гьарун буго: «Мун цевеса индал, нижее баракаталъе букIине, цо кинаб бугониги васият гьабураб калам кагътида хъван гIаги теха, МухIамадхIажи», - ян абун.
ТIарикъаталъул хIикматав Гъавсас абун буго жиндица гьединаб васият нужее баракаталъе букIинелъун, цо пуланав муъминчиясул Къуръаналда гьоркьоб лъун танин, гьенире раккизе бегьулин нуж, живги нуха регIун, тIад руссараб мехалда абун.
ТIадруссутIа гIабал ун руго Сайид ГIободияс قدس سره абурав чиясул Къуръаналда гьоркьоре раккизе. Гьев тIирун чIчIун вуго, жиндица киданиги жиндирго Къуръан МухIамадхIажиясухъе кьун букIинчIин ва гьелда гьоркьоб кинабниги кагъатги гьечIин абун. Амма Сайид ГIободияс кьучI гьечIеб жо абулареблъи лъалел росуцояз хIукму гьабун буго, кигIан тIирун Къуръаналъул бетIергьан чIчIаниги, гьелда гьоркьоре раккизе. Гьениб батун буго цо гьитIинабго кагъат ва гьелда хъван ратун руго гьал рагIаби:
«Дуего гьабуни бокьулареб жо чияеги гьабуге! Сайид ГIободияв قدس سره» - абун. Гьеле гьеб буго Сайид ГIободияс قدس سره наслабазе нахъе тарал жиндирго васиятазул цояб.
Рехсезин жеги тIадеги:
1. Сайид ГIободияс قدس سره, гьижра гьабун Дагъистан тун унаго, жиндиего гьабураб васияталъул хIакъалъулъ гьадин хъвалеб буго Тумагъариса МуртазагIалихIажияс: «Ццин бахъараб мехалъ, мун вуцIцIун чIчIа, хIелму гьабе хIелмуялъулъ, цIакъго кутакги гьабуге, гьоркьохъеб хIалалда чIчIа. Дуца дур хъизан- агьлуялъул гурхIелалдалъун гIамалги гьабе. Капурзабазул сипаталда релъарал сипатаздасаги мун рикIкIалъе. РатIлилъ исрап гьабиялдасаги рикIкIалъе. Мунго вугеб бакIалда лъикIаб ретIел ретIе, гIадамазда аскIов вугеб мехалъ квешабги ретIе. Пискъу-пужуралдалъун хъублъараб гьаб заманалъул агьлуялдаса дуца кIодо гьаре рацIадал малаикзаби.
- ТIехьалде балагьун дуда масъала суал бичIчIараб мехалъ, дуца гьеб къарар гьабе, тIанчил рагIалда такъликъатал хъван. ТIехьалдаги хъваге, каки чури гьечIого, таямумалдалъун букIаниги, кваранаб квер гурони тIехьалдеги бегьуге.»
2. Иман буго диналъул аслу. Нилъер иман камиллъуларо, хъизан, гIагарлъиялдехун, диналъул вацаздехун гьуинлъи ва рокьи гьечIого. Нужер цонигияв вукIунаро иман лъуравлъун, нужерго напсалъе бокьулеб жо нужерго диналъул вацасе бокьизегIан. Гьединго нуж кьуризе бегьуларо ункъавго Имамасул масгьабазул цонигиялдаса. Нужеца гьелдаса кутакалда цIуни гьабе. Гьедин гьабуни, къосарав чияс мекъи ккезариялдаса нуж хвасарлъизе руго ва нужее заралги букIине гьечIо кигIан дагьабги.
3. ШаригIат черх буго, магърипат гIакълу-лъай буго, суннат рухI-къуват буго, хIакъикъат бичIчIи-лебаллъи буго.
Загьираб гIелму киналъулго берзул канлъиялда релъараб жо буго, черх буго жиб багъарулеб жо, гьеб багъаризабулеб жо рухIги буго, унеб рахъ бихьулеб жо канлъиги буго.
Гьеб лъабабго цадахъ гьечIони, дунял гьабизе бажаруларо. Киналъулго аслу-черх буго. Гьедин данде ккунани, Аллагьасдеﷻ нилъ рачунеб жо шаригIат буго. ШаригIат камил гьабулеб жо-суннат буго, хIалалабги хIарамабги батIа гьабизе лъалеб жо-загьираб гIелму буго. Гьеб лъабабго гьечIони, Аллагьﷻ разияб гIамал чиясухъа лъугьунаро.
Воре гьеб нух кквезе хIаракат бахъе нужеца, нужго Аллагьасдеﷻ щвезе рукIине.
4. Аллагьﷻ лъаялъе нужго гIагарлъизе бокьани, гIелму тIалаб гьабе. ГIелму буго нилъер кIалзул хIухьелал жиндие напакъаде кьезе мустахIикъаб жо. ГIелму гьечIони инсан вацIалъуларо, вацIалъичIев чиясул тIагIат-гIибадат Аллагьасﷻ камилги гьабуларо.
РакIги, напсги бацIалъичIони, жиндица гIибадат гьабулев чи релъунила, хъураб хIайваналъул бакьалги чуричIого, жанибго гъизги тун, тIад гьанги лъун, бакьал цIолев чиясда. Гьединаб бакь кваназе бегьунгутIи баянаб жо буго. КигIан гIемер гIибадат гьабуниги, ракIги черхги бацIалъичIони, нуж квешал гIадамаздаса тархъанлъулареллъун хутIизе руго.
5. РакI буго лугбазул хан. Лугбазул гIамалалда ракI нахъбилъунаро. РакIалда нахъ рилъуна лугбал. Гьединлъидал, цин ракI бацIад букIине ккола, лугбалги хадур цIала, мунагьал гьариялдаса цIунула. ЖужахIалъул агьлуялдаса гьев лъугьинарулел жалаздаса инсан вацIалъизе ккани, ракI бацIалъизе ккола, квешал къасдаздаса. Цинги гьезда дандчIваялдаса лугбалги цIунизе ккола, хIарамалдаса бер, мацI, гIин цIунизе ккола. Инсанасул ракI рукъалда релъараб жо буго. Цо рокъоб цого заманалда нурги бецIлъиги букIунаро: чирахъ рекIани- бецIлъи лъугIула, чирахъ свани- бецIлъи жаниб хутIула. Нуж гьеб бецIаб рукъалда релъун рукIунге.
6. Инсанасул чорхолъ буго цо нухалъ чIамизе гIанасеб гьанал кесек, жиб лъикIлъани, кинабго черхги лъикIлъулеб, жиб квешлъани, черхги квешлъулеб. РакIин гьеб кколеб. КантIе нуж! Цо къвачIаялда релъараб жоги буго гьеб. Гъоркь махIсунеб жоги букIаго, жинда жаниб лъураб жо, кигIан тIагIамаб бугониги, махIсунеб.
ХIарамаб жоялде балагьараб мехалъ, ракI хола, дабагъ лъураб мехалъ, тIом холебго гIадин ва гъоркь букIараб хIалалдеги гьеб тIокIалъ киданиги буссунаро.
Азарго нухалъ чураниги, буртина бацIалъуларо, гьеб буртинаялъе къачIараб квас цебеккунго чурун гьечIони. Гьелдаго релъараб жо букIуна рекIелги.
Воре, нужеца ракIал чороклъизе тоге!
7. Нужеда кIочонге нилъер хирияв Аварагасул ﷺ гьаб хIадис: «Нахъзаманалда гьаб уммат муъминчияс, яги кафурчияс къосине гьабилилан абун дун хIинкъуларо. Муъминчи иманалъ цIунила, кафурчи Аллагьасﷻ гьезда тIаде виччаларо.
Дун хIинкъула ракIги жагьилав, мацIалъ хабарги бицунев, ай Аллагьасдаﷻ риханщинаб гIамалги гьабун, мацIалде бачIанщинаб бицунев мунафикъас къосине гьабилин дир умматан абун».
8. Ахир заманалда цо тайпа гIадамазул даран-базаралде руссина, хIал кIвараб гьересиги бицун, дандияв махсаруде ккун, хIалаллъи-хIарамлъиги тIалаб гьабичIого, рибаялдасаги цIуничIого, бечелъи тIалаб гьабизе лъугьина. Гьединал гIадамаз халкъалда цере рахъун, цоцалъ къец бан, бусурбабазе гIакъуба кьезе буго.
Нужеца гьелдасаги цIодорлъи гьабе!
***
«Шаварикъул анвар» абулеб тIехьалъул цересел тIанчазда хъван буго, ГIободиясул قدس سره кIалдисан босараб абун. Цинги хадуб абичIилан абуге, гьал дир рагIабиги гуро. ГIободияс قدس سره абулеб буго:
«Мегеж кIкIвай дида аскIоб кIекъоялда анцIго нухъалъ ЗИНА гьабиялдасанги кIудияб мунагь бугеб буго. Щай гурелъул, мегеж ккола ТIадегIанав Аллагьасﷻ руччаби бихьиназдасан ратIа рахъизе бижараб жо, гьединлъидал, гьеб кIкIваращинав чи ккола ТIадегIанав Аллагьасﷻ лъураб гIорхъи бахарав чи, гьединлъидал, гьениб жаниб кIиго тамсил буго: гIорхъи бахиги, руччабазда релъинлъиги».
ХIЕЖАЛДЕ ИНАГО НУХТIА
ГIарабустаналде ине Дагъистаналдаса къватIиве вахъараб заманалда, Сайид ГIободияв قدس سره вачIун вуго Алмахъалде.
Гьез рещтIен гьабун буго Жантемир абулев чиясухъ, жинцаго цIализарурал гIалимзаби ИсрапилхIажиявги ва ГIамиргIалихIажиявги жалгоги тун. Гьединав кIудияв къутIбу, жиндирго гьалмагъзабигун цадахъ гьоболлъухъ вачIиндал, Жантемирил доре ракIарун руго гIезегIан алмахъалъулалги. Жантемирица абуни, цо хухги хъун, гьабун буго гьезие гьоболлъи. Гьесул чIужу СалихIатида ракIалде ккун буго, балагьейинха жиндир росас, цо гIака-оцгIаги хъвечIого, хухги хъун гьабулеб бугин гьавгощинав гьоболасе тIаса-масагояб гIаданлъиян абун. Гьелда ракIалде ккун букIун буго гьеб хохол гьан цо чанго чиясе кIалдиб лъезегицин гIеларинхаян абун.
Жантемирил лъади СалихIатида гьеб жо ракIалде ккун бахъиналдего, Сайид ГIободияс قدس سره гьелда абун буго: «СалихIат, дун цо доб дурго гьанал хьагихъе вачея», - абун.
Гьениве аскIове вачиндал, ГIободияс гелалъ гьанги гьагIуги багъарун буго. БукIаралъубго хьагиниб гелги тун, гIодов чIчIезеги ун вуго жиндирго бакIалде.
Гьеб квергIанасеб хьагиниб букIараб хохол гьан росдаегоги ва тIаде рачIарал гьалбадериеги кваназеги гIун буго ва нахъегицин хутIунги буго. Гьеб Сайид ГIободиясул قدس سره караматалъул хIакъалъулъ гьанже-гьанжегицин бицен буго алмахъалъулазда гьоркьоб.
Чан накъшубандиял къагIидабазул,
КъутIбу мун вукIарав Дагъистаналда!
Дуца исламалъул асараздалъун
Дуниял гIуцIана бецIлъун букIараб.
ЛавхIул махIфузалде мун вакки лъана,
Кколелде рекъолел къавлаби ратун.
Кашпу-игьламалъул агьлулъи лъана,
УргъичIого къойил жавабал рикьун.
Ахирги, гьеб киналдасаго хадуб, Сайид ГIободияв قدس سره ХIижазаялъул ракьалде ине нияталда къватIиве вахъун вуго.
Гьев жидерго рухIияв эмен ахираб сапаралъ нуха регIизе цадахъ рахъун рукIун руго гьесул маъзумзабиги ва муридзабиги. Чачаналда ЮртгIавухъазул росу рагIалде щведал, Сайид ГIободиясда قدس سره гьикъун буго цадахъ рукIараз, нилъ гьанир лъитIаха рещтIине ругелан абун. Сайид ГIободияс قدس سره абун буго гьаб дица рекIараб чоца рачараб бакIалде ине ругин нилъ, гьалда жиндаго лъалаян абун.
Цо бечедав гIавухъав, хъвехъун гIиялгун, бежун чедгун, лъикIаб хIадурлъигун чIчIун вукIун вуго Сайид ГIободиясда قدس سره дандчIвай гьабизе. Амма Муршидун Камил тIад рекIараб чу, гьесул кIалтIехунги сверичIого, росу рагIалде щвезегIан ун буго.
ГIавухъал гIодизе журанила, Сайид ГIободияв قدس سره, жалги рикIкIинчIого унев вугинги ккун.
ЮртгIавухъазул росурагIалда абуни букIанила Аллагьасулﷻ цо МухIамайин абулев валиясул мина. Гьеле гьесул азбаралде бачIун чIчIанила Сайид ГIободияс قدس سره гъоркь рекIараб чу. Гьев МухIамаги вукIанила жиндирго рокъоб бессараб сугъурги ва хуриса бачIараб цIоросаролъги гуреб, жиндица батIияб жоялдаса пайда босуларев, дунялалъул магIишаталъулъ кинабго жоялдаса хIалаллъи ва рацIцIалъи тIалаб гьабулев унго-унгояв муъминчи. МухIамаги, живго гIадин, кинабго рахъалъ Аллагьасулﷻ вацIцIадав вали вукIиналъ букIана Сайид ГIободияс قدس سره гьесде, зиярат гьабун, гьоболлъи гьабурабги.
Дагъистаналдаса хIурматиял гьалбадерида МухIамал хъизан сугъур бессулей ятун йиго. Гьев живго абуни, магъилъ цIоросоролъ хъусун чIаралев вукIун вуго. Ахирги Сайид ГIободияв قدس سره жидер росулъ лъалхъичIого инчIолъиялдаса рохарал гIавухъал МухIамал минаялъуре ракIарун руго ва гьев магъилъа рокъове ахIизе ине жуван руго. Сайид ГIободияс قدس سره гьезда абун буго гьев живго кватIичIого тIаде щвезе кколин, гIадада унгеян абун. МухIамаги заманго иналде вачIун вуго.
Гьенир данделъаралщиназ МухIамил рокъоб жамагIат гьабун бакъанил какги бан, зикру бачунеб мехалъ, сверухъе авалалъул боцIулги росуго тIад тIамураб гIер-гIери букIанила «зикру» бачунеб. Гьеб караматги загьирлъун буго ЮртгIавухъазул ракьалда киналго данделъаралщиназе гьеб къоялъ. Хадуб Сайид ГIободиясда قدس سره гьикъун буго цадахъ рукIаразул цояс:
-Нилъ щайха, устар, нилъ къабул гьаризе цереккунго хIадурлъиялда чIчIун вукIарав дов бечедав чиясухъе гьоболлъухъ рилълъинчIел? - абун. ГIободияс قدس سره абун буго: «Досул лъимал гIалимзаби рукIине руго», - абун.
Гьеб ЮртгIавухъазул росулъа къватIире жалго унаго, Сайид ГIободияс قدس سره абун буго, киназдаго рагIун: «КIиябго ГIавухъалде цIакъ кIуди-кIудиял балагьал щвезе руго гIагараб заманалда: гьал хIалалъ гочинаризе руго Чачаналдаса чияр ракьазде. Гьазул бакIазде рачIараздаги ва гьазда жидедагоги Аллагьﷻ гурхIагиха», - абун.
ГIемер заманго иналде чачаналги гочинаруна Казахстаналде ва Дагъистаналъул гIиссинал росабалъа магIарулалги, хIалалъ гьезул ракьалде рахъинаруна.
Квешал къурайшияз къварид гьавидал,
Дин загьир гьабизе квекIен гьабидал,
Гьавураб росу тун, КагIбарукъги тун,
ТIайбатаде ТIагьаﷻ къокъарав гIадин,
ГIурусазул зулму захIмалъун ккедал,
Дин загьир гьабизе гьукъулеб лъайдал,
Вижарабросу тун, Дагъистанги тун,
Сайидги къокъана ХIижазалдехун.
ГIанкIу тIаса арал тIанчIи гIадинан,
ГIадамалги тана, туркалъе ана.
Аллагьﷻ разилъаяй ХIалимат-эбел,
Аллагьасул ﷻ цIобалъ, нилъей хутIана.
Гьединго, Дагъистаналдаса къватIиве унеб мехалъ, Сайид ГIободияс قدس سره абула жиндирго муридзабазда, жив мугьажирлъиялъул апараглъуде ун цо-чанго соналдасан, нужеде цIакъ кIудияб балагь бачIине бугинха, дир диналъул вацал, Аллагьасﷻ бихьаралда сабру гьабун чIчIайинха нужан абун.
Мужадидас абухъе, цо-чанго сонидасан Россиялда бергьана ленинилаб хIурият ва байбихьана гIалимзаби тIагIинаризе ва исламалъул рухIаниязда тIад тIухьидулаб лал тIамизе.
Къарнуялъул Имам Сайид ГIободияв قدس سره Маккаялде унеб мехалъ, жиндаго цадахъ рукIарал лъабайго чIужуялъул цоялда, Архъабаш абулеб бакIалде щведал, мужадидас абула: «Мун гьанже гьаниса нахъ йуссайин, мун тIокIалъ дида цадахъ йилълъине бегьуларин» абун. Гьей гIодизе жуйан йиго, жиндаго росас гьедин абидал, квеш бихьун. Гьеб мехалда Сайид ГIободияс قدس سره гьелда абун буго: «Дуда ракIалде ккана гьабсагIат гьав чияр чигун цадахъ, чияр ракьалде уней йигоха дун, дирго гIагарлъиги ва йижараб росу-ракьги тунилан» абун.
Гьеб жиндирго рекIелъ пархараб шайтIанияб пикругицин Сайид ГIободиясда قدس سره цIализе лъалеб батидал, гьей лъади, росас малъараб гьабун, гьенисанго рокъое тIад юссун йиго.
Муршидун Камиласда цадахъ гьеб сапаралда хутIула: МухIамадхIажиясул قدس سره гьитIинав вац ГIумарги ва жидерго лъудби: Маймунат, Хадижат ва ПатIиматги.
Жеги нухтIа, Маккаялде щвелалдего, Тубкъаялдаго нуха, хехаб унтиги чIван, хола Сайид ГIободиясул قدس سره кIияйго лъади: ПатIиматги Маймунатги.
Халкъалъул тасаруп кодоб букIиналъ,
Кидаго цо бакIалъ эв чIчIолароан.
Аллагьасулﷻ амру, изнуялдалъун,
Бак-бакIалде унеб гIадат букIана.
Бурса шагьаралда вугеб мехалда,
Хирияб хъизаналъ сапар гьабуна.
Гьаб дуниял чIалгIун ГIилиюналде
ГIедегIун къокъине къасд эз гьабуна.
Гьоболаб рукъалъул къадар тIаде щун,
КъолъикI гьабун ана эл Бархазалде.
Хирияв АхIмадил агьлуялъухъе,
Урхъун рахъун ана, Аллагьﷻ гурхIаял.
Маймунат, ПатIимат- кIиялгоги хун,
Хирияв Сайидги нахъе хутIана.
Гъурбатгиму херлъи, хъизан батIалъи,
Лъабабго гьир бана нилъер инсуда.
Дагъистаналда эркенго дин гьабизе гьукъидал, диниял хIаракатчагIазда тIад зулмуги гьабулеб букIиндал, гьеб киналъулго хIасилалда динги загIиплъизе жубайдал, Дагъистаналъул машгьурал гIалимзабазги хIаракат бахъулеб букIана, эркенго дин гьабизе биччалел исламиял улкабазде рорчIизе. Гьелъулъ букIана Дагъистаналъул гIалимзабазе хвасарлъиялъул рохелги, апараглъиялъул пашманаб даимаб хIакъдиги. Гьеб букIана Дагъистаналъул мугьажиразул тIоцебесеб карачел. Гьеб гучаб карачелалъ абуни апараглъиялъул ралъдалъе цIан ана Дагъистаналъул бищунго гIакъилал бутIрул, бегIераб пикру, камилаб гIелму, гIаламатаб тIарикъаталъул ва шаригIаталъул зодор кунчIарал исламиял КъилбацIваби.
КЪУДУКЬА МУСАЛАВ
Ва амма гьеб мугьажирлъиялъулаб апараглъиялъе кьучIчI лъунин абизе бегьула, дунял-гIаламалъего жив гIелмудул ралъадлъун лъугьарав, Дагъистаналъул рухIияб ва рухIанияб чирахъ Къудукьа Мусаласги ва гьесул кIиявго вас Дибир ва ХIажимухIамадицаги жеги 1716 соналъго.
Къудукьа Мусаласул хоб буго Сириялъул ХIалаба Алеппо абулеб шагьаралда. Вукъун вуго «Джилаян» абулеб хабалалъ.
Къудукьа Мусалав цIалула жиндир заманалда бищунго цIар бугел гIалимзабазда цеве. Гьел кколаан: Сугъралъа ГIалириза, ТIидиса Шейх, ГIободаса ШагIбанкъади ва Къелеса ГIали.
Жиндирго гIелмудал эмен ГIободаса ШагIбанкъадил гIакълуялда рекъон, Мусалас сапар бухьуна цIализе: Казань; Астрахань; Хорасан шагьаразде; Гьоркьохъеб Азиялде; Константинополалде; Сириялде; Йеменалде; Египеталде.
ЦIалула кIудиял цIар бугел гIалимзабазда цеве. Бищунго цIар рагIаразул цояв Йеменалдаса МухIамад СалихI-Ибн-Магьди устарасда СалихI Яманиясда цеве тIубараб анкьго соналъ, МохIоса валиюлагь Дамадангун цадахъ.
Жиндирго мугIалим СалихIиде Мусалас гIараб мацIалда гьабураб назму магIарулалде буссинабун буго гьадин:
Дур рагIдукь жиб букIараб
Нижер берцинаб яшав
Бихьун бералъ борцинчIо,
РагIун гIиналъ босичIо.
Мунгун ватIалъизегIан,
ЛъачIо букIараб лазат.
Мун даим рекIелъ вуго
РекIараб чирахъ гIадин.
Нужедехун дир шавкъги
Щвараб гIор гIадин буго.
Дун хьулазда вукIуна
Дуда аскIой щвелилан.
Анищ дир цIикIкIанагIан
РикIкIалъула дир мурад.
Мунги дунги ратIалъи —
РахIманасул иш буго,
Лъалеб анищ гьелъие
Гьабизе кIолеб кумек.
Салам буго дир дуде,
Къо-лъикI гьабулеб гуреб.
КIудияб салам буго,
ТIаса ин жиндий гьечIеб.
Гьев Къудукьа Мусалав абуни вукIана, тIадехун абухье, жиндир дунялго хIайранаб гIелмуялъул цо бутIа, ГIобода ШагIбанкъадиясул мадрасаялъул гIелмудал чархидаги ккун, камил гьабуразул бищунго цIар рагIараздаги гьорлъ, батIияб къадруялда вукIарав гIалимчи.
Жиндирго херлъиялдеги цебе бугеб хвалдеги абурал рагIаби руго Мусаласул цIакъ пикру гьабизе тIамулел, тIабигIаталъул хиса-басиязда данде жиндирго гIумру ккун хъварал:
МагIарда гIазу буго1,
ГIоралда накIкI чIун буго2.
Бодул кутак хун буго3,
Ханги парччахIав вуго4.
БухI-бухIараб къехь гIадаб,
КъвакI-къвакIараб дуниял.
Ябагъидул кварида
Багьан чIвараб байтулман.
Гьалдасаги мухIканаб хIакъикъат цохIо Аллагьасдаﷻ лъала!
1БетIер хъахIлъулеб буго
2Бецлъулев вуго
3Черх загIиплъулеб буго
4Гьава бергьунеб буго
САЙИД ГIОБОДИЯСУЛ قدس سره ГIУМРУЯЛЪУЛ БАЯН
ГIАБАДЕРИЛ ГIАЛИМЗАБИ
ГIОБОДАСА ШАГIБАНКЪАДИ
ГIАБДУРАХIМАНХIАЖИ СУГЪУРИ قدس سره
ХIЕЖАЛДЕ ТIОЦЕБЕСЕБ САПАР
ИНКIКIВАЛИТIЕ ГОЧИН
ГIОРОТIА РОСУЛЪ БУГЕБ МАСЖИД ВА ЗИЯРАТ
КЪАДИРИЯБ ТIАРИКЪАТАЛЪУЛ УСТАР
МУГЬАЖИРЛЪИ ВА ДАГЪИСТАНИЯЗЕ ВАСИЯТ
ХIЕЖАЛДЕ ИНАГО НУХТIА
КЪУДУКЬА МУСАЛАВ
368947, Россия, Республика Дагестан, с. Кахабросо. Tel.+79285304544, E-mail: dagistan@mail.ru