САЙИД ГIОБОДИЯВ
قدس سره
АлхIамдулиллагь, рецц нилъер тIадегIанав Аллагьасе, исламалда нилъ ратизе, иманалде нилъ руссине жиндица нилъее рес кьурав. Рецц буго ТIадегIанав Аллагьасе нилъер баракатаб Дагъистаналъул ракьалда дунялалъулго исламияб жамагIат жидедаса чIухIарал, камилаб даражаялда жал ругел устарзабиги, шайихзабиги, ва гIалимзабиги жиндица рижарав.
ГIурусалъ гьадин буссинабун бугоан гьаб тарихалъул гIалимчияс. Дицаги бугеб куцалъ лъуна хисизабичIого.
Иджаза от Мухаммада ал-Убуди ум. в 1307 г.х./1889-90 г., которая дает право на наставничество Абу-Бакру ал-Ингиши. Текст перевод с арабского языка:
«С именем Аллаха, [обладателя] лучших имен, господа Земли и Неба. От пишущего это нуждающегося в [помощи] Всевышнего, Всемогущего, Владыки, ал-хаджж Мухаммада ал-Убуди, милость ему от Дарящего, Всевышнего, шейха всего явного и сокрытого, всем тем, мусульманам на кого распространяется его наставление на правильный путь милость вам Дорогого, Прощающего, Всевышнего и правильный путь [вам] от Владыки Всевышнего, да сохранит нас и вас Всевышний Аллах от ущерба и заблуждения. И далее: Я, слуга прекрасной степени кутба одна из высоких степеней суфийской иерархии, да будет доволен им Аллах, и наставник возвышенного тариката, со стороны шейхов мы дали разрешение этому человеку ал-хаджж Абу-Бакру на обучение зикру от нас и воспитанию [в тарикате] нуждающихся нашим источником и [совершение] таваджуха когда шейх обращает свой внутренний взор на сердце мюрида на высоком пути. И мы удостоверили это печатью силсили цепь духовной преемственности в тарикате абсолютного разрешения разрешение на все - таваджух, зикр и передачу иджазы в последующем и на достоверную преемственность от преемников до него [а именно]: Шама - Абдуррахмана аш-Шами, от преемников Абдуррахмана ал-Кубзари аш-Шами; от сейида Хасана ал-Курайши; и от шейха Хидра ал-Хумуси. Иджаза разрешение на наставничество [передается также] от нашего господина ас-Сугури, да будет доволен ими Аллах и да возвысит Аллах степень их [святости], амин! И тот, кто захочет пусть верит, а кто не захочет - пусть не верит».
ИНГИШУСА АБУБАКАРХIАЖИ БУЛАЧХАН
Сайид ГIободиясде قدس سره хъварал къасидатазулъ, марсиятазулъ ва назмабазулъ гьесие кьун батула батIи-батIиял гIадамаз: хIафизин, валийин, гIалламатин, Муршидул Камилин, мужтагьидин, мужадидин, устарин ва шейхин абун даражаби. Гьеб кинабго хIакъикъаталдаги данде кколаан букIараб Сайид ГIободиясда قدس سره, кинан борцаниги щиб макъамалда къотIаниги.
Гьев жиндир заманалда киналго мукIурав Муршидун Камил вукIин гуребги, ГIободиясул قدس سره рекIелъ букIана жиндир диналъул вацасул рекIелъ гIелму-лъаялъул чирахъ бакизе кIолеб даражаялъул рухIияб къуватги, каламалъулъ цо хасаб тIокIлъи бугеб гIакъиллъиги, шигIрияб рагIулъ хIайранаб пасихIлъиги.
Гьеб киналдаго цадахъ Дагъистаналда камун рукIинчIо Сайид ГIободиясул قدس سره хIалбихьизе бокьарал ва гьесул макъамал лъазаризе жидеда ракIалде ккарал цо-цо шайихзабигицин. Бачун телин гьелъие цо гьитIинабго мисалги. Гьеб хурхараб буго Ингишуса Абубакарида:
.Жиндирго муридзабазда шаригIаталъул бицун кIалъалев вукIарав Сайид ГIободияс, циндаго, бицунеб букIараб хабарги хисизабун, аскIор гIодорчIчIун рукIараздехун хитIаб гьабун абуна:
-Цо кутакаб бугъа бугоха, дир муридзаби, гьабсагIаталда нилъеда тIаде щолеб, ва амма лълъурдул гьечIеб жо бугоха гьеб пулан,- абун
Сайидас жиндирго рукъалъул кIалтIе щвезегIан виччан тана гьев Ингишуса Абубакар, ва амма муршидасул хIал жинде щведал, цо сунцаялиго жив къан ккурав гIадин, чIчIаралъувго эхетун хутIана, цебехун гали бахъизе кIоларого.
Жиндирго муршидасдехун гьев маъзумас ахIи байдал, жив гьанив Сайид ГIободиясул кIалтIа гьалаглъун холев вугин, жив хвасар гьавеян абун, вачIун гьесда тIаде щола КъутIбул Гъавс Жамалуйллали. Амма Сайид ГIободияс قدس سره цо ишара гьабидал, Жамалуйллали къутIбу нахъ вуссине кканила, жиндирго гучги биххун.
Гьеб мехалъ Сайид ГIободияс قدس سره жиндирго маъзум ПирмухIамад Хуштадияв витIанила гьенив кIалтIа эхетун вугев гьобол жаниве ахIизе. Чваххулаго бадиса магIугун, соролаго черхгун, рокъове жаниве лъугьун вачIанила Ингишуса Абубакар.
Сайид ГIободияс قدس سره гьесда гьикъула:
-Дуе Абубакар, Жамалуйллалиясул маъзумлъунищ вукIине бокьилеб, яги дир муридлъунищ? - абун.
Ингишуса Абубакарица абула:
-Дур муридлъун бокьила хIурматияв Сайид, дуца дун къабул гьавуни! Мун дида тIаса лъугьа, я гIаламалъул къутIбу! Дида мун ватана камилаб иршадалъул унго-унгояв агьлулъун, жиндие ункъабго тIарикъаталъул изну кьурав. ГIаламалъул мужадид, дуца дун нуха ваче, дур квералъ иршад гьабун, тIовитIе Бархазалде.,- ян абун.
Сайид ГIободияв قدس سره гьесда тIаса лъугьана ва камилаб иршадалъе Ингишуса Абубакарие изну кьуна ва бичIчIизабуна гьесие, жиндир караматаздасаги, Аллагьасулﷻ нух-шаригIат хIажатаб бугеблъи.
-Дуца шаригIат гьитIинаб жойилан ккун, гьелдехун хилап ккоге, шаргI камиллъичIонани, тIарикъат роцIцIунарин, ва шаргIалъул нух рехун тарав ХIабибасдеги щоларин, - абун, берцинаб калам гьабуна Сайид ГIободияс قدس سره Ингишуса Абубакарие.
Гьес жеги тIаде жубана:
- Дуда лъайха, Абубакар, Хирияв Расулуллагьﷺ жиндие лъугIел гьечIеб рахIматалъул гIор вукIин, гьеб рахIматги жиндица жиндирго умматалъе бикьулев ва Бичасе бищунго вокьулев валиги ва гIиссян жинца къинабулев ссахIрау самум вукIин. Гьеле гьединлъидалин Аварагасулﷺ суннаталда хIур ккарав гьудуллъун кквезе диеги бокьуларев, дуеги бегьуларев.
Ингишиса Абубакар-ХӀажи гӀахьаллъана 1877 соналда букӀараб къокъаб гъазаваталда ва хадув гьев Сибиралде витӀана. ПирмухӀамад-ХӀажи Сибиралъул лагеразда хвана. Сиражудин-ХӀажи болшевиказ жанив тӀамуна. АмиргӀали-хӀажи хвана НКВДялъул туснахъалда. Аргъваниса МухӀамад-ХӀажи ЧКялъ чӀвана. Гьес Имам Нажмудинил рахъ кколеб букӀана ва ахирияб рагъулъги гьесда цадахъ вукӀана.
Дагьаб мухӀканго бицинин Ингишиса Абубакар-ХӀажиясул хӀакъалъулъ. Гьев хвана 1899 абилеб соналъ. Гьев вукӀана ГӀободиясулقدس سره бищун хирияв муридлъун. ГӀободиясقدس سره Абубакар-ХӀажиясе тӀарикъат тӀибитӀизабизе изну кьураб кагътида буго кӀиго зарбу. ТӀоцебесеб ккола силсилаталъул гӀаммаб зарбу, цогидаб – живго ГӀободиясул зарбу.
1955 соналда СССРалъул ГӀелмабазул Академиялъул Дагъи- станалъул филиалалъул тӀадкъаялда рекъон, гIалимчи ГIоротIаса МухIамадрасул щвана Гумбет районалде. Щвана Ингишивеги. Гьениб Абубакар-ХӀажиясул яс ГӀайшатица гьесухъе хал-шал гьабизе кьуна ГӀободиясулقدس سره кагъат. 45 соналъ гьеб кагьат букӀана гьесухъ. Дагьаб цебе макъала газеталда бахъун букӀана 2001 соналъ гьес гьеб кьуна Абубакар-ХӀажиясул наслуялъул гӀадамазухъе. МагӀарул мацӀалде буссинабураб гьеб кагъат басмаялде бахъулеб буго тӀоцебе.
«Хъвалеб буго жив тӀадегӀанав Аллагьасде хӀажалъулев ХӀажи-МухӀамад ГӀободиясقدس سره, жинца битӀараб нухдасан рачунев, жинда загъирабги балъгоябги лъалев шайихас. »
Хадубги: «Устазазул цӀаралдасан нижеца изну кьолеб буго Абубакар-ХӀажиясе нижер цӀаралдасан гӀелму малъизе ва гьелде хӀажатазе тарбия кьезе, тӀарикъаталда рекъон тавважугь гьабизе. Нижеца гьаб щула гьабулеб буго силсилаталъул гӀаммаб зарбуялдалъун, гӀаммаб ва тӀубараб изну кьезелъун Шамалъул халифазул цӀаралдасан, ГӀабдурахӀман Шамасул, СайидхӀусен Къурайшиясул, Шайх Хизри Мухиясул ва нилъер ГӀабдурахӀманхӀажи Сугъуриясул цӀаралдасан. Аллагь разилъаги гьел киназдасаго. Аллагьас гьел рахинареги бищунго тӀадегӀанаб даражаялде. Амин. Бокьарав божа абе, бокьичӀев божуге абе».
Абубакар-ХӀажи гьавуна 1826 соналда Ингиши росулъ ГӀумарил Улубил ва Бикабатил рес бугеб хъизаналда. Гьезул хъизаналъул бухьенал рукӀана лъарагӀлъиялъул халкъалъулгун. Индирей росулъ Абубакар-ХӀажиясе щвана лъикӀаб льай. Гьеб росулъ букӀана Шейх-ГӀали Багъдадияс гӀуцӀараб Мадраса. Гьениб гӀелму малъулаан Багъдад шагьаралъул “Ал-низамият” университеталда гӀадин. Гьенир цӀалун рукӀана Дагъистаналда жал лъикӀ лъалел гӀалимзаби Ташав-ХӀажи, Юсуп Яхсави, Абубакар ГӀоротӀи, Инхоса, ГӀали-ХӀажи ва цогидалги.
1877 соналда гъазаваталда гӀахьаллъи гьабиялъе гӀоло Абубакар-ХӀажи хьизангун цадахъ Тобол губерниялъул Двинск шагьаралде витӀана. Гьесие кумек гьабичӀо Гумбеталъул наиб Дациев Пазлулгун букӀараб бухьеналъги. Абулеб букӀана гьел рахьдал вацал кколаанин. Сибиралда хвана Абубакар-ХӀажиясул хъизан. Гьев Дагъистаналде тӀадвуссана гӀицӀго 1884 соналда жиндирго чӀаго хутӀарай лъабго сон барай ясгун.
ИНХОСА ГIАЛИХIАЖИЯВГИ ГIОБОДИЯСУЛ قدس سره МАЪЗУМ ККОЛААН
ГIоротIаса АхIмад ХIасанов
19-абилеб гIасруялъул лъабкъоялда анцIабилел соназ гIурус пачаясул амруялдалъун, гъазаваталъул байрахъулаллъун рукIарал исламиял гIалимзаби тIагIинаруниги, Гъойсубулиялъул эркенал жамагIатазде гъорлъе кколеб ГIоротIа росолъ хутIун рукIуна гъваридаб лъаялъул бажари бугел, амма хIинкъи гьечIел гIалимзаби. Гьел рукIана ГъазимухIамад Имамасул мугIалим, гьевгун анцIила кIиго соналъ гIелму цIалулев вукIарав тIоцебесеб Имаматалъул дибир фикъфиялъе тIокIав рекъав ХIажиясул, Шамилил Имамасул хазиначи ва рукъалъул гьудул КIудияв хIажиясул, наибзаби ва бодул церехъаби кIиявго МуртазагIалил баракат щварал ирсилал. Имаматалъул бищун гIолохъанав ва ахиралда тарав наиб Ислам вукIана ГIоротIа мадрасаялда дарсал кьолев. Жидерго гIумроялъе ва гIагарлъиялъе бугеб хIинкъиялде балагьичIого, гIарадерил гIалимзабаз гIун бачIунеб гIелалда малъулеб букIана динияб гIелму, гIадамал куцалел рукIана шаригIаталъул кьучIалда, гIелмудал борхалъиялде вахарав, кашму-карамалъи жиндилъ загьирав кьучIав устарасухъа босулеб букIана мухIканаб вирд.
БитIун гьеб заманалда ХъахIабросулъ ва ИнкIкIвалита вукIарав Накъшубандиябги, Шазалиябги, Къадириябги — лъабабго тIарикъат тIокIкIинабурав, гIакълу-гIелмуялъул тIогьиве щварав МухIамадхIажи ГIободияв قدس سره гочуна ГIоротIе, гIарадерил гIалимзабигун цIалула ва хIалтIула чанго соналъ. Исламил гьудул вукIиналъги, гIелмуялдехун бугеб шавкъалъги къоло щуйилъе вахарав, жеги рукъалде вуссинчIев ТIаса Инхоса ГIали гIемерисеб мехалъ вихьизе бегьулаан гIарадерил гIолохъабигун мадрасаялдаги, бертин-гвай бугеб мехалъ гьенивги.
1869 соналъул рамазан моцIалъул ращалъуда ГIободиясقدس سره, тIолго жаниблъиялъул цIар рагIарал гIалимзабиги ахIун, гIарадерил ТIасияб мажгиталда гIуцIула мажлис бахIс Къуръаналъул суратазул магIна битIун гьабиялда тIаса. Щибав гIалимас жиде-жидер магIна загьир гьабун хадуб устарас Исламида цIехола мун щай вуцIцIун чIаравилан. Исламица жаваб гьабула жиндир магIна цойгидазулалдаса батIияб бугилан ва загьир гьабула гьеб. Инхоса ГIалица гьарула Исламида тIад вуссунги кIиго нухалъ гьеб такрар гьабеян ва къвалги бан къочула гьесда. МухIамадхIажи ГIободияс قدس سره цинги абула, Ислам, дуе баракат ибну ГIабасидаса бугила ва магIнаги дур гьеб сураталъул бичасул аварагасул ﷺ бугила. МагIна гьабулебги Къуръаналъул суратул «Нур» букIанин бицуна. Жеги бицуна МухIамад аварагасул ﷺ бицунелъул гIолохъанав ГIали лъавудасацин унаанила, гьединаб букIанила гIищкъу жеги лъади ячинчIев гIолохъанчиясул нилъер аварагасдехун.
Батизе ккола, ГIоротIа цIалулаго Аллагьас гIакълуги гIелмуги гIажаибаб пагьмуги рекъон кьурав мутагIиласда бихьараб ГIободиясулъقدس سره цойгидазул гьечIеб цо хаслияб тIокIлъи – тIаса бищараб нухалдаса кьурунгутIи, гьеб хисунгутIи, цойги батIияб жоялде вуссинчIого, гьес жинда цебе лъураб масъала букIин авалияб, аслияб диналъул гъваридаб, кьучIдаса бахъараб хIакъикъаталъул цIех-рех гьаби, гьезул балъголъабазде гъорлъе вакки, гьеб цойгидал къарнабаз гьарурал гъатаздаса ва хъалалдаса эркен гьаби. Хадубги рес щола гIолохъанав гIалимчиясе гьеб цебе рехсараб жиндирго мурад гIумруялде бахъинабиялъул аслияб хIасиллъун кколел гьесул къиматал тIахьал цIализе щвей. Гьел гьанжесеб заманалъул гIадатиял гIалимзабазда цIаланиги битIун бичIчIуларел, гьезде гIагарлъизе кканани, тIадегIанаб даражаялъул гъваридаб лъайги, лъаялда чIолохъжо бан бажарулеб кьучIаб гIакълуги хIажалъулел асарал — анлъго тIехь: МухIарар, Канз-уд-дурар, Манасик, Шаварикъ-ул-анвар, Набзат-ус-самат, ФатхI-ур-рахIман кидаго цIунун рукIана ва ратизе ккола нижер ГIоротIа. ХутIараб къого тIехьалъул къисмат лъаларо, гьел ругин абула къватIисел исламиял хIукуматазда.
ТIаса Инхоса жеги гIолохъанав ГIалил, гъваридаб лъайги, цере-цересел мугIжизатал-караматалги рихьарав ГIободияс قدس سره росдал жамагIаталда абула тIокIав лъикIав дибир нужое щоларилан. Баракатаб росдал жамагIаталъ ГIали дибирлъун тола.
Рукъ ккунги гьев вукIуна Салманил Дибирил бакIалда. Дибир живгоги вукIуна гIараб гIелмоги цIаларав рекIехъе хIисабги лъалев росдае дибирлъиги гьабурав лъикIаб тухумалъул рикIкIунев муъминчи. Дида лъалеб мехалъги ГIалихIажиясул рукъилан абулеб ХIосенкIудил гъоркьа рукъалъул къед бохьараб дебиги къадалъ Къуръан-тIехь лъезе ва хIедул чирахъалъе гьабураб рукIелалги кверхъвачIого рукIана ирсилаз мина карт цIи гьабизегIан. ГIалихIажиясул рукъ буго ГIарадерил ТIасияб мажгиталда дандбитIун цо нухлул манзил гурого гьоркьоб гьечIого росдал, ХIола абун, годекIанибе балагьараб бакIалда.
ГIажаибго берцинаб бакI буго гIарадерил гьеб ХIола бакI. Гьединабго ХIола годекIан буго ТIаса Инхоги. Росо бакьулъ бугеб лъабго ункъго метраялъул гъваридаб къали ролъул хьалеб хурул гIатIилъи бугеб ХIола хIор сверун руго росдал бихьинал ригьалъухъ балагьун гIодор чIолел рукIарал «тахбакIал» – ганчIал. Умумуца бархъалисезулгун къотIи-къайги гьабун рачIинарурал, гъваридго ракьулъ лъурал щагIил гонгаз бачараб цIорораб лъим чвахулаан росдал руччабаз ва ясаз лъим цIолеб, бекIкIун ганчIил гьабураб берцинаб иццухъе.
БакътIерхьудехун бугеб иццул кIалтIаса рикIкIад гьечIого бихьула МухIидинил тIалтIа лъураб рукъалъе рес гьечIого хIажатабщинаб бича-хисулеб БагIула кIодол базар. Къирбалалде балагьараб СагIитил минаялъул рагъидаса хIарире кIанцIи букIана гIисин-лъималазда гьоркьоб бицунеб гьунарлъун, амма гьоркьоб ункъго метра бугеб рагъиги тун минаялъул тIохтIаса кIанцIи цIакъго лебалаздасан гурого бажарулароан. Бакъбаккудехун хIорил рагIалда букIана лъабго чияс къвалид жемулареб, гучаб, нусидаса цIикIкIун сонал рараб намус-карудал гъветI, бицен батана ГIалихIажияс бацIцIараб гъветI букIанин гьебилан.
Росулъ бертин-сухIмат бугони, гьеб карудал гъотIокьги лъалхъун, цо-кIиго бакъанги тIамун, гIодоб расанди бачинчIого иш тIубалароан. Гьенибго букIана бакIаб ва тIадагьаб кIиго гамачIги гIисиназ ва гIолохъабаз къец бан рехулеб, иххил щалай бараб, росдал лъимал гугарулеб тIабигIияб ургуги. ТIубараб рииялъ росдал лъимал рукIунаан лъелъ лебаллъи камил гьабулел ва гугариялъул къагIидаби куцалел.
Дидаги тIоцебе ХIола рагIана ХIасан-мутагIилас жиндирго берцинаб ва борхатаб гьаракьалъ шигIрияб бакъаналда ахIулеб ГIалихIажиясул Макка бахъиялъул турки. Хъвазе-цIализе лъаларев, амма ракIцIодорав, залимаб къаркъалаялъул, гIажаибго гIамал берцинав ХIасанида рекIехъе лъалаан ГIалихIажиясул киналго назмаби. Гьесулго вацгIал Чалабегил Идирисица бицунаан бажари бугев кочIохъан Гьарадерихъа МухIумагIалигун ХъахIабросолъа МахIмуд ГIоротIе вачIиналъул ва гьес Багьадурасул ПатIиматиде гьабураб сариналъул. Жиндицагоги кучIдулги хъвалев, гьелги ахIулев Идирисица хабар къотIизе толаан, сордо рогьинегIан ахIанила хис-хисун кIиясго кечI — МахIмудги къуркьичIилаха, хIалчIахъад, амма живги къечIилан абун.
Дица гьанже гIажаиблъи гьабулеб буго хъвай-хъвагIай гьечIого, басмаялде рахъарал тIахьал гьечIого, гьедигIан гьарзаяб бечелъи цояз цойгидахъе кIалзул каламалдалъун кьун, нахъе кIудиял умумузда цIунизе кIвеялда.
Лъаларо, мухIканлъи гьечIо, амма батизе бегьула, гIакълоялда данде ккола — кеп ихтилат хириял, батIи-батIиял кьералъул накъищал ва мугьраби жаниб бессараб рагьараб ракIлъун кколел шигIраби ва назмаби цIунараб, кочIое къимат кьезе цIар бугел кочIохъаби рачIунеб букIараб росдал баракаталъ цебе тIун ва тIегьан бачIун батилин ГIалихIажиясулги махщел ва гьунарилан. Амма лъала тIоцересел рокьул шигIраби ГIалица ГIорутIа цIалулаго ва хIалтIулаго хъварал рукIин.
Цо къоялъ ругьалил какде мажгиталде щварав Исламдибирасда ГIали мажгиталъув халлъуларо. РакIалда гьечIеб къварилъи ккун росулъецин ундайилан пикрабазда вугев гьев дибирасухъе ваккизе уна. ГIали гьесда сах гьечIого ватула. Гьесулгун гьабураб мушавуралдасан Исламида бичIчIула гьесул унтое дару гIицIго Маккаялда букIин ва нийят гьабула кIиясго цадахъ бичасул аварагасухъе сапар бухьине. Бачунаго халатаб зикрогун, тIолабго росдал жамагIаталъ нуха регIула жидерго дибир АхIулгохI тезегIан. Гьеб букIине ккола 1870 соналъул ноябрь моцI. Гьебго соналъ хIеж борхулев Шамил вукIин лъалеб жамагIалъ гьарула ГIалида Имамасда урхъараб саламги бицейин гIарадерил АхIулгохIда шагьидлъарал гъазизабазул ирсилазул рахъалдасайилан.
МагIарул мацIалъул дарсида къватIиса учителас цIехон буго цо нижер школалъул цIалдохъанасда Инхоса ГIалихIажияв киса вукIаравилан, гьес жаваб гьабун буго ГIоротIаса вукIанилан. ЦIалдохъанасе лъикIаб къимат лъечIев учителас гьев цIалдохъанасул бициндал, дица абуна жаваб битIараб бугин, ТIаса Инхоса ГIалил хIажи дир росдал жамагIаталъ вахъинавунин.
Гьаб бакIалда рекъон букIинин ккола ГIалил тIоцебесеб ХIеж борхиялъулги ракIалде щвезабуни, нилъее баракат щвеяв ГьаракIуниса НурмухIамадил МухIамадидеги раккун, цо-цо лъавукъал мугIалимзабазги жидерго цIалдохъабазе бицинегIаги букIине.
Доб заманалда Дагъистаналъул ва Чачаназул халкъалъ бихьизабураб бахIарчилъиялъул хабар тIолабго дунялалъул бусурбан халкъалда лъалаан, гьединлъидал Шамил Имам ва гьесул къапила Маккаялда хIежги борхун Мадинаялде щвараб мехалъ, шагьаралъул гIалимзаби, кIудиял чагIи данде рахъун кIудияб хIурмат гьабун буго гьезул.
Мадинаялде щвейгун Шамилица изну тIалаб гьабун буго шагьаралъул хIакимзабаздаса МухIамад аварагасде тIаде жив живго цохIо виччайин цадахъ чи гьечIого. Имамасул мурад тIубан гьев цадахъ чи гьечIого виччан вуго зияраталъ аварагасул хабатIе.
Бицен буго Шамилица рачлихъе щвезегIан тIаса ретIел бахъун бугила ва хабада цевеги чIун чIагояв чиясда гIадин гаргадун вугила ва Бичасул аварагасда, къоло щуго соналъ гьарурал рагъазул, халкъалда бихьараб гIакъуба къварилъиялъул, баччанщинаб зулмуялъул, исламияб диналъе гIоло шагьидлъаразул рехсон черхалда сири бан хIинкъадго суал кьун бугила, хвелалде цебе гъазават къабуллъиялъул цо мугIжизатги загьир гьабуни бокьилилан. Аварагасул хобалда жаниса кверзул сураталда цо берцинаб нур бачIанила Имам вугев рахъалдехун баккун. Шамил тамахлъун, тартадилаго, накабазда кканила. КватIичIого тIаде рачIарал хIажизабаз Имам ссверун ккунила ва гьенире Имамгун цадахъ рукIарал киналго Дагъистаналдаса 400 ялдасаги цIикIкIарав хIажичиги вакIаранила. Гьеб аварагасул зияраталда байбихьун буго цояс гIарабалъ, цойгидас гIажамалъ назмаби ахIизе. Гьеб мехалъ Имамас абун буго ГIалихIажиясдехунги вуссун гьадин: ГIалихIажияв, гьагъалщинал назмаби Дагъистаналда рукIарав чи жакъа гьав аварагасда цеве чIарав мехалъ, мун щай гIенеккун чIолев абун.
Гьеб мехалъ пиркъан тIадеги вахъун, Имамасде килищги битIун, ГIалихIажияс ахIанила аварагасде гьабураб назму. Гьеб ахIулеб мехалъ Имамги вукIанила гонгиниса лъимгIадин гьурмадаса чвахулеб магIугун, цIамухъ гIащикълъараб гIиял гъади гIадаб гIодулеб гьаракъ хIажизабазулги букIанила рикIкIаде рагIулеб.
1875 соналъул рии ращалъуда хварав чиясул хабада лъураб хъубаялда жанив къуран цIалулев вугев ГIоротIаса Салманил Дибирида, Аллагьасул къудраталдалъун, хобалъа рагIула ракI гъанцIулеб хварасул гьаракь ва гьев унтула захIматго. Дибирасде ваккизе вачIарав ГIободиясги قدس سره абула гьесул васасдехун, нужеца цIодорлъи гьабе, гьав халат хутIуларин. Гьобол унтун вугин хабар рагIарав, Индиралде гочарав ГIалихIажиявги вачIуна гьесде ваккизе ГIоротIе. Дибир хведалги ГIалихIажияв анкьица живго чIола гьесул хабада Къуръан цIалулев. Рузман къоялъ ругьалил какдаса хадув гьобол хисизе хабаде арав Дибирил вас МухIумидехунги вуссун ГIалихIажияс абула цо гIараб бакъан биччалищилан ва байбихьула махражалда берцинаб роцIцIараб гьаракьалъ суратул Ясин цIализе. Заманго иналде МухIумида рихьула киналго хваразул рухIал, заназде тIадеги рахун, ГIалихIажиясдехунги руссун.
МухIумицаги гьабула росдае чанго соналъ дибирлъи ва гьаракь берцинаб букIиналъ какги ахIулаан ТIасияб мажгиталъуб. 1877 соналъ Сугъралъ букIараб восстаниялдаги гьабула гIахьалъи. ТIарикъаталъул устар Сугъралъа ГIабдурахIманхIажиясулقدس سره мина бухIулелъул, гьесулги гIарадерил гIолохъабазулги гьениб бажари гIун буго устарасул гIелмиял тIахьал рухIичIого хутIиялъе, гьезде тIаде ракь хъван цIадудаса рахчун.
Дун бегавуллъун вищараб, араб гIасруялъул ункъоабилел соназ, росдал дибирлъун вукIана дица рехсарав МухIумил васасул ХIасанил вас МухIамад.
Коммунист партия тIогьолъ бугеб заман бугониги 17 соналъ росдае исламияб нухмалъи гьабуна гьев, тIекълъиялда тIад рекъоларев, росулъ гIадло ва цолъи бокьарав, лъикIав гIалимчияс. Гьесул нухмалъиялда гъоркь гIарадерил жамагIаталъ цIи гьабуна кIудияб мажгит. ГIемер бицунаан мунагьал чураяв МухIамадица Инхоса ГIалихIажиясул лъугьа-бахъиназул ва ккараб таралъул. Гьес бихьизабунги букIана дида ГIоротIа жиндирго умумузул минаялда жаниб букIараб ГIалихIажиясул рукъги.
Гумбет районалъул гIолохъанав прокурорлъун хIалтIулаго дир кабинеталдаги букIана Игьалиса ГIабдулхIамидица бахъараб ГIалихIажиясул кIудияб сурат. Дагъистаналъул прокурорлъун вукIарав Яралиев Имамица дида цIехана МелъелтIе вачIиндал, гьаб щив правоведасул суратилан, дица гьесие жаваб гьабуна гьасул щибаб рагIи букIанин мугIрузул законилан. Дида щайха гьев лъаларевилан гIажаиблъи гьабуна поэзияги бокьулев, жиндицаго кучIдулги хъвалев лезгияс. Инхоса ГIалихIажияв вугин абидал, гьев цо гIажаибаб асар гьабун лъугьана, гьадиназул сурат бокьараб бакIалдаги рекъолилан тIадеги жубана, дие кабинет къачIазе гIарацги биччана.
КIудияв шагIирасул 150 сон тIубаялъул данделъи тIобитIулелъул гьенире рачIун рукIана гIемерал гьалбал, гIалимзаби ва гьанже ругел Дагъистаналъул бутIрулги. ГIемер щвана дун ТIаса Инховеги, гьесул ирсилал руго дир гьудулзабиги гьалбалги. Лъай-хъвай ккана гьанже нилъгун гьечIел ГIалихIажиясул рухIияб хазина сундухъго балагьичIого данде гьабун цIунарал, жидер мунагьал чураял, ГIабасил МухIамадилгун, Инхоса ГIусманхIажиясулгун, ГьаракIуниса НурмахIамадил МухIамадилгун.
Рехсараб данделъиялда хъулухъчагIи ва гIалимзаби рещтIараб тIотIода нахъа халлъичIев НурмухIамадил МухIамад дида ватана ТIаса Инхдерил ХIола годекIанив гIодов чIун, аскIов чиги гьечIого, живго цохIо. Салам кьун бахъиналде дица цIехана гьесда мун рещтIараб бакIалда цIар лъалищ дудайилан? Дагьавго пашманго, гьинкIунги вачIун, гIалимчияс абуна КIудияв Имамасда лъалеб букIараб бакI нилъеда лъачIого бегьилищан ва тIадеги жубана гьаб хабар: рии бащалъуда гъоркьчIел гьабун, рахчун чIезе ккеялъ къечалъ хIал бергьун, тату хун бугониги, муридзабаз тушманасда тIад бергьенлъи босун хадуб цо наибас Имамасда цIехола, бугодай Дагъистаналда жакъад гьогьомараб бакIгойилан? Шамилица жаваб гьабула бугила ТIаса Инхо ХIола годекIаниб бугеб цIулакьодул гъотIокьилан. Лъаларо кида ва кин Имам багIарараб риидал ТIаса Инхове щун вукIаравали, амма лъала ТIаса Инхо ГIалихIажияв вукIинги, ЧIикь Имамасул туснахъ букIинги ва гьел росабалъан ГIанди – Гъагъалъе, Чачаналъе нухал рукIинги.
Дун ва дидасаги мустахIикъал рахун бажарулеб борхалъиялъул гIадамал нилъер кIудиял умумул рукIинчIониги, дирго жагьиллъиги хIисабалде босун, жигар бахъана дица бажарараб куцалда гьезул заманалъул гIаммаб сурат цебе чIезабизе. Жеги бокьилаан, гIарадерил тарихалъул хIакъалъулъ хъвай-хъвагIай бугев ва батарав чияс редакциялде битIани.
САЙИД ГIОБОДИЯСДЕ قدس سره ГЬАРУРАЛ НАЗМАБИ-РИСАЛАТАЛ
ЛъагIилухъа Шангерей
Щибаб рецц Аллагьасе лъикӀлъи, квешлъи бокьулев,
Жиндир хӀакъикъаталда хадув пикру гъоларев,
Хадуб салат халкъалъул хирияв АхӀмадиде,
Хирияб исламалде жиндица тӀоритӀарав.
Дир къасидат цӀалулес цӀакъаб пикруги гьабун,
Элъ рицунел берцинал хабаразухъ гӀинтӀаме.
МухӀамадан цӀар бугев, рекӀехъе Къуръан лъалев,
Киналго улкабазда гӀелму, адаб машгьурав,
Гъавус вуго гьев устар ахӀи жинде тӀамулев,
ТӀолго балагь щвараца гьари жинда гьабулев,
ХӀакъалде халкъ ахӀулев муршидасул цIар хъвайдал,
ЦӀер гӀадин шуюхазул силсилат берциналъана.
Жавгьар, якъут тӀад ххураб чӀухӀараб читӀир буго,
Чан нухалъ сунтӀаниги гьуинмахӀ тӀагӀунареб.
Гьумер жиндир гвангъарав, сахаватлъи бергьарав,
Чорхол рижи гьоркьохъев, чакарул кило гӀадав.
Мисал босун кӀалъани кӀудияб жавгьар буго,
ГIисинал маржаназда гьоркьоб жиб херхун бугеб.
РакӀазул унтабазе тохтур вуго кӀудияв.
РагӀал гьечӀеб ралъадлъун вуго нилъер гьев устар,
Босе гьениса жавгьар, бахъе гьениса маржан.
ЧӀунтун хвараб диналъул асарал цӀигьаруна,
Гьаб ракьул гьумералда суннат билълъинабуна.
Бакъ бухӀараб ракьалда цӀадалъ хурзал рижана,
Устарасул баркаталъ росабалъ дин цӀилъана.
Эсул хӀакъикъаталда хадув гӀадан гъоларо,
Эсул пишаби рихьун пикраби хӀайранлъула.
Ралъдалъ ругел ччугӀбиги, ракъдада хӀайваналги,
Гьаваялда хӀанчӀиги хӀайранлъун ккола эсда.
Малаикищ, гӀаданищ - гӀадан хадув гъоларо,
Чорхол хӀисаб гьабуни - гӀадан нахъ гӀунтӀуларо,
Бокьани гьаваялда хӀанчӀазулъ гьев хьвадула,
Къасд ккани ччугIбузулгун ралъдалъ гьудулъи ккола.
РекӀел хӀасад, хӀалхъублъи, гӀужбу, рияъ, унтаби,
ТӀаса босулев инсан Муршидул Камил вуго.
АкътӀабазул кӀудияс тӀуна нилъеде фаиз,
НакӀкӀилъан цӀад гӀадинан чвахун бачӀана рахӀмат.
Нилъер талихӀ гӀоларищ Дагъистаналъул васал,
ТӀокӀкӀараб лъеда жанир лъедезе щун бугелъул.
Шуюхазда гьоркьоса ватӀалъана рахӀмуялъ,
РахӀманасул кашпуялъ загьирлъана моцӀ гӀадин.
Эв рехсеялъ къосарал ракӀал риинаруна,
Эсул файиз щварасул курмул нуралъул цӀуна.
Аман, Алагь, дун анищ гьесул заманаялда,
Дирго чорхол рухӀги кьун гьесул хӀурмат гьабизе.
Устарасул тӀабигӀат макъратӀис гӀадаб буго,
Иллагьияб фаизалъ халкъалъул ракӀал цӀалеб.
АкътӀабазул кӀудияс ракь бокьухъе гьабула,
Жиниялъ гьобо гӀадин тӀад тиризе гьабула.
Зобалазул бакъуца ракьул гьумер гвангъула,
Гьоркьоб пардав кканани элъ асар гьабуларо.
Устар ракьул бакъ вуго халкъалъего нур кьолев,
БецӀаб сардилъ жиндир нур бокьанщинасе щолев.
Бакъуца къоязда нур къад гурони баларо,
Къаси бецӀаб сардие элъул гьунар гӀоларо.
Гьав Муршидул Камилас кидаго нур бикьула,
Сордойин къойин абун батӀалъи гьабуларо.
ГIажаибал аятал загьирлъана эсдасан,
ЗухӀаялъул гӀужалда бакъгӀан берзуй загьирал.
Эс кьураб зикруялда тӀадчӀей гьабе муридас,
Къиямасеб къоялда цӀунила эв инсуца.
БетӀе гьунар бугеца барщун бугин чамарсаг,
Босе нухда къадиквен сапар халатаб бугин.
ГӀасруялъул фалясуф къец ккун къец барав муршид,
МугӀанид мункир жинца мукӀур гьавулев устар.
АхӀмадил хӀадисалъул хӀукму жинца бахъула,
КъвакӀаралщинал бакӀал жинда ричӀизе кӀола.
Дагьистан гьаб ракьалъе барка кӀудияб лъикӀлъи,
Хиралъи жиндир тӀокӀав гӀарип жанив вижараб.
Кавказалъул мугӀрузе кӀудияб рохел буго,
Бергьарал хӀикматазул хӀаким нилъее кьурал.
ГӀулумазул ралъдалъан босе дангъураби цӀун,
Эсде инкар гьабулел тоге цере раккизе.
Чамарсагил гъветӀалъул бетӀе дуца чамарсаг,
Барщун бугин камилго кванай гьунар бугеца.
ШаргӀалъул агьлуялъе эс хъварал тӀахьал руго,
Киналго улкабазда эзул вилаят буго
Эсда хадув нилъее жавабал кьолев вугищ?
ШаргӀалъул ишкал ккараб борхулев чиго вугищ?
Кинабго эсул рагӀи хӀикматаз цӀураб буго,
АфгӀалал асаразул гӀибрат босун хал гьабе.
МагӀарипал анварал росе дуца эсдасан,
Рагьун бугин дуй кӀалтӀу, росе дурго мурадал.
Эсул гӀулумазул гӀop чвахулеб буго нилъей,
Кинабниги халкъалде квер щолеб их бачӀана.
Шайихасул гӀелмудал гӀайин лъугьунебани,
Элбрус мегӀер гӀанаб мегӀер лълъвинаан элъул.
СайхӀун, жайхӀун гӀоразул лъим жаниб чваханиги,
Эсул гӀулумазул xlop цӀун тӀаде бахинаро.
РикӀкӀун, хӀалкӀолеб гӀелму эсул рекӀелъ букӀинчӀо,
Туркгин, Туркман, Татаралъ цӀакъго жиб тӀибитӀана.
ГIулумазул ицц вуго, адабазул нур вуго,
Кутубал хъвалев катиб вацӀцӀадав устар вуго.
Бицаралда божичӀев мункир вугев ватани,
Балъгоялгун тӀатарал гьунаразде балагье.
Эсул тӀахьазда жанир акъвалал гӀемер руго,
Пайда босзе бокьани бокьарас къвалакье къай.
Кашпу, караматалъе “Канз-уд-дурар” гӀоларищ,
Расму гӀадат кьучӀдасан рехун бугин биххизе.
ГӀарац, месед нужеца хазинадай цӀунуге,
Хазина бокьараца "Канз-уд-дурар" кодоб ккве.
Ралъад буго "МухӀарар" лъедезе бокьаразе,
Гьунар бугев гӀалимас фатва босе жанисан.
"Шаварикъул Анваран" цоги тӀехь буго эсул,
ЦӀвабзазда гъорлъ бакъ гӀадаб халкъалъе канлъи кьолеб.
Эсул "Набзатул Санад" битӀаралде халкъ цӀалеб,
Инсанасул мугъ чӀвазе сангар къалеб гӀадинаб.
Гьале гӀатӀидал нухал устарасул тӀахьазда,
ТӀадегӀанаб бакӀалъан баян гьабун бицарал.
Чан-чан гьунар халкъалда гьес бихьизе гьабураб,
ГьоцӀо босзе бокьани тӀалиде хехлъи гьабе.
ТӀадегӀанаб бакӀалде къасд гьабурал гӀадамал,
КъвакӀараб жони буго хӀинкъарас кверал чӀвазе.
Эсул канлъи хадусан загьирлъараб жо гуро,
ТубагӀшагь вахъиналде хъван букӀараб жо буго.
ТӀолго дуниялалда квершел батарав чиги,
Вилаят батарасде даража тӀокӀав гьечӀо.
ГIурсазул хан Дараги, Кисра Ануширванги,
Ишкандарил ханлъиги - хал гьабуни басралъи.
Ракьул гьумералда тӀад гьунар, цӀар тӀибитӀана,
Петро-Падишагьасда гьунар эсул тӀатана.
Халкъалъул Имамасде кинабго халкъ буссана.
Гьинд, ГӀараб, ГIажам, Хазар гьесде тӀаде гьетӀана,
Эсул гьаркьихъе тӀаде тӀолго гӀалам гурана.
Курдгун, абхаз, падарал цӀакъго эсде руссана,
РикӀкӀадаб бакӀаздасан гӀадамал эсде щвана.
ГIурсгин, судан, негралцин эсухъе рачӀунаан,
Чачаназул гӀадамал эсде лъикӀ хьвадулаан.
АсатӀинал, ингушал цӀад гIадин чвахулаан.
Балагье Лезги, Ширван, Гуржистан улкабазде,
Гьесул асарал щвечӀаб бакӀго батулищали.
Гьаб ракьул гьумералда киналго улкабазда,
Эсул гӀурул лъим щвечӀеб бакӀ бугодай кибниги.
Ираналда, Синдалда тиризе мун анани,
Тавуш эсул рагӀичӀеб бакӀ дуда батиларо.
ЦӀакъ якъинаб жо буго ХӀижазалул агьлуги,
Эсде зиярат гьабун тӀаде хьваделел рукӀин.
Эв ваккараб аслу-бакӀ Авар Хунзахъан буго,
Кавказалъул кьалбазда кьили чӀвараб бакӀ буго.
Эсдасан бугеб нуралъ бакъул дунял гвангьана,
Хунздерил сверухълъиго Мисри гӀадин лъугьана.
Дагьистаналъул мугӀрул цӀакъ чӀухӀун рорхалъана,
ГӀободияв вижараб ракьалда жал ругелъул.
Алфазазул гьуинаб ГIобода лафз абула,
Аслу лъикӀаб бугони исму цӀакъаб батула.
ГӀарабалъул алфазал сарпалъул формаялда,
Масдар сигьаялдасан рахъулеб гӀадат буго.
Баянаб жо гьечӀищха их кӀалахъе чвахулеб,
Гирун унел гьарчалги гъварилъуде кӀанцӀулеб.
Гьединго реханщинаб гамачӀ, чӀимхал чӀолеб бак,
Ралъадгин xlop лъималъул тӀину гурищ букӀунеб.
Шайих жанив вахъиндал росу тӀадегӀанлъана,
Росабазул бетӀерлъун Баланжар гӀадин ккана.
Тоботилан абулеб аваразул лъар буго.
Устарасухъ рокьи ккун ГӀободехум сверулеб.
Авар агьлу устарас лъикӀаб рокъой рачана,
ТӀанса-салмагаз цӀураб, сверун дарай бигъараб,
Макьасалъул тӀугьдуца берцин гьабуна авлахъ,
Устарасул баркаталъ камиллъана расалъи.
ГIурччинаб байданалда тӀанса бугин тӀибитӀун,
ТӀаде шагь вачӀиналде къачӀараб бакӀин ккола.
Балагьарав чиясул бераца хал гъабула
ТӀанса-салмагалда тӀад тӀиритӀарал тӀугьдулан.
Тибетгин Пальмиралъул мугӀруздасан ретӀарал,
ТӀугьдулищ гьурщун ругел, гъуинал махӀал ругин.
Рии бакьулъ бокьарав цӀехезе вачӀа дове
ЦӀиркъалъул цӀоко гӀадаб чарчараб байдан буго
Нусиречалъул нуси лълъел мухъазулъ бихьула
Кашмиралъул лъаразда берцинлъи цӀакъ релълъуна
Гьеб Макьас ракьалъул таж, месед тӀад биччараб дугъ,
ТӀасан гьава гьогьомаб гьуинмахӀаз бацараб.
Гьеб берцинаб гӀатӀилъи, гӀалам урхъараб авалахъ
Алжанул байдан гIадаб тӀогьол ц|ураб бакӀ бугo
Эсул росу ГIобода лагълъи гьабулеб росу,
Метер ахираталда Алжан босулеб росу.
БетӀербахъи ТӀануси тӀубан гӀатӀилъун буго
ГIободияв хьихьидал баркат гӀемерлъун буго.
Хунзахъ росу гӀурччинаб авлахъ гӀадин лъугъана,
Устарасул баркаталъ бергьун цебетӀун ана.
БакьагьечӀиб росуги берцинаб гохӀда цебе,
Эсул хӀурмат гьабидал гьаваялде бахана.
Гьеб моцӀалъул бихьиги Гьарадарихъ тӀатана,
Гьезулгун гӀамал рокъон ГӀободияв хӀалтӀана.
Хирияй ХӀалиматил хӀурмат цӀикӀкӀароб буго,
Зияраталъ хьвадулеб халкъалъул хӀисаб гьечӀо.
Элъул фуюзалъул махӀ ГIоротӀасан баккана,
Пихъал, хуралги рачӀун магӀишат гӀатӀилъана,
Элъул баркат, камиллъи киназдаго бихьана.
Ахидуниб пихъалъул хайир эзий цӀикӀкӀана.
Дур калам бачунаго Кулдерий бакӀлъи ккана,
Кидаго балагьалъул гьури эздаги чӀвачӀо.
Хьиндадерил росдаде басралъи тӀаде щвечӀо,
Месед жаниб бахчидал чияде хӀажалъичӀо.
Малъараб гьабун гьамщал гьесие хиралъана,
Берцинаб магӀишатгун яшавалда хутӀана.
Кашпу, карамат эсул Эрпели цӀакъ гьурщана,
Эсде инкар гьабурал гьидаят щун руссана.
Муридзабигун устар ИштӀибурив вачӀана,
ЛъикӀаб куцалъ чӀелилан гьабураб къотӀи хвана.
ИштӀал, ИнкӀкӀвадериде къварилъаби рачӀана,
Эсул нухал рехидал захӀмалъаби камичӀо,
ЛъегӀелилан абуни эсдехун балагьичӀо,
Эсул хӀурмат гьабулеб росулъун рикӀкӀунаро.
Меседил мугӀрулги тун боржун ана нилъер цӀум,
Инсан хадув гъолареб балъгояб ишалдалъун.
Халкъалъул хан ун вуго улка тун къватӀивехун,
Къимат бугел асарал анир халкъалъеги тун.
ХӀижазалъул ракьалде къокъун ана эв устар,
Халкъалъул Сайидасул хобалъухъ гӀищкъу бергьун.
РекӀелъ бугеб гӀищкъуялъ керендай дур бухӀараб,
Вохун, тирхун зиярат ХӀабибасде гьабураб?
Ясрипалъул ханасул саламдай дуде щвараб,
Мадинаялъул гъорол гьугьендай дуда чӀвараб?
Маккаялдасан пирхун пирицин гурищ щвараб,
Гьеб Байтулагь бихьизе хехлъи дуца гьабураб?
Аллагь вокьун каранда цӀацин гурищ бакараб,
Сияр, сулукалдасан ахӀкамал цӀакъ росарав,
Сайид вукъараб ракьул къимат кӀудияб буго.
Гьев вукъараб ракьалъул багьа гьабун кӀоларо,
ГӀарац-месед, жавгьарги дандего бачӀунаро.
ХӀукму, къадарги букӀун ГӀилиюналде ана,
ХвечӀого жив РахӀманас хӀазраталде вачана.
Авар улка-ракьалъул мугӀрул хадур гӀодана,
ЛъарагӀазул авлахъаз тӀуна хадуб магӀил гӀор,
Хвел гъалбацӀин абула, ворчӀизе чи толаро
Рохьоб бугеб хӀутӀ-хъумур хьамичӀого толаро,
Кьижа, устар, мун гьанже цӀиял бахӀарзал гӀадин,
Вега мун рахӀаталда рорхатал тахбакӀазда,
Алжаналъул гӀурччинал гӀурабазда вега мун,
Рафраталда тӀадги чӀун тӀокӀаб мурадги босе.
ТӀанусиса ГӀабдулмутӀалиб
Шангерайил назмуялде
Гьаб байталъул хӀурупаз тарих бицунеб буго,
Къасидат тӀубараб сон баян гьабулеб буго.
Азаралда лъабнусго, лъабкъоялдаги анцӀго,
Хадуб микьго сон буго тарихалъул тама-гIуж 1378
Микъаталъул агьлуялъ элда цӀар толеб буго:
Жамалу кабирилан кутубаз хъвалеб буго.
ГIажаба шагӀирасул гьунар кӀудияб буго,
ТӀокӀлъи-ками течӀого тарих бицунеб буго,
ГIела цо инсанасе пагьмуялъул камиллъи,
Кинандай эсда кӀвана эл данде ккезаризе.
КигӀан цӀакъ веццаниги бегьила рецц гьабизе,
Гьалгощикал хӀарпазул хӀисаб кьезе ургъарав.
Адаб, НахӀви, Сарпалъе сверухълъи мукӀурлъарав,
МагӀадгин хӀикматалъул хӀукму жинца бахъулев,
ХӀадис, Тафсир цӀализе цӀар арав гӀадан вуго.
ГӀарузгин МантӀикъалъе тӀокӀворчӀарав чи вуго,
ТӀолго Сияргин Сулук лъикӀ лъалев инсан вуго.
Усулгин каламалъе камилав инсан вуго.
Кавказалъул ракьалда цӀар арав Муршид вуго,
ЦӀвабзазул хӀисаб кьезе хӀалкӀолев устар вуго.
ХӀисабгин тарихалъе тавуш арав чи вуго.
Tore нужеца гьесул васият цӀаличӀого.
Къварилъарал ракӀазе сабабалъе рукӀине,
Сайидасул бицараб шигӀру кодобе босе.
ШапагӀат гьабиялде хьул гьабулев муридас,
Манакъибал тӀад хъварал тӀахьазул хӀурмат гьабе.
ТӀолго гӀулумал лъалев гӀадан вукӀинчӀевани,
ГӀарабалъ шигӀру хъвазе нилъер хӀалкӀвелароан.
ГIарузалъе лебалав шагӀир вахъинчӀевани
Щвелаанищ халкъалъе хазина кодоб кквезе.
Хирияв Сайидасул сиярал рицун ругин
РакӀ бацӀадав муридас босичӀого теларо.
Муршидасул къисаби къадруялда хъван руго,
Къвалакьа камун тарав камилав гӀадан гуро.
ГIаламалда рагӀичӀеб къасидат бахъун бугин,
Къалмиде босичӀого сордо рогьине тоге.
Ракьул гьурмада гьечӀеб чӀухӀараб назму бугин,
ЧӀарбида регизегӀан рокъоса камун тоге.
Кавсаралъул rlop гӀадин ГIободасан чвахулеб,
Черх чуризе къасд лъурас къавутӀе сверизабе.
КъотӀи гьечӀеб лъар бугин ЛъагӀилухъан баккулеб,
Бокьарасе гьекъезе гьуинаб тӀагӀам бугеб.
Гьединал гӀелму лъалел гӀалимзабаз веццарав,
ГIободияв какизе кинан нуж нечоларел?!
Катибзабаз тӀокӀ гьабун къимат кьурав чиясде,
КъваригӀинарищ нужей гьаваялда кӀалъазе!
Гьесухъ изну гьечӀилан гаргадулел чагӀазе,
Гвангъараб хӀужагь буго хӀадисалъул Мугьасир.
Муршид вукӀинчӀин абун кӀалъалел гӀадамазе,
КӀудияб шагьра буго Шангирейихъе ине.
Дунги ТӀануси гӀурав ГӀабдулмутӀалиб вуго.
Шангереяс къачӀараб къадада хӀарщ бахине,
КъватӀив вахъун вукӀанин кӀалъаге дида вацал.
КӀудияв шагӀирасул назму буссинабунин,
Низамалда гьечӀилан чӀваге дида гӀайибал.
ГIараб шигӀру гьабизе гьунарги дир рекъечӀин,
Гьабуралде гӀинтӀамун гӀажамалъ гаргаданин.
ГIободи устарасул сиярал рицун танин,
СагӀиралъул цӀа ссунеб ралъадлъун гьабе, Аллагь!
Ралъдадасан цо къатӀра къватӀибехун босанин,
Къваридаб хоб гвангъизе чирахълъун гьабе, Аллагь!
Гьаб къасидат бахъизе сабаблъун жив гьавурав,
Гьарадерихъ Идрисил атамал тӀаса росе!
ТӀолго диналъул вацал, яцалгун агьлу, хъизан,
Агьвалазул къояца къварилъи бигьа гьабе.
Гьаб тӀехьалда рехсарал росабазул гӀадамал,
ГIободияс кверги ккун ккаги гьел Алжаналде.
Амин.
ТӀанусиса ГӀабдулмутӀалиб
ЛъагIилухъес рицинчIел манакъибал хъвантезин.
Хундерил районалда, Аваристан ракьалда,
ГIободияв абулев устар загьирлъун вуго,
Макка-ХIарамалде щун хIеж гьабун нахъ вуссарав.
МухIамадхIажийилан жиндир цIар машгьурлъарав,
Эсул муридзабаца жиндир цIар жибго тарав,
Сайид гуреб лафз абун мурид жинда кIалъачIев.
ХIежалдасаги вуссун гьаб Дагъистан ракьалда,
ГIезегIанго сонаца суннат чIаго гьабурав.
ГIобода рузман балеб, ИнкIкIелтIа зикру балеб,
ЦохIо къо, цохIо сагIат кинаб амру букIунеб?
Хъвадарулеб цояб квер, гаргадулеб кIалдиб мацI,
«МухIарар» хъвалеб мехалъ Харахьи бихьун буго.
ДагIбадизе рачIарал, къец базе данделъарал,
ГIуламаал эб къоялъ мукIурлъун нахъ руссана.
ШагIбанкъадил хоб бицун халкъалда загьирлъана.
ТIалъиялъул улка цIакъ эсие мукIурлъана.
Лъабнусил бетIералде тарих бахараб мехалъ,
Дагъистанги жибго тун, ХIабибасухъ гIищкъу ккун,
ГIарипас къасд гьабуна къиблаялъул ракьалде.
Маккаялда лъугьарал кIудиял караматал,
Киналго улкабазда бакъ гIадин загьирлъана.
ГIарабустан ракьалда рукIарал гIарипзаби,
ГIободияв щваравго щибго тун мукIурлъана.
Мисри, Шамалда ругел щуюхазул къокъаби,
КъутIбу тIаде вачIингун, чIарбида гIодор ккана.
ГIаламалъе бицине хабаралъе гIеларищ,
Хундерил мугьажирас улка кодобе боси.
Кавказалъул халкъалъе бицаде букIинарищ,
КIудиял шагьрабаца шайихлъун къабул гьави.
ИГЬАЛИСА ЧУПАЛАВ,
гъваридаб динияб лъаялъул инсан, шагIир.
КIиго мужадидги нусго шайихги,
МагIарул хвалчада гьоркьор рахъана.
ГъазимухIамадги ГIободиявги,
Макка-Мадинаялъ къабул гьаруна.
МухIамад Ярагъи, сайид Сугъури
Свинаро нужер нур гьаб ракьалдаса.
Жамалудин шайих-шаргIалъул къолден,
Щваги дур шапагIат шигIру хъварасе.
Маккаялъул къутIбу сайид ХIосенас
Сайид ГIободияв хIужра кьун тана.
Равзаялде щведал мужадидасда,
ЖамагIат гьардедал гьенивго чIчIана.
Гьедин ХIажиахIмад Гъумекиясе,
Жив унеб мехалда халафат кьуна.
Гьев хведал жиндир вас Аргъваниясда
Иршад тIобитIеян тIалаб гьабуна.
Анкьалго маъзумал ГIободиясул
ГIадамазе швана шаргI тIобитIизе.
ПирмухIамад шайих Хушдадиясе
Халкъ иршад гьабизе изну кьун тана.
Идирис маъзумас Хъумтурхъалисан
Камилаб дин-ислам дурус гьабуна.
Абубакар Имам Ингушив рещтIун,
Агьлу суннаталъул сангарлъун чIчIана.
ГIамиргIали устар Алмахъалдаса
НахъбакIал къалъарав бакълъун вукIана.
ГIусмандибир-ГIурив, ГIавухъалъ-ТIалхIат
ГIелмуялъул цIураб ралъадлъун чIчIана.
Дагъистан чIухIарал гIалимзабазул
ГIемер тIахьал руго тIарикъаталъул.
ТIолго ГIарабустан жидей мукIурал
РукIана магIарухъ гIелмудал курмул.
ГIободияс хъвана къоло щуго тIехь,
Гьезул анлъго буго Дагъистаналда.
Гьесул тIахьаздасан тIокIкIараб гIелму
ТIолго гIаламалъе гIела ракьалда.
ГЬАРАКIУНИСА НУРМУХIАМАДИЛ МУХIАМАД,
магIарулазул цIар рагIарав гIалимчи.
-Хунзахъ районалъул ГIободаса КъебедхIажиясул вас МухIамад-хIажи вукIана цIакъ кIудияв гIалимчи, машгьурав тIарикъаталъул устар. МухIамад-хIажияв бергьарав гIалимчи лъугьун хадуб, эсие гьитIинав чиясе тIарикъаталъе изну кьуна Гъумекиса машгьурав тIарикъаталъул устарас Гьухъалиса МухIамадица قدس سره.
Цинги накъшубандияб тIарикъаталъе эсие изну кьуна Сугъралъа Муршидун Камил ГIабдурахIман-хIажияс قدس سره.
Нахъеги эсие анлъго тIарикъаталъе изну кьуна Маккаялда вукIарав Сайид ХIусейн СалихIица قدس سره 1878 соналъ.
ГЬАРАДЕРИХЪА ХIАБИБУЛЛАГЬ,
магIарулазул цIар рагIарав гIалимчи.
ГIободияв устар قدس سره гьитIинаб мехалъ цIализе ана Гьухъалиса МухIамадида قدس سره аскIове, гьесдасан тIарикъатги босана. Гьев жиндирго устарги, мударисги Мадинаялде гочун индал, ГIободияв قدس سره вачIуна ГIабдурахIман-хIажи Сугъуриясда аскIове. Гьенив чIчIола гIезегIан заманаялъ. Сугъурияс قدس سره гьав къачIазеги къачIан, жиндирго бакIалда чIезавула, ва гьесие изнуги кьола Дагъистаналъул халкъалда кIиябго тIарикъ малъизе: Лаиллагьа илаллагь абурабги ва жалалияб лафзалдалъунги.
Гьедин гIемераб заманаялъ Дагъистаналда кIиябго тIарикъаталъул устарлъун вукIана МухIамад-хIажи ГIободияв قدس سره, жиндие ГIабдурахIман-хIажи Сугъурияс قدس سره халгIатги чалмаги кьурав маъзун, нахъеги тIарикъаталъул устарлъунги кIудияв къутIбулъунги вукIарав Маккаялдаса Сайид ХIусеница قدس سره гьижра тарихалъул I288 соналда хъван мугьруги чIван, гIемерал лъикIал гIадамазда цебесан, ГIободиясе قدس سره изну кьуна анлъго тIарикъат малъизе, гьесда тIад халгIатги ретIана, чалмаги къана.
САГIИД АФАНДИЯСقدس سره ХЪВАЛЕБ БУГО
Хириял бусурбаби, дагъистаниял! Ножода бихьула буго гьал рехсарал вакъигIатаздасан иршадалъул изноялда тIасан гIалимзабазул бугеб кIалъай. Жедеца бицаралги жедеда тIасан хабар бицаралги – гьал рехсарал гIуламаал рукIана кIудиял ралъадал. Гьазул гьечIо цонигияв, нилъеца рагIи къабул гьабизеги, нилъ божизеги бегьуларев, кинаса батаниги, гьаз бицараб бицунилан дида гIайиб чIвайги битIун букIинаро…».
СагIид Афандиясра жиндирго тIехьалда "МажмугIатул Фаваид" -алда ГIободияв Накъщубандияв Устар вукIанилан меседил рахасалда Силсилаялдаги рехсонги вуго:
Гьаб цебехун рехсараб накъщубандияб тIарикъаталъул силсилат Аварагасдаса ﷺ бахъараб бачIун буго ИсмагIелил-Курдумериясде щвезегIан, гьевги вуго силсилаталда 31-абилев. Гьесдасан силсилат бикьана кIийиде, ай гьесул вукIана кIиго маъзун: МухIамадсалихI Ширваниги ХасМухIамад Ширваниги. МухIамадсалихIидасан гьав ккола 32-абилев гьаб силсилат бачIана КъахIиса ХIасан-афандиясде, гьав ккола 38-абилев гьаб гIаркьелалъул. ХасМухIамад Ширваниясдасан гьеб бачIана МухIамад ал-Ярагъиясде, гьесдасан – Жамалудин Гъумукъиясде, гьасул маъзунзаби ккола Мамадибир Ручи, ГIабдурахIман Сугъури ва Шамил-Имам. ГIабдурахIман Сугъурияс изно гьабун буго Багиниса ШугIайб-афандияс бицаралда рекъон МухIамад-ХIажи ГIободиясеги ЦIадахIариса Илясиеги.
«ГIабдурахIман Сугъуриясулقدس سره гьадав кIиявго горони маъзун вукIинчIо, жив ГIободиясулقدس سره маъзун вугоян дагIба барав Хошдодаса Фир-МухIамадни вукIана», -ян абулеб буго Багинияс.”
СагIид Афандиясقدس سره хъвалеб буго жиндирго тIехь «МажмугIатул Фаваид»-алда «…ГIасаса ГIабдурахIманхIажияс, ГIободияв бергьарав гIалим вукIанин абун, гьесул хIакъалъулъ гIемер бицен гьабулаанила.
ХЕЛЕКЬУРИСА ГIАБДУЛАГЬИЛ МУХIАМАД,
магIарулазул машгьурав гIалимчи.
Аллагьасﷻ дие цIоб гьабидал, ГIободиясул قدس سره истилахIалги манакъибалги лъаялдалъун, дие бокьана дагьал гьесул ахIвалал баян гьаризе, гьесда нахъвилълъине бокьарасе ракIгъеялъе букIине.
Гьев ГIободияв Сайидقدس سره вукIана камилав Имамлъун жив вугев камилав шайих, тIадегIанал хIалазул бетIергьан, Аллагьﷻ лъаялдалъун футухIатазул асс, накъщубандияб тIарикъаталъул Сайидقدس سره, гьаб нилъ жинда жанир ругеб 14-абилеб нусго соналъул Имам.
Гьесул караматаздасан буго гьас тIахьал данде гьарулел рукIин. Кваранаб квер хъвадарулеб букIунаан, квегIаб чIумал рехулеб букIунаан, кIалалъ зикру бачунаан, гьеб гьабулеб тасбихIалда цадахъго.
Цо гьесул лъикIав муридас-Хьиндахъа МуртазагIалица гьикъун буго гьесда гьеб лъабабго жо цадахъ цохIо гIужалда гьабизе дур хIал кин кIолеб, гьеб тIехь данде гьабизе цIакъго захIматаб жоги бугелъул, хасго тIахьаздасан босун, яги устарас малъун гьабулебги гьечIони абун. Гьесие жавабалъе Аллагьﷻ разилъаяс абуна: «Дида тIадаб гьечIо щакъиялдаги ччун мухъил рагIалда къалам лъей гурони. Цинги Аллагьасﷻ, жиндир къадаралда рекъон, гьеб билълъине гьабула»,- абун.
Сайидасулقدس سره киналго тIахьалги руго Къуръан-ХIадисалдасан росун данде гьарурал. Гьес гьениб рехсон гьечIо цересел мусафиназул рагIаби, далил бачиналъе гIоло гурони. ТахIкъикъалъул агьлуялъул шартIги цоги чиясул калам далиллъун гурони жидер тIахьазда жаниб хъвалареб буго. Гьелдалъунги лъала Аллагьﷻ разилъаяв шайих ГIободиясулقدس سره макъамалъул тIадегIанлъи.
Расуласул ирс босарал акътIабазе гурони кIудияб фатхIу букIунарелъул, гьедин букIин лъала вализабазул тIахьаздасан.
Гьединго, гьесул хиралъабаздасан буго гьев вукIин Аварагасулﷺ нухалда цIакъ нахъвилълъун, жинда Аллагьﷻ разилъаяв вукIана хавасаздаги гIавамаздаги жанив, гьелдалъун машгьуравлъун.
Гьесул шайих Сугъурияв къутIбуяс قدس سره абуна цо жиндихъе гIемер вачIунев муридасда, гьев Сайид ГIободиясулقدس سره бицен гьабидал, дунги дида цересел шайихзабиги гьев ГIободиясеقدس سره мукIурал рукIана кIиго жоялъе: суннат цIуни-цо, шаргIалъул нухалда хъизан цIуни-кIиго. Лъабабизе цояс абуна караматалги хIалалги рахчун, халкъалдаса вахчиги бугин гьесул гьев тIокI гьавураб жоян. Гьедин гьесул караматаздасан буго щибго пиша букIа, рагIи букIа, вагъа-вачари букIа, чIей букIа, нахъиял хIалал- жал рукIа, кигIан гьитIинабги жо суннаталда рекъараб гурони букIунгутIи.
Гьев разилъулароан щибго гьабизе щивниги чиясда кинабго жо, хIатта рукъалъе гьабулеб хIалтIи-пишацин, суннаталда рекъон гьабичIони. Гьес абулаан рокъоре рагьдухъан лъугьине кколилан, гьедин гьабеян. Аллагьﷻ разилъаяс гьедин гьабизе ккеялъе далиллъун гьаб аятги цIалулаан «Вама арсална мин расулин иллалиютIагIа биизниллагьи». Гьелъул магIна буго «Аллагьасﷻ цониги расул витIичIо Аллагьасулﷻ изнуялдалъун жиндиде гIадамал мутIигIлъизе гурони».
Гьев Аллагьﷻ разилъаясул разилъи Аллагьﷻ разияб жо гьабиялъулъ букIана, гьесул ццин бахъинги Аллагьасулﷻ ццин бахъунеб жо гьабиялъулъ букIана. Суннаталде хилипаб жо Аллагьﷻ разилъаяс щибго къабул гьабулеб букIинчIо. ХIатта бичIун бачIараб цIул гьес нахъ чIван буго, как ахIулеб мехалъ чIечIого бичIун бугин абун. Гьединго, жиндирго лалилъан бачIараб богIол гьир босун вачIарав чиясда абун буго гьеб дуего теян, как ахIулеб мехалъ чIезе тун гьечIин, гьеб жиндие бегьуларин абун.
Гьединаб букIана гьесул кинабго жоялда жаниб гьабулеб иш. Гьединго, Аллагьﷻ разилъаяс, гIемер абулаан гьал рагIаби: «РекIел хиял, кIалзул жаваб, чорхол гIамал цоцазда рекъон рукIине ккелилан, суннаталде хилипаб жо шаргIалъ къабул гьабуларелъул».
Гьесда аскIоб суннат цIакъ тIадегIанаб жолъун букIана.
Гьесул киналго тIахьазул щибаб тIамачалъ борхараб гьаркьидалъун ахIулеб буго: нуж Аварагасдаﷺ нахъ рилълъаян абун. Гьев Расуласда нахъвилълъин буго хIакъикъияб гIибадат. Гьелдалъун гьев вахчула гьаваялъул лагълъиялдаса, амма суннатазда нахъвилълъин рехун тани, гьев гьаваялъул лагълъун вукIуна. Лагъасе Аллагьﷻ вокьун вукIин лъалеб жо- гьеб буго бусурбанчи МухIамад Аварагасулﷺ суннатазда нахъвилълъин. Сайид ГIободиясул قدس سره муридзаби цойгидаздаса ратIа рахъизе лъала, гьел цIакъго ва сундулъго Аварагасулﷺ суннат цIунарал рукIиналъ. МухIамад Аварагасﷺ амру гьабун, абун тун буго: «Нужеде диналъул хилиплъи тIаде гIунтIараб мехалъ, нуж суннаталъул агьлуялда цадахъ чIчIа!» - ян абун.
Аварагасулﷺ цойгидаб хIадисалда абуни абулеб буго: «Ягьудиял лъабкъоялда анцIила цо бутIаялде рикьизе руго, насраниял лъабкъоялда анцIила кIиго бутIаялде рикьизе руго, дир уммат абуни лъабкъоялда анцIила лъабго бутIаялде рикьизе руго. Гьезда гъорлъан дир умматалъул цо къукъа гурони хвасарлъизе гьечIо ва лъабкъоялда анцIила кIиго къукъаги жужахIалде ине буго. Гьеб хвасарлъулеб къукъа кинабин абуни- гьеб буго дунги ва дир асхIабзабиги жинда ругеб, жидеца дир суннат ккуразул къукъа.» - илан.
Инсанасул иман тIадегIанлъанагIан, гьесул тушбабиги гIемерлъулеб, хIасадчагIиги гIемерлъулеб гIадат буго. Гьединабго жо кканин абизе бугьула Сайид ГIободиясулги قدس سره. Аллагьасﷻ гьесул даража жеги тIадегIан гьабеги. Амин!
ХЬИНДАХЪА АБУБАКАР,
магIарулазул машгьурав гIалимчи.
Азаралда ункънусабилеб къарнуялъул мужадид вукIана гьев, лъабнусиялда лъабкъого шаргIалде жиндир гIамал бугев.
Жиндир кашфу бахчарав ГIободиясулги قدس سره, жиндир кашфу загьирав ГIабдулкъадир Гиланиясулги даража хал гьабидал, Геланиясул батана анцIила анлъго даража, ГIободиясулقدس سره батана щунусго даража. ШаргIалда рекъон хъизан хьихьиялъеги, мурид цIуниялъеги, суннат цIуниялъеги киналго акътIабаца жиндие рагIи толаан. Аллагьﷻ разилъулареб жо жиндасан лъугьунароан.
Сиррул къараралде жив ваккизе гьавурав гьебги буго лавхIул махIфузалде гIелму биччараб бакI гьесул къадру макъаналда хадув чи гъоларо. Гьев вукIана жинца дунялалъул рахIат босичIев. Къад гIадамазде вуссун, къаси тIахьазде вуссун, лахIту гIадаб бецIаб рокъов, чирахъги бакичIого, бачунаго зикругун, квералъ къаламги ккун, лъабго жуз хъван батулаан. Жинца дарс цIалулел мутагIилзабиги рукIунаан.
КIал кквейги даимаб букIана Сайидасулقدس سره. Анлъго къоялъ кIал ккун, анкьабилелъ мажгиталдаса вахъун вачIунаго тарана дагьав. Жинца абуна: «ГьадигIанго-гьадин гIакъуба кьелароан букIараб дица гьаб черхалъе, гIурусазе хъулухъалда ругел милицабиги жужахIалъуй риччаларилан гуребани», - абун.
Жиндир хьул ккараб жо жиндие щвани, жинца гьеб кваналароан, напсалъе бокьараб жо гьабиларилан.
Гьев Сайид ГIободияв قدس سره вукIана КъутIбул гъавс.
Маккаялда гурого чIчIезе бегьичIого, эбел-инсуда гьурмал рихьуларел руччабиги рачун гIараб ракьалде ана. Энивги эсда мугъ базе гьабулев чи ккечIо. Ахирги киналго гьесие мутIигIлъана.
Азаралда ункънусабилеб къарнуялда жанив вугев мужадид лъаларев чиясда, лъалел гIаламатал руго, пикру гьабуни: киб бакIалда жив вахъаниги, гьесул чIчIей букIине ккола Маккаялда. Нахъеги гьев вукIине ккола жиндаса тIадехун гIелму-лъаялъул рахъалъ щивго чи гьечIеб макъамияб даражаялда.
ГIОБОДАСА ДИБИРДАДАЛ МУХIАМАДИЦА БИЦАРАЛДАСАН:
Сайидгунقدس سره цадахъ гIагараб ГIобода росулъги цогидал росабалъе цадахъ хьвадунги исламияб лъай босун буго гьесул вацгIал ГIабдулпатахIицаги. Росуцояз жиндехуналдаса Сайидасдехун цIайи цIикIкIун гьабидал, гьес абун буго, дицаги МухIамадицаги цадахъ цого лъай босанин, щиб тIокIлъи нужеда гьесул би-хьулебилан. Гьединаб калам гьес гьабун буго аскIов МухIамад вугеб бакIалдаги. Сайидасقدس سره абун буго, нилъеца цадахъ цIалун гIелму-лъай босанин цого чагIаздасан, кин бугониги, нилъер цояв цоясдаса цеве ккарав вукIинчIого рес гьечIин, рачIайин, цо хIалбихьизеян.
Нилъеда жеги лъаларин, нилъерго хабзалалъ бугеб нилъерго росулъа бергьарав гIалим ЩагIбан-къадил хоб. Гьеб бугеб бакI бихьизабун дуда бажарани, ниж киналго дуе мукIурлъизе ругин. Жинда гьеб балагьизе кIоларин вацгIалас абидал, аскIор рукIарал Сайидасдеقدس سره тIаделъун руго, гьанже дуцаго тIубазабе гьасдасан дуцаго тIалаб гьабулеб букIараб жоян.
Гьедин батани, дица бихьизабураб бакI бухъизе гIолохъаби ритIейин, дун цеве хаб-залалъе инилан гьав ун вуго. ГIолохъаби тIаде щвелалде, бухъизе кколеб бакI ункъабго бокIоналда гIучIалги чIван, хIадур гьабун буго. Бухъун буго гIолохъабаз, бухъун буго, букIине кколеб гъварилъиялде щвезегIан бухъаниги, тIаде ккечIеб мехалъ, цо-цоязул зигар баккун буго, чIалгIаде хIалтIизе тIамунин нилъ гьав чиясилан. Нахъойги яхIги гъун, тIамун руго гIоло-хъаби гьеб бакI бухъизе, тIаде ккун гьечIо.
Дагьаб яхI бугезда яхIги гъун дагьабги бухъизе тIамидал, тIаде ккун руго, къоно ричIун жанире раккидал, жакъад хабалъ лъурав гIадин ватун вуго. ГIолохъаби гьасда тIад хурхун руго, росулъги сверухъ росабалъги гьасул рагIи билълъун буго, гьев Маккаялде хIежалдеги ун, гьениса росулъе тIад вуссинегIан. Амма гьав тIад вуссун вуго тIарикъаталъул хIакъалъулъ батIияб тIадкъайги босун.
Гьеб букIун буго кIиабилеб нухалда хIежалдеги ун, Мадинаялде Аварагасул ﷺ Равзаялде щведал, «заман ахираб бугин, ислам тIеренлъун бугин, гIадамазда бигьаял шаргIалъул нухал малъеян» Аварагас ﷺ тIадкъайги кьун, Дагъистаналде гьев тIад вуссараб мех.
Цебеккун жинцаго малъулеб букIараб рекIел зикруялъул тIарикъаталъул бакIалда, бигьалъизабураб «ШаригIаталъул вирдал» абун цIар лъураб тIарикъат малъизе гьев лъугьиндал, гIадамал гьесухъ гIенеккун гьечIо.
«Силкул гIайн» абулеб тIехьалдасан байбихьун, тIадчIун балагьарал чагIазул пикраби гIажизлъиледухъ цIалулаго, «Сирру къарар» абулеб тIехь рекIеда хурхун истихар гьабулаго, саламги кьун тIаде щвана хириял аварагзаби Хизригун Иляс. Сайидасулقدس سره рекIел канлъиялъул асар загьирлъидал, хириял аварагзаби гьасухъ гIащикълъун, гIарипиназдаги гIалимаздаги гьоркьов гьасдаса ракI бацIцIадав муршидго вахъинадаян кIалъан руго. Гьесул кваранаб хьибилалда вугев МухIамадхIабибица хъвадареянги абун, гьав хъвадаризе лъугьиндал, килщаздасан нурги баккун, мугIжизат загьирлъидал, каранда дандвитIун чIарав Хизри аварагас битIараб нухалда кIалъаян, квегIаб хьибилалдехун чIарав Илясица, хIакълъун рехсе тIадегIанав Аллагьилан абун, гьасул хIал бихьун буго. Бичасде гIагарлъулеб гIелмуялде ваккарав, хирияб Къуръаналъул цо-цо хIарпалъул магIна лъабкъоялда анцIиде бахинегIанги бицунев Сайидасдаقدس سره цереса тIерхьун арал аварагзабаздасан загьирлъун руго кIудиял мугIжизаталги.
РакIалдаго букIинчIеб гьеб лъугьа-бахъиналъ кIудияб асар гьабун, тамахлъун Сайидقدس سره вукIаго, саламги кьун тIаде щванила хIакъав муршидул камил, дарсил ккараб хIасилги гьикъизе, хIукмуги гьикъизе. ИмтихIан таъвил гьабун гьикъа-бакъи лъугIидал, Сайидасقدس سره давар гьабун буго устарас жиндаго малъарабги, гьесухъа малъичIого гъоркь хутIарабги киналниги хIукмаби. Гьаб даража дуе кьурав тIадегIанав Аллагь вуго, халваталде лъугьине дуе изнуги бачIанаян жиндирго устарас абидал, Сайидасقدس سره абун буго, я дир кIудияв эмен гIуламаазул магIдан, гьеб хIалалъ цеве чIезе дир черхалда кIвеладайин, вижаралдасаго жаваб тIад букIин хIакъаб бугелъул, амру тIаде бачIинегIан дун дунго цохIо хутIиладайин, Сайидасقدس سره абидал, дуе кумек гьабизе Бухарияв вачIина, ГIабдулкъадир Гелани дур хьибилалда чIелаян гьасул ракI гIодобе биччазабула устарас.
Я дир кIудияв эмен гIуламаазул магIдан, хирияв ХIабибасул Равзаялде щвезе хьул бугин Сайидасقدس سره жаваб гьабидал, гьасул рекIел хиялги батIаябго батидал, вохарав муршидас, дур мурад цIакъ бацIцIадаб буго, гIумру гIадада тоге, нагагьлъун хирияв ХIабиб вихьани, эсда дирги салам бицеян гьарула.
Гьесул каламалъ хIалхьун вукIаниги, рекIеца течIого, хехлъи гьабун ХIежалде сапар бухьун, Мадинаялде щун, кигIан хирияв ХIабибасдаса нечон вугониги, гьесул шапагIаталде хьул лъун, Равзаялъул гъапудахъ гIодов вукIуна. ХIал хисун, тамахлъун, хIаяъ бергьун вукIаго, хирияв ХIабибасул изнуги щун, жаниве лъугьаравго, гIурччинаб нуралъ гIажаибго гвангъун хирияв МухIамадун МустIапа вихьула, кваранаб рахъалда Бувайсигин, квегIаб рахъалда ГIалихIажиявгин. Гьев ГIалихIажияв нилъерго Инхоса ГIалихIажияв кколин абулел чагIиги руго, ГIободияс قدس سره жиндасаго бахъун халгIатги, гьединго гIансаги кьурав гьесул маъзун. ГIодосанго батараб биценги гьечIишха гьесда МухIамад аварагﷺ рекIехъе вихьулаанилан.
Гьев кIиясдаго гьоркьов чIун кIалъалев Аварагасе ﷺ , асаламугIалайкум, я Сайидул мурсалиман, саламги кьун, дур шапагIаталдаса махIрум гьавугеян, я хатамуланбияъ, хIакъав Бичасул расул, дуда цеве вачIарав, нахъе чIваге, МустIапаян, гьарула. Я, хирияв дир гьудул, хIакъав Муршидун Камил. Гьаб нусго соналъ хIукму дур амруялда буго. Дир гIадилав халипа, гIадлу бацIцIадаб гьабе, шаригIаталъул нухда гIавамал чIезе гьаре. ЧIумал вирдал гурелъул, гьетIаризе риччаге. БоцIуе, цIаруе гIоло шаригIат, тIарикъат ккун, гIавамазе бетIерлъи гьабулел рикIкIад гьаре. Муршидасе гIолареб мугIжизат халват бугин, муршидасда тIадаб жо – суннат-иттибагI цIуни. Жал муршидзаби кколин гIавамал божизарун, суннат-иттибагI гьечIел гьабанакъатал хъаме. Ахир заманалъидал, ислам тIеренаблъидал, гIавамазе бигьаял шаргIалъул нухал малъе. Гьединаб къагIидаялъ малъе ислам динилан, хирияв ХIабибуллагь ﷺ Сайидасда قدس سره кIалъана. Гьеб лъугьараб вакъигIат Сайидасقدس سره балъго тана, жинда цеве вукIарас иршад жиндий кьезегIан.
Иршадалъе изну щварав чи муршид вукIунелъул, Сайидасгиقدس سره байбихьана ШапигIияв Имамас бихьизабухъе, шаргIияб нух малъун, гьеб цIигьабизе, шаргIалъ малъухъе хьвадичIев чи гIазаб гIакъубаялъулъе ккей хIакъаб букIин бичIчIизабун.
Гьаниб тIарикъаталъул биценго гьечIониги, абулеб буго устар-валиян абун доб мехалъ рукIаразул гьасда чи ващалъичIилан, хIатта Маккашагьаралъул Имам КъутIбу Жамалулайцин قدس سره гьасие мукIурлъанилан. Гьелъул хIакъалъулъги гьадин хъвалеб буго жиндаса Аллагь разилъаяв СайидхIосеница: «Гьев Жамалулай Маккиясул قدس سره Дагъистаналда вугев маъзун вукIана жиндаса Аллагь разилъаяв Ингищоса Абубакар – Сугъралъа къутIбу ГIабдурахIманхIажиясулгун قدس سره жиндир хурхен букIиналъул бицен гьечIев. Аллагь разилъаяв Сугъурияс قدس سره тIарикъаталъе изну кьурав устар ГIободаги вахъун вугилан рагIидал, гьелъул хIакъикъат лъазеги цIияв устарасул хIалбихьизеги къватIиве вахъун вуго. МагIарулазул щиб росулъе Абубакар вачIаравали баян гьечIониги, гьев вачIун вуго ГIободаса устар вукIараб росулъе. Гьеб росдал гIадамазе шаригIаталъул бицун кIалъалев вукIаго, илгьам гьабунищ, гьатIипалъ бицунищали, Сайид ГIободиясда قدس سره лъан буго Ингишиса Абубакар тIаде вачIунев вугеблъи. Рокъоса къватIиве гьев лъугьарабго, Сайидасقدس سره абун буго: «Жакъад нилъеда тIаде цо кутакаб бугъа бугинха бачIунеб, нилъер хIакъикъат лъазеги хIалбихьизеги, амма лъурдул гьечIинха гьелъул.
Мажгиталъувищ, яги живго жанив вугеб минаялъувищ гьев гIадамазе вагIза гьабулев вукIаравали лъаларо, квал-квал гьечIого гьев рагьде вахинегIан тун вуго, рокъов жанив вукIарав муршидасул хIал дандчIвайдал, тIокIаб цебехун хIетIе бахъизе кIун гьечIо. Гьеб мехалъ Абубакарица рахIим. ахIи бан буго жиндирго устар Маккашагьаралда вугев къутIбу Жамалуллайде قدس سره, гьалаглъун холев вугин, жив хвасар гьавеян. МахIаби, гъуждул гурун тIаде щварав Жамуллайл къутIбуясдаги гьесие кумек гьабизе кIун гьечIо Сайид ГIободияс قدس سره гьабулеб кверзул ишара бихьун. Гьедин гьев нахъвуссине ккун вуго. Сайид ГIободияс قدس سره аскIов вукIарав жиндирго маъзун жиндаса Аллагьﷻ разилъаяв ПирмухIамадида абун буго, вахъайин рагьда вугев нилъерго гьобол жаниве вачеян. Чвахулаго магIугун, соролаго черхгун, салам кьун, жанивехун Абубакар рахIим. лъугьиндал, бачIинахъего Сайид ГIободияс قدس سره гьесда гьикъун буго: «Жамалуллайлиясул قدس سره маъзумлъийищ яги дир муридлъийищ тIаса бищилебилан бацIцIадаб нияталдалъун». «Я, гIаламалъул къутIбу, дун дуе мукIурлъана, дур муридлъун бокьила, дуца дун къабул гьаве, дур карамат тIокIлъана, тIадегIанав Аллагьасдеﷻ мун цIакъго гIагарлъун вукIин хIакълъана, ункъабго тIарикъат малъизе камилаб иршадалъул агьлулъун мун ватана, мун дида тIасалъугьа. Гьанже гурого дие тIубанго загьирлъичIо дур къадру-къимат, мун дида тIасалъугьа, дур квералъ иршад гьавун тIовитIе барзахалде. ГIободияв قدس سره мужадид гьесда тIаса лъугьана, гьесул бадив валагьун хIеренго гаргадана, гурхIулев устарасул хIелмуялъул камиллъи загьирлъана. Я, гьудул Абубакар, рахIим. караматал жалгоги тун, суннат-иттибагIалда тIадчIей камилаб гьабе, шаригIат дуда гьитIи-бикъинаб жойилан ккоге, гьеб камиллъичIони, тIарикъат роцIунарин, гьелъул нух рехарав ХIабибасдеﷺ щоларин, Суннаталде хIур ккезе таравги нилъер гьудул гуревин. Воре-воре, дир гьудул Абубакар, суннат-иттибагI цIуне, нилъер гъалатI чуризе гьеб гьечIого гIолареб, Суннатги Аварагасул ﷺ нухин, дуца хьвадизабуни, шагьралъун дуе лъугьунеб».
Гьеб мажлисалда рукIарал Сайидасулقدس سره маъзунал, муридзаби, гIалимзаби, гьеб лъугьа-бахъиналъ хIайранлъун хутIана, жидерго устарасул макъамалъул тIокIлъиги бичIчIун, гьесул хIалимлъи-хIеренлъиги лъан. Мажлисалда рукIаразе Сайидасقدس سره бицана Хирияв ХIабибасулﷺ хIадисазул, гьев рахIматалъул гIор вукIиналъул, гьеб рахIмат жинца бикьулев Бичасул вакил вукIиналъул, гIисян къине гьабулев СахIрау Самум вукIиналъул, гьесул васиятазул камиллъиялъул, гьесул Равзаялде щведал, гьес жиндаго тIадкъарабщиналъул. Хирияв ХIабибас ﷺ абунилан Сайидасقدس سره гьезие бицун буго, ахир заманаялъул дир уммат букIине бугин суннаталъе кIухIалал, шаргIалъул нух рехарал, бидгIа-гIадаталъе мутIигIлъун, чIумал кодоре росарал. Гьеб къавмалдаса цIунун чIайилан цIакъ гьарана ХIабибасилан ﷺ . Жинде рабитIа гьабуларев чи камилав муршид вукIунарилан, кинавго чиясул гьелъие рекIел бацIцIалъиги гIоларилан. Хабал гIазаб бигьа гьабиялъеги, хIисаб-суалалъулъ кумек гьабиялъеги. ГIарас байданалде рахъараб, гIаданиб нах гьалулеб къоялъ кумекалъе ратулел устарзабазде цIакъ гIащикълъун гIадамал рукIаго, гьатIипалъул гIадинаб цо гьаракь рагIулила: «Аллагь ﷻ вокьи – дин бокьилъун букIаразеги, ХIабиб ﷺ вокьи – дун вокьилъун букIаразеги гьаб гIазаб-гIакъуба гIун бугин, БетIергьан, гьезие хIисаб суал бигьа гьабун теян, ахIи балаго, гвангъараб бакъ гIадинан, нилъер муршид цеве вачIунила.
Гьеб мехалъ ГIарасат майданалда рукIаразул, Аллагь ﷻ, ХIабиб ﷺ , устарилан гьаркьал рахъуна, ХIабибасул ﷺ пишабиги суннат-иттибагIги цIунун дунялалда хьвадаралщинал, ХIабибасухъе ﷺ рачIуна. Гьеб мехалъ ХIабибас ﷺ , я Сайидул мужадид, хIакъав камилав муршид, дир суннаталъул агьлу хехго хIавзалде рачеян абула. Берцинаб низамалда, гIурччинаб байрахъги борхун, бачунаго зикругин ХIабибасухъе ﷺ щола. Хадуб Аллагь ﷻ разилъаяв СайидхIосеница гьадинаб дугIаялдалъун лъугIизабулеб буго назму:
Я, раббана дир Аллагь ﷻ, цIаялдаса ниж цIуне,
Дур камилаб квербакъи нижей камизе тоге.
ХIабиб, устар разилъи нижее насиб гьабе.
Хасго гIаламулгьуда, мун рази насиб гьабе.
Щибаб рецц дуй, БетIергьан, маликул-мулкаясде
Цинги камилаб свалат хирияв ХIабибасде,
Гьесда хадур хириял ункъавго асхIабасде.
Нахъиял сахIабиял муршидун авлияал,
Гьединго Имамзаби, мусанипул гIулумал
Камил гьабун щвезабе, жалалияв БетIергьан.
Амин.
ГIОБОДАСА СИРАЖУДИН
Устарас жинда васлъи рагIизабурав ва гIелму малъарав, «Бустан Аваристан» тIехь шаргIиял вирдалгун тIоцIебе къватIибе биччарав, Эрпели росулъ жиндир зияратги бугев, бергьарав гIалимчи.
- Чанги кIудияв махIал хIайранлъизавуна гьес.
ХIибру данде кканани, бетIер кIибикIулаан.
ГIулумал хIайранаб хIакъикъаталъул ишкал
хIакъалде ккезабун, баян гьабун кьолаан.
ГIелмуялъул муддагIи дагIба къотIун кколаан.
Дун шайхан вачIанщинав чIового гьавулаан.
МухIамад Аварагасулﷺ шаригIат
шулагьабун кквеялъе шейх я вали жинда релъунароан.
Аварагасулﷺ суннат цIунизе ккани,
кIудиял гIарипиназцин рагIи жиндие толаан.
Чохьое гIадлу гьабун-раяза гьабиялъе,
Адгьамил вас Ибрагьим жинде вачIунароан.
Жиндир агьлу руччабалъ гIадлу-низам цIунизе
ханзаби, гъункарзаби аскIорецин къалароан.
Гъурфан, махIабаталъе гаргар гьабулеб мехалъ,
гьаваялда хIанчIаз чIчIезе къасд гьабулаан.
ВагIза-насихIаталъе гIадамалъе лъугьани,
ихх гIадин, магIу чваххун, ракIал риун унаан.
ГIелмуялъул бахIс гьабун гаргадулеб мехалда,
зодосахун чваххулеб цIадин абун кколаан.
Хинаб лъеца гурони каки чурулароан,
нагагь цIороралъ чурани, чваххун цIад балаан.
Перхолаго бачIунеб балагьалъул цIороде,
цохIо квер хьвагIаниги, минатахъ биххун унаан букIараб.
Зоб-ракьалъул ихтияр асда кодоб бугилан,
балагьарал чагIазул ракIалде бачIунаан.
КIалалъ зикруги бачун, хъвадарулел килщазда
киналгIаги гIадамал гIажаиблъун кколаан.
Махсаруде бицунеб рагIиялда жанибги,
хIикмат жиндилъ камураб калам букIунароан.
Къаси кIал биххизе жо жидее щвечIонани,
жинцаго, я хъизаналъ кIалал риххулароан.
Жиндир агьлу, хьваницин, низамалда куцаялъ,
квешав чияс рекIине чу мукIурлъулароан.
КIиго-лъабго къоялъ гIодов вукIун чIчIаниги,
накаби хисун лъолеб гIадатго букIунароан.
ГIарабустан, Шагьрустан, Гьиндустан ва Дагъистан,
гьенир ругел амдадал жиндирилан абулаан.
Анкьабго икълималъул ихтияр жиндихъилан,
балагьарал васазда абулев ватулаан.
Нусго соналъ тасаруф жив гуресухъ гьечIилан,
цо-цо хIалазда жаниб бицун борчIун унаан.
ТашавхIажил лъалкIда витIун хьвадулев чи
Дагъистаналда щивго ватичIилан абулаан.
МутIмаинаялдаса эхедехун вахарав чиго гьечIин
гьанивилан бицунев вукIунаан.
ГIемерисел шуюхал, хIатта гьал гIарипинал,
тIарикъаталде щвечIел ругилан абулаан.
Ункъго чIужу камун жив кидаго чIолароан.
Эбел-инсудагицин гьурмалги гьез рихьулароан.
ЦохIо бакIалда ругел ункъайго чIужуялъул,
цоцазда ццим бахъараб калам букIунароан.
Абулаан: рокъоб гьечIеб карамат къватIиб кинан бицунеб,
истIакъамат гьечIезул къавлуялда божуге,
гьезул гьоцIоялда гъорлъ загьру жубан букIунин.
ЧАЧАНАЗУЛ НАКЪЩУБАНДИЯБ СИЛСИЛА ва ХIАЛИ-КЕЛОЙ РОСУЛЪА ИСКIИ(ИСХАК)-ХIАЖИЛ КАГЪАТ
Чачаназул кIудияв гIалимчи, ТIад Буртиязул муфтиясул кагъат:
-"Дица Аллагьасулﷻ цIаралдалъун байбихьула дунялалда лъикIасдаги квешасдаги гурхIулев, ахираталда хасго муъминзабазда гурони жив гурхIуларев. Щибаб рецц тIадегIанлъиялда даимав Аллагьасеﷻ буго, салатги саламги лъеги нилъер сайид МухIамадидаﷺ, киналго аварагзабазул бищунго хирияв, гьесул агьлуялдаги, гьесул асхIабзабаздаги, гьесие рокьулел, гьесие хириял киназдагоги. Амин!
Гьелда хадуб, гьаб кагьат буго битIулеб самданияв къутIбуясде, раббанияв гIарипасде, халкъалъе насихIат гьабулев, халкъги жинца битIараб нухалде тIобитIулев муршид, жинца нух бихьизабулев гIалим, киналго гIулумазул ралъад, нилъер мугъ чIвалеб бакI, ниж кумек гьарун канцIулеб бакI, нижер сайид, шайх ХIажи МухIамад ГIободиясде.
Ва нижер Аллагьﷻ, дун гьесдалъун гьев василат гьавун щола дун духъе, ва дир БетIергьан, дие шапагIат гьабизе кье дуца гьесухъе ихтияр.
Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи тагIала ва баракатугьу.
Мун чIаголъиялда вукIиналдалъун ралел рахIматалъул цIадал къотIине хъван батугеги тIадегIанав Аллагьасﷻ, жидеца халкъалъул ракIазул хварал бакIал чIаго гьаризе.
Я дир Аллагьﷻ, дир ракIалъул хвел чIаго гьабеги, Дуца гьесие гIумруги халат гьабун. Мун чIаго вукIиналъул гIурччинал гъутIбиги ракъвагеги, жодор гIаркьалабаз тIалибиназе Аллагьﷻ рехсезе кIвеялъе чара гьечIого къваригIунел гьуинал пихъал кьолел, жалго Аллагь лъаялъул асраразул бищунго гъорлъе унеллъун ругел.
Я дир Аллагьﷻ, дуца дун гьавеги гьеб гъветIалъул пихъалдасан бетIербахъи гьабулев чилъун, камилаб хиралъиялъе гIоло. Амин!
Цинги гьалда хадуб; дун вуго АскIи -Хусил вас, ХIали-Келой абулеб росулъа Шубутиб вилаяталъул. Дун вачIун вукIана дуде зиярат гьабизе Ражаб моцIалъул ахиралда, 1300 соналъ букIанин ккола. Лъабго сордо-къо бана дица ГIобода росулъ, дун вачIунаан щибаб къоялъ дуда аскIове, кинабго заманаялъ дуда цадахъги вукIунаан. Щибаб нухалъ дуца дие кьуна насихIатги, вагIзаги, иршадги, ахираталъул ургъел гьабулев гIакълу-лъай бугев чиясе хвезегIан чIолеб. Гьеб заманаялда дун хIалтIулев вукIана гIурусазе хъулухъ гьабулеб диваналъул бетIерлъун.
Дица дур хIасраталъе къотIи гьабун букIана гьеб хьулухьалдаса гIодов ччIезе, тIубараб куцалда гьеб ишалдаса ватIалъизе. Амма дида ракIалде ккун букIана дур шаклъи ккун бугин дида гьеб хьулухьалдаса ватIалъизе кIвеларилан абун, гьеб дида ракIалде ккараб жо хадуб дуцаго баян гьабунги абуна дида. Дуца дие дагьабго вирдги кьуна, хьулухьалдаса гIодов чIчIезе шартIги гьабун, хъулухъалдаса гIодов чIчIечIого вирд гьабугеянги абун.
Дун тIад вуссана дуда аскIоса, дуца кьуна дие жигьадалъулги ижтигьадалъулги хIакъалъулъ хъварб тIехь ва гьединго дуца къотIи гьабуна дие кьезе силсилаялъул хIакъалъулъ хъвараб назмуги, дуца хъвазе байбихьун букIараб тIехьги хъван лъугIарабго. Хехго, гIемер заман иналде, дуде тIаде щвезе къотIиги гьабун букIана дица. Гьаб кинабго рехсолеб буго дица гьаб кагътида, дун ракIалде щвезе ва дун дуда лъазе мурадалъе гIоло. ГьанжелъизегIан санагIат ккечIо дие гьагъаб хъулухъ тезе, дуде зияраталъ вачIинеги, щайтIаналъ ракIалде рехулел васвасаз, квешал пикрабаз.
РакIалъ щайтIаналдалъун абула дида: «Мун вуго загIипав чи, хIалтIизе кIоларев, дур руго гIиссинал лъимал, хIалтIизе кIоларей хъизанги, дуца тIаде босулеб иш буго захIматаб, бакIаб иш, гьелда хIал кIоларо загIипав чиясда цо щибниги тIаде жо бачIунеб хIалтIи гьечIони», - ян, ва гьелда релъаралги пикраби щайтIаналъ рекIелъе рехулел руго. Гьалаглъиялде ккелилан хIинкъун вуго дун, ракI цо хIал ккун чIезабизеги кIолеб гьечIо, гьеб битIараб нухде бачине хIалги кIолеб гьечIо. Щибаб лахIзаталъ гьалаглъиялде ккеялдаса хIинкъун вуго дун. Хвасарлъиялде нухги батулеб гьечIо, жидеда Аллагьﷻ разилъаял вализабазул цояздасан лъикIлъиялде дун вачунеб иршадги кумекги щвечIони. Халкъалда гьоркьов цониги чи ватиларилан ккола дидасаго ракIги согIав, рекIел унтабиги цIикIкIарав. ТIадегIанав Аллагьасулﷻ квербакъиялде, гурхIелалде, хьул лъун буго дир согIаб ракI хIеренги гьабун Аллагьﷻ рехсеялде, гьев лъаялде бачинин абун, дуца Аллагьасﷻ бижараб халкъ битIараб нухде бачиналъе гьарулел пайдаял, лъикIал тадбираздалъун ва дур къабуллъулел мунажатазул кумекалдалъун.
Ва амма, гьаб дир хьул хIорго хутIиялдасаги хIинкъун вуго дун, дирго черхалъул тасамахIлъиязул гIемерлъиялъ, хIатта дуца тIад къан рукIарал ишазецин, гьелги цоял тIуран, цоял тIурачIого хутIун руго, гьаб квешаб хъулухъалдаса гIодов чIчIей гIадаб, дуца гьабураб вагIзаялда нахъвилълъин гIадаб, теян абураб тун, гьабеян абураб гьабун. Гьелъул бищунго кIвар бугеб, лъагIалидаса цIикIкIун заманалъ нахъбахъиги, гьебги дуца битIараб салам кIудияв Аллагьасулﷻ валиясде, Аллагьасулﷻ нухда шагьидлъарав шагьид Ахъбердил МухIамадиде щвезабунгутIи, живги вукъун вугев Шубутиб вилаяталъул Гъур-Шукурти росдал хабзалалъ, жинда Аллагьгиﷻ гурхIаяв, хобалда нурги баяв.
Ва гьединго дида ккараб такъсирги, нилъер мугъ чIвалев ва нилъер кIудияв сайид, нилъер эмен, шайх ХIажи ГIабдурахIман Сугъуриясдехун кидаго букIинеб карамат гьесул хобалда, ва гурхIилев, ва разилъилев Аллагьﷻ гьесда.
Щваги нилъее шапагIат гьесул кумекалъул пайзалдалъун.
ИчIго соналъ цебе гьабун букIана дица Сугъуриясде зиярат, гьес дида тIад къан букIана вирдалъул дагьаб жо, дие санагIат ккечIо гьеб даимго гьабизе. Духъе зияраталъ вачIараб мехалъ, гьеб Сугъуриясулгун букIараб дандчIвай дуда бицине кIун букIинчIо дида, дудаса нечон. Кин букIаниги берцинаб тIаса лъугьин хьул лъолеб жо буго гурхIулев тIадегIанав Аллагьасулﷻ вализабазул рахъалдасан. Вализабазул хIикматияб балъголъиялъул мурадги бугелъул тIадегIанав Аллагьасﷻ рижарал лагъзадерил гIунгутIаби-гъалатIал жодода хIал кIолеб куцалда ритIизари ва гьел тIагIинари Аллагьасухъеﷻ щвелалде. Гьезул мурадги гьечIелъул мунагьал, хатIаял кколел гIадамал жодор баракаталдаса рикIкIад гьаризе. Кин букIаниги, дир хьулалъул кун тIолеб гьечIо дур рахъалдасан бачIунеб пайзалдаса, мун гурев чиясде ракIги балагьулеб гьечIо. Масала, дица дидаго абуни, нилъерго гьанир Чачан ракьалда гIемерал шайихзабиги устарзабиги руго, гьезда аскIове ине маслихIат букIинарищ дуе абун, ракIалъ гьеб къабул гьабулеб гьечIо, дудехун бугеб гIищкъуги ссунеб гьечIо, дуца дурго агьлуялде гъорлъе виччалев гьечIониги цониги капурзабазе хъулухъ гьабулев чи. Гьебги батизе бегьула Аллагьﷻ тун цогидазе хъулухъ гьабулел гIадамазул ракIазул загьириябги батIиниябги хIалтIи бацIад гьабизе рес гьечIолъи ва кIунгутIи.
Нижер вилаяталда ругел цо-цо устарзабаз тIаде къабул гьарула ракI бацIадго рачIарал чагIи, нилъеца рехсараб хъулухъ гьабулел чагIи гьел рукIаниги, гьезие вирдалги кьола. Гьебги батизе бегьула цо балъгояб хIикматалъе гIоло жагьилаб агьлуялдасан бугеб. Дида лъала дирго мунагьалги такъсиралги, гьелъие мукIуравги вуго дун, гьадалги, гьадал гурел цойгидал шайихзабазги гIажаиблъизе гьавуларо дун, гьез битIараб нухде тIовитIуларо дун. Дица макьил истихараги гьабуна, гьелъги дир мурадалъул гIагсалда бихьизабуна. Щаклъи гьечIого, баянаб жо буго дун гIадал гъаплаталъул агьлуялъул истихаралъул кIвар букIунгутIи. Аллагьﷻ вуго киналъулго вакил, гьесдалъун буго тIовитIиги кумекги. ТIадегIанав Аллагьасеﷻ бокьани, дица къасд гьабун буго гьаб бачIунеб ихдал духъе зияраталъ вачIине, дуда цеве чIезе нечон, дуда гьумер бихьизе намусав вукIаниги цебехун рехсарал ишазе гIоло. Аллагьасулﷻ агьлуялда ниж гIадал мунагьазул агьлуялъул напсал рихьулел рукIиналда цадахъ, кинниги унтарав чиясе чара гьечIого къваригIуна тохтурасухъе ине, унтараб бакIги гьесда бихьизе, кигIан нечараб бакI гьеб букIаниги. Киналго рахъал жанире рачунеб, хадур гъезе захIматаб, гъваридаб балъголъиялъ, дуда тIад лъураб мухIканаб жавабчилъиялъ тIад гьабула дуда Аллагьасﷻ бижараб кинабго халкъалъул ургъел, тIалаб-агъаз гьабизе, гьезда гъорлъ дир ургъел гьабизеги, мунагьал кколел дунго гIадал гIадамазул цоясул гIадин. Дида лъаларо чIванкъотIун дуда абизе, Аллагьасулﷻ кумекалдалъун гьаб жо дие гьабеян абизе, дида лъаларелъул шиб жо дие битIун кколебали.
Аллагьасулﷻ гIинаяталдалъун дуда лъала дие битIун кколеб жо дидагоялдасаги гIемерго лъикI.
Кинниги дун вуго загIипав, адаб цIунизе кIоларев, Аллагьасдеﷻ таваккал дагьав чи ва гьелдаго цадахъ Аллагьасулﷻ динги ва гьесул диналъул агьлуги бокьулев чиги.
ШагIирас абун буго: «Рокьул гIищкъу ккарасе йокьулелъе мутIигIлъи гуреяб цогидаб жо лъаларо»,- абун.
Гьарула ва жеги гьарула дур хIасраталда дида тIад бугеб гьир баччизе кумек гьабеян, кигIанго бакIаб гьир гьеб букIаниги ва дуца гьареянги тIадегIанав, мунагьал чурулев, кинабго жинда рагIулев, нилъее жаваб гьабулев, нилъ рокьулев нилъер Аллагьасдаﷻ дир ракI гIасиял пикрабаздаса бацIад гьабеян, рекIел беразда цадахъ ботIрол бералги Аллагьасдасаﷻ нечон, гIодулеллъун гьареян.
Дун тIадегIанав Аллагьасдеﷻ гIагарлъизавулев, гьев дида лъазе гьабулев кумекчилъунги вукIа мун дие, дур хIасраталда аскIоса дунги нахъе гъогеян. Дида дур хIакъалъулъ гIемерал макьабиги рихьула, гьезул цо-цояз мукъсанлъи загьир гьабула, цо-цояз лъикIлъиялде вачуна, Аллагьасдагиﷻ гьесул рацIадал лагъзадеридаги лъала гьезул баянал. Дица битIулеб буго гьаб кагъат баракат бугеб дур хIасраталде, лъаларо гIодобейищ рехилеб дуца гьаб кагъат дир рахъалдасан батидал, яги кодобе босун балагьизейищ мун гьалъухъ балагьилев?
ГIатIидаб, гъваридаб, киналго рахъал жанире рачунеб дур пазлоялдаги дур хIеренаб хIалимлъиялдаги гьарула гьаб кагътил нахъияб рахъалда дие жаваб хъваян, дир рекIел пащманлъи нахъе босулеб куцалъ, хъван гьаб кагъат босун духъе вачIарав дир вац, дун божулев чи Шамил Халифа БайтIилиясул васасухъе кьун жаваб битIеян. Нагагь дуца гьеб гьабичIони, гьеб ккола дие лъикIлъиялъул рагьу къай. Шаввал моцIалъул авалалда, 1302 соналъ гьадинабго кагъатги хъван дица духъе витIун вукIана цо дир диналъул вац, гьев дир вакил щвана дур росулъе ГIободе, гьев гьениве щвелалдего дагьалго къояз цеве мун ун ватана Эрпелиб рахъалдехун, гьедин дир кагъатги нахъбуссун бачIана, гIададаги ккун. Амма гьанжесала тIадегIанав Аллагьасулﷻ хиралъиялде, гьесул цIобалъул гIатIилъиялде хьул буго гьаб кагъат духъе щвелин, дагьабго халалъун букIаниги ва дида гурхIун, дир кверги босун, дур хIазраталъул баракаталдаса дунги махIрум гьавиларилан, дида бугеб бакIлъиги дуца тIаса босилилан ва гьединго дир кинабго агьлу- хъизаналъул бакIлъиги, гьезда гьоркьоса хасго дир эбелалъулги, дида бищунго цIакъ ургъел бугей, хIатта, жинда Аллагьﷻ гурхIаяв, жиндир хобги бацIад гьабеяв Сугъуриясулгун дир ккараб ишги. Гьелдалъун кагъат лъугIизе тела, гIищкъуялъулаб саламгун.
ТIадеги: Дир вуго ракI бацIцIадав диналъул вац, гьев вуго дида гурхIулев, инсул бакIалда чIчIолев чи. Щибго щаклъи гьечIого, гьев вуго нижер Чачан улкаялда ругел гIалимзабазул бищунго кIудияв гIалим, гьесда цIарги буго ГIабдулкъадир, гIелмуялъул ралъад, гIалимазул гIалламат, жинда Аллагьﷻ гурхIаяв ГIабдулкъадирил вас, чачаназул Атахъ абулеб росулъа. Гьесул къасд буго дида цадахъ дуде зияраталъ вачIине, унтиялъе дагьабгIаги мадар лъугьани. ТIубараб лъагIел бана тохлъукье гьесул ботIроде кIудияб бакIлъиялъул жо щун бетIер бекаралдаса, ботIрол ракьа я бекун, яги кьватIун батиялда щаклъи ккун буго. Гьесги гьарулеб буго гьеб унтиялъул хIакъалъулъ дуде хъваян, гьеб унти гIадатияб дару гьабуни Аллагьасулﷻ кумекалдалъун сахлъулеб унтийищ, ялъуни гьеб жиндие хиси гьечIеб Аллагьасулﷻ къадарищ? Гьеб тIоцебеселдаса батани, гьесул дуде гьари буго гьеб унтуе дугIа гьабун балагьизе гьабеян, гIицIго тIадегIанав БетIергьанасулﷻ сабабалдалъун, кумекалдалъун. Нагагь гьеб кIиабилелдасан батани, дуде гьари буго гьесие сабру гьабизеги, Аллагьасулﷻ къадаралда разилъизеги кIвезе дугIа гьабеян.
Ва гьединго ГIабдулкъадирица тавбу гьабун буго авалалда рехсарал устарзабазул цоясда цебе, дуде гьари буго гьесул къабуллъун бугищ гьеб тавбуян балагьеян, нагагь къабуллъун батичIони, щиб гьабун лъикIилан балагьеянги. Гьаб буго гьесулги дирги дуде бугеб гьари, хьулги буго дуде, щакдариялги нахъе рачахъун, ниж мурадалде щвезе гьарилин абун дуе буго даимаб тIокIлъиги кириги.
17-аб. Жумадул авал, итни къо, 1303 сон.
Дунги гьаб кагъат хъварав пакъир, Аллагьасул лагъзадерил бищунго хIакъирав, кагътил бетIералда рехсарав АскIи".
Гьаб кагъат гIараб мацIалдаса авар мацIалде буссине гьабуна
ГIорутIаса МУXIАМАДРАСУЛИЦА. 20 июнь 2003 сон.
ГОЧЙИНА
Деле хьашт волуш волу яздархочуьнгара ду хӀара, ал Хьадж шайх Мухьаммадал Ӏубуди, ДегӀистанара волуш волу Ӏабдурахьман СугӀури некьа тӀех волчу Ислама охлунга а, бусулба нахе Ассаламу-Iалайкум варахьматуллахIи таӀала вабаракатухӀу “амин” Цул тӀаьхьа аса шуна хоуьйту, са бусулба вежарий хӀара зама хиларна АллахӀ -Дели сийлахь цӀе хьехош болу охлу шена чохь дӀабевла хилар бахьана долуш аса пурба дели сай кӀантана ал хьадж Мухьаммадана ал хьадж Мухьаммада кӀантана ал къардий тайпана волчу.
АллахӀ-Дели сийлахь цӀе хьехаяр нахана дӀахьеха, халкъ нисда а, шен ницкъ кхочучу барамехь нийса некъ лоьхуш болчарна.
АллахӀ-Дели оху дуьйцу - чунна теш ву, иза тӀех диканиг ву тӀетойжиш болчарна а, ларлуш болчарна ХӀара яздина шен куьйга Элчана Ровзатехь цӀенчу бешахь, керла шо долалуш 6 чу дийнахь 1313 ш.
ГОЧЙИНА (ПЕРЕВЕДЕНО)
Нуждающийся в милости Аллаха, автор этого письма аль Хадж Шайих Мухаммад Убуди из Дагестана, последователь Абдурахмана Сугури.
Мусульманской общине, всем верующим благословение и приветствие, а также благодать от всевышнего Аллаха. Амин.
Далее я извещаю: по причине того, что число сторонников искреннего поминания Аллаха в наше время исчезло, я даю разрешение сыну Мухаммаду аль Хаджи и внуку из родового племени (тейпа) Кардий относительно обучения верующих людей, по мере сил и возможностей, поминанию Всевышнего Аллаха, а также наставления всех тех, кто поклоняется Аллаху в поисках истинного пути. Аллах свидетель всему. Он наилучший покровитель богобоязненных и тех, кто искренне полагается на Него.
Данное послание изложено на бумаге в благословенном священном Равзате Пророка (САВ) в начале нового года 6 (шестого) дня 1313 года.
Силсил Накъашбандийн тӀарикъат Элчано хьижрат дина
Маккара - Медийната вахана терхь ду хӀара
1. Мухьаммад-Мустафа Дела салам хилда цунна…..11
2. Абубакар сиддикъ…..13
3. Салманал фарасий…..33
4. Имам къасим…..107
5. ЖаӀфар ниссадикъ…..148
6. Абуязид ал бастӀамий…..261
7. Абухьасан Ӏалий ал харкъаний…..425
8. АбуӀалий фазла ал фармадий…..477
9. Юсуф ал хӀамданий…..535
10. Ӏабдулхаликъ ал гӀуждуваний…..575
11. Мухьаммад Ӏариф арривгирий…..657
12. Мухьаммад ал инжийр фагӀнавий…..670
13. Ӏазизан Ӏалий арралийтаний…..705
14. Мухьаммад бабассамасий…..753
15. Ӏамий амир кулал…..755
16. Мухьаммад бахӀауддийн бухарий…..791
17. Мухьаммад Ӏалауддийн ӀаттӀарий…..802
18. Якъуб ал чирхий…..851
19. ӀубайдаллахӀ ахьрар самаркъандий…..895
20. Мухьаммад захӀид самаркъандий…..963
21. Дарвийш-Мухьаммад самаркъандий…..970
22. Мухьаммад-хьажакий самаркъандий…..1010
23. Мухьаммад-бакьий ал кабалий…..1012
24. Ахьмад ал Фарукъий…..1034
25. Мухьаммад маӀсун ал фарукъий…..1079
26. Мухьаммад сайфуддийн ал фарукъий…..1095
27. Нур-Мухьаммад ал бадваний…..1135
28. ХьабибуллахӀ Шамсуддийн…..1190
29. ӀабдуллахӀ аддихӀпавий…..1240
30. Халид ал багӀдадий…..1242
31. ИсмаӀийл ал курдамирий…..1247
32. Хасмухьаммад ашширваний…..1252
33. Мухьаммад ал ярагӀий…..1254
34. Жамалуддийн ал гӀумукъий…..1283
35. Ӏабдурахьман ас сугӀурий…..1299
36. Мухьаммад ал Ӏубудий…..1313
37. КъутӀбул авлияи, ва гӀовсал асвияи, Шамсал шариӀата, ва нурал тӀарийкъата, Шайх хьадж Мухьаммад, ибна Мухьаммад ибна Мухьаммад ал аварий, ал гӀанасолий БӀаьчи-юртахь зиярат долуш шена тӀехь “ЖавахӀирил Сулук” яздинарг ву Молла (Махьма хьадж)…..1334
38. Шайх Исхьакъ хьадж ибна Мухьаммад ал гӀансолий ал къарадий, ал аварий…..1349
АРГЪВАНИСА ХIАЖИЯВ قدس سره
Сайид ГIободиясул قدس سره вас ва гьесул халапа.
Дида ракIалде ккола Сайид Пободиясул p.rl. бицунеб тIехьалда дагьа-макъабго гIаги бицен гьабичIого бегьиларин, гьев КъутIбул гъавсас жинда васлъиги ва халапалъиги рагIизабурав, тIарикъаталъул камилав устар Аргъваниса ХIажиясулги p.rl. хIакъалъулъ абун. Гьединлъидал, бицен гьабун тезин гьев Аллагьасулﷻ нух ккурав, Аварагасулﷺ суннатазда жив, эменго гIадин, нахъ вилълъарав, унго-унгояв муъминчиясулги хIакъалъулъ. Аллагьасﷻ гьесул киригун-шапагIат камун тогеги нилъ, жакъа гьаб хIалбихьиязе кьураб дунялалдаги, метер-МахIшаралъул къоялъ цIадирабазда аскIобги. Амин!
Халкъалъулго Хирияв МухIамад Аварагасулﷺ цо хIадисалда абулеб буго: «ГIелму жиделъ бугел гIадамал дунялалда аварагзабазул хулапаал ругила, ахираталда шугьадааздасаги ругилан» абун. Гьеле гьединаздасан цояв вукIана, жиндир керен гIелму-лъаялъулги, Къуръан-хIадисалъул гIаламатго караматаб нуралъулги дангъва чорхолъ бессарав тIарикъаталъул кIудияв устар Аргъваниса ХIажи قدس سره.
. ГIемерал гIадамалги тIаде гуризарун, гьезие вагIза- насихIаталда вукIана цо къоялъ Хунзахъ базаралда Сайид ГIободияв قدس سره. Гьенире тIаде рачIана ТIанусиса базаралде сверизе ун рукIарал Аргъваниса МухIамадги ва ТIанусиса гьесул вацгIал ХIажиги. Гьеб гуриялда гъорлъеги лъугьун, цо лъикIав чи вихьулин гьаниванги абун, Аргъваниса МухIамадил вацгIалас квер босана гьесул. Гьесдаго хадуб Аргъваниса МухIамадицаги босана Сайид ГIободиясул квер قدس سره.
Муршидун Камилас Аргъваниса МухIамадил квер къанккун чIчIезабуна, гьесул рокъосезул цIех-рех гьабун лъугIизегIан. ТIаде балагьун гIемерал гIадамалги рукIана, устарас гьев гьитIинав гIолохъанчиясде гьедин кIвар кьеялъе бугеб гIиллаги бичIчIуларого. ЦIар-цIарккун жиндирго рокъосел гьес жиндаго гьикъулелъул, гьавго щив чи, гьадигIан мухIканго дир рокъосезул ахIвал-хIал лъалеван абун гIажаиблъун Аргъваниса МухIамадги вукIана. Гьесда ракIалде ккун букIана гьев гIободисев жидерго гьоболгIаги ватилинхаян абун.
Цо кинабалиго гIаламатаб къуваталъ васасул черхалда чапун гIетI базабуна, гьесул хIал хисана, жинда лъаларев чияс, кверги ккун, гьедин живго чIчIезавидал.
Ахирги Сайид ГIободияс قدس سره гIолохъанчиясда абуна:
-Мун къаси нижехъе ГIободе вачIа, дир вас! Мун ХIалимат- эбелалъе къваригIун вуго! -абун.
ГIободе устарасул рокъове унаго, цо кинабалиго ричIчIуларел гIаламатаз паналъизабун букIана Аргъваниса МухIамадил ракI. Гьеб лахIзаталъ чорхол гьаваги, рекIел хиялги чорхолъа батIалъун ана. Саламги кьун устарасде тIаде щвана.
-Я, дир вас, гьанжеялдаса нахъе мун гьедин вукIине бегьуларо. ЧIужуги ячине ккола, хIалтIиги гьабизе ккола, боцIи-панзги букIине ккола къавулъ, мунго бетIергьанаб рукъги букIине ккола дур, - ян абуна устарас гIолохъанчиясул, додинго, кверги ккун.
Цо заманалдасан Сайидас ХIажиясда МухIамадида абуна:
-Мун гьанже Аргъванивего тIадвусса, дир вас, ва эбелги цадахъ ячун, мун гьанивегоги тIад вусса. Дие бокьун буго мун васлъун гьавизе.
Эбелалда гьеб хабар васас бициндал, гьей разилъана ГIободе васгун цадахъ ине ва устарасе жиндирго вас кьезе. Устарас абухъе кинабгоги гьабун эбелги-васги Аргъванирего тIад руссана ва шаригIаталда рекъон буголъи бикьана. ХIажица жиндиего кколеб хIалалаб бутIа бичана. Нахъеги эбелги-васги ГIободе рилъана гIарацги босун, амма устарас гьеб босичIо гьезухъа. ХIажица абуна: «Нужер анир бесдалал ругищ?» абун. Устарас абуна: «Руго» абун. ХIажи гьезие гIарац бикьизе унев вукIарав чи устарас тIад вуссинавуна ва гьеб гIарацги босана жиндихъего.
Эбелги тIад йуссун ун, ХIажи живго хутIидал, Сайидас гьев тIубараб кIикъого къоялъ халваталда чIчIезавуна. Гьесие квенги ва къваригIанщинабги кьолеб букIана живго Сайид ГIободияс قدس سره.
Халваталдаса къватIиве вачиндал, Сайидас Аргъваниса ХIажида قدس سره абуна, гордал цIералде килищги битIун: «Гьанжеялдаса нахъе, гьаб цIородагIаниги, дуда щайтIаналъул хъат баларо, дир вас. Гьанже абуни дуда тIадаб буго дурго черхги ва дурго напсги квегъизе» абун.
Гьединги абун, Сайид ГIободияс قدس سره цIидасан халваталъуве вачана Аргъваниса ХIажи قدس سره. Амма гьаб нухалъ абуни гьеб халалъана тIубараб лъабго гIун соналъ. Жанив тарасе кьечIо гьабихъ хараб ролъул цо къатIрагицин. Кваназе кьолеб букIана гIицIго белъараб гьоло, багIаргьоло ва цIоросаролъ.
ТIоцебесеб къоялъ халваталъуса къватIиве вачунелъул, гьесда бихьизе тана гIицIго жиндирго хIатIида цебе бугеб ракь, къараб квералъул манзилалда. КIиабилеб къоялъ абуни-рагьараб квералъул манзилалда. Лъабабилеб къоялъ абуни вачана бащдаб натIалъул манзилалда ракьги бихьизе тун. Жеги нахъияб къоялъ-кIиго натIги лъун.
Хадуб абуна: «Гьанже мун къватIиве вахъине бегьула тIуванго» абун. Ва тIокIав халваталъув жанивги течIо.
Гьеб киналдасаго хадуб Сайид ГIободияс قدس سره Аргъваниса ХIажиясул قدس سره бетIералда квербацI бухьана.
ТIадехун нилъеца бицен гьабухъе, Дагъистаналдаса гьижра гьабун нахъе унаго, Сайид ГIободияс قدس سره жиндирго халапалъун тана Дагъистаналда Гьухъалиса ХIажиахIмад قدس سره.
Жиндир къоял рагIалде ракIарулел рукIин лъайдал, Гьухъалиса ХIажиахIмадица قدس سره хиял гьабуна Макка- Мадинаялде ине ва гьенивго МухIамад Аварагасулﷺ ракьалда накълулъизе инеги.
Гьесул лъади Написатги йикIана динияб гIелму жинда лъикIго лъалей, гIараб гIелму жиндица цIаларай гIадан.
Гьелда ХIажиахIмадица малъун букIана вирд босизе вачIарав чиясухъе гьеб кьезе кколеб куцги. Ва абун букIана духъе цо пуланав вас вачIине вугин, жив Сайид ГIободиясул قدس سره халапа вугин абун. Ва гьес жинцаго дуда бицинеги бугин, жиндиего Сайид ГIободияс قدس سره цебеккунго хъван тараб ижазаялъул кагъат нилъер рокъоб бугеб бакIги абун. Гьесул цIарги бицун букIунаро гьес Написатида, гьев дудаго лъазе вугинги абун.
Аргъваниса ХIажияс قدس سره тIаде къо щведал гьеб кагъат нахъе босана Написатихъа ва халапалъи гьабизе байбихьана. Ва амма гьеб букIана кутакалда диналъе хIинкъи бугеб, «РУХIАНИЯЛ» абун, гIалимзабазда тIад вахIщилъиялъул михир бачунел, капурал коммунистазул зулмуялъул гьобо тIубараб къуваталда хенолел сонал.
Гьеб балагьалъул михир тIад бачана Сайид ГIободиясул قدس سره вас ва халапа Аргъваниса ХIажидаги قدس سره тIад.
Ахирги 1932 соналъ херав ва унтун тату хварав Аргъваниса ХIажи قدس سره, туртида тIадги лъун, мугъзада ваччун ана милициялъул хIалтIухъабаз. ЧКаялъул чукъбузул мацIалги кьочIчIое росун, НКВДелъул жасусаз Анжиялда туснахъалда жанив тIамуна тIарикъаталъул кIудияв устар, гьесда щибго гIайиб букIинчIониги. Гьеб мехалда устарасул гIумруялъул букIана 99 сон.
Аргъваниса ХIажица قدس سره ахираб нухалъ живго туснахъалде вачун унеб мехалъ, гIага-божаразда абуна: «Дида инсуца абун букIана, дида тIад капурзабаз лъабго нухалъ квер лъезе бугин ва ахираб нухалда мун чIаго росулъе тIад вуссинеги гьечIин. Гьаб дир лъабабилеб буго, ва дунги гьаб нухалда чIаго нахъ вуссине гьечIо.» абун.
Гьес жиндицаго цебеккунго абухъе, кIудияб захIмат-гIакъубаги бихьун, Аргъваниса ХIажил قدس سره жаназа туснахъалдаса бикъана бахIарчиял магIарулаз ва гьев тIарикъаталъул устар вукъана, цебеккунго жиндицаго бухъун хIадурун тун букIараб хобалъув- Хунзахъ районалъул ГIоротIа росулъ бугеб зияраталда.
Аргъваниса ХIажида قدس سره цадахъ туснахъалда вукIарав, гьесул лъадул вац ГIабдулкъадирил ракIалдещвей:
-Нижер вукIана кинавниги анлъго чи. ХIажица нижеда щивасда бицана кида щив нижер къватIиве виччазе вугев, хвезе вугев, ва кигIан сонал туснахъалъул кьезе ругелали.
Аргъваниса ХIажи قدس سره рахан бугеб нуцIидаги хъвачIого, жиндиего къваригIараб мехалъ, жаниве- къватIиве хьвадулев вукIана. Гьеб кинабго бихьулеб букIана хъаравулзабаздаги ва нижедаги.
Нижеца цо къоялъ ХIажиясда гьикъана: «Гьедин бокьараб жо гьабизе кIолев чи, мун щайха гьаниса нахъе тIурун унарев?» - аун.
Аргъваниса ХIажица قدس سره нижеда абуна: «Аллагьасулﷻ хIукму дун гьанив жанив хвезе буго. Гьединлъидал, дун гьаниса кивего инеги бегьуларо, дир диналъул вацал!»,- абун.
-ХIажи хвана. Хварал гIадамал рукъизе росулеб гьоко букIана туснахъалъул азбаралда. Гьеб цIезегIан чанго къоялъ тIатIала ран толаан рукIарал хваразул жаназаби. ХIажи цеве хун вукIун, гьесул жаназа бищунго гъоркь букIана, ва амма гьеб щибаб нухалъ, ниж балагьидал, бищунго тIаде рехун батулаан букIараб. Гьаб гIаламатго щибан абун, гьеб нижеца ургъунго гъоркье ккезабуна, амма жаназа абуни, додинго, бищунго тIаде ккун батулеб букIана нижеда. Лъабабилеб нухалъги гьев бищунго тIаде ккун ватидал, хварал рукъизе ритIарал нижеца, гьев, гъваридаб гвенд бухъичIого, батIаго, цо худер-чIахIги тIаде бан, тун вукIана. Гьениса гьев унги ватана.
-Аргъваниса ХIажи قدس سره жанив тIамураб рукъ букIана кутакалда цIорораб рукъ. Гьесие хвасарлъи букIана рокъосанго цадахъ босараб тIимугъ. Цо сордоялъ гьесде ваккизе щведал, дида гьеб тIимугъ, унтун тату хвара устарасда тIаса нахъеги бахъун, рукъалъул ракьанде рехун батана туснахъалъул жасусаз. Дица гьеб тIимугъ босизеги босун, ХIажиясда тIад бан тана. Гьес дида абуна: «Гьал дихъ ругел чIумалги сагIатги нахъе росе, ГIабдулкъадир» абун. Дица чIумал росана, кигIан бокьичIониги, амма устарасухъа сагIат нахъе босизе дун нечана. Радал гьесде ваккизе щведал, сагIат бикъун ун батана дида. КIиабизе щведалги, гьединго, тIасаги бахъун нахъегIан рехун батана дида тIимугъ. Лъабабизе рогьалилъ щвелалде, тIимугъ борхатаб горда тIад лъун батана дида. Ва ХIажиги цIорон хун ватана гьеб сордоялъ.
Гьеб киналдасаго хадуб, 1936 соналъ Аргъваниса ХIажил قدس سره лъади ПатIимат абуни, жиндирго вац ГIабдулкъадиргун ва гьесул хъизан-лъималгун цадахъ, кулакалинги абун, ритIун рукIана Гьоркьохъеб Азиялде Казахстаналде гIумру гьабизе. Гьел «кулаказул» рокъоб батараб къайи-цIаги хIукуматалъ хIалалъ нахъе бахъун ун букIана.
***
Аргъваниса ХIажил قدس سره цо-цо караматал:
Ахирисеб-лъабабилеб нухалъ 1932 соналъ, туснахъалъув тIамизе, унтарав живгоги туртида лъун, ваччун унев вукIарав милициялъул хIалтIухъанасда Аргъваниса ХIажица قدس سره абуна: «Гьаб дур дун ваччараб мугъ кватIичIого борлъизе буго кIудияб гуллица» абун.
ГIемер заманго иналде, устарас абухъего, кIудияб гуллица борлъун рехана гьев НКВДеялъул хIалтIухъанасул мугъ.
***
Живго, гьалмагълъигун цадахъ, хIежалде ине къачIалеб мехалъ, Аргъваниса ХIажида قدس سره жиндирго лъади Загьратица гьарана жийги ячейин нужеда цадахъ хIежалде абун.
Устарас лъадуда абуна: «Ралъдалъе рехизейищ дица мун цадахъ ячиней?» - абун.
Росги ва гьесул гьалмагълъиги, гамидаги рекIун хIежалде унелъул, Гьарадерихъ росулъ къадаралде щвана Загьрат.
Устарас гIадада щибниги абуларо.
***
Гьаб буго ГIоротIа ккараб иш. Устарги ва гьесул гьалмагълъиги хIадурлъулеб букIана ГIавухъалде сапаралъ ине. ГIабдурахIман абулев мурид вукIана цадахъ босизе ярагъ хIадур гьабулев.
Гьесухъаги босун гьеб туманкI Аргъваниса ХIажица قدس سره муридасде битIизабуна. ГIабдурахIманица, хIинкъуца холаго, абуна гьелда жаниб гулла бугин, чвархъизабизе гуринха дуца гьеб, устаран, абун.
ХIажияс, муридасдеги битIизабун, туманкI кьвагьана. ва гулла ГIабдурахIманида цебе хенелеб букIана таманаб мехалъ.
АскIов вукIарас ГIабдурахIман ккуна, гьев чIван ватилинги ккун.
Аргъваниса ХIажица قدس سره, махсароги гьабун, велъулаго абуна: «ТIухьидул гулла гуреб, жибго пистон кьвагьун батилин.» абун.
***
Гьеб букIана Хунзахъа ГIалиханил Хъайтмаз, жиндирго васалгун цадахъ, цIунтIадерил рохьазда рахчун, болъшевиказде данде рагъулеб заман.
Гьез рекIунаан, цере ратарал элхъабалъа тIаса рищун, лъикIаздаса лъикIал чуял.
ЦоцIул гьезухъе щвана Аргъваниса ХIажил قدس سره цIахIилаб чуги, ГIабдулкъадирилазда цадахъго.
Хъайтмазица ХIажил чу кколеб мехалъ, цадахъ рукIараз абуна гьеб Аргъваниса ХIажил قدس سره чу бугилан. Шайихасул чу дагьабги цIакъ рекIине кколаянги абун, Хъайтмазица ккуна гьеб. Амма жиндаго тIад рекIине толарого, гIемераб гIакъуба кьуна Хъайтмазие устарасул чоца. Квешго ццинги бахъун, чодуе гIакъуба кьезе байбихьана Хъайтмазица.
ГIоротIа вукIарав ХIажида бихьана, цIунтIадерил рохьазда жиндирго чодуе Хъайтмазица гIакъуба кьолеб бугеб куц.
Жиндирго муридзабазда Аргъваниса ХIажица قدس سره абуна: «Гьадаб дир чодуе Хунзахъа Хъайтмазицаги лъималазги кьолеб бугеб гIакъуба бихьулеб букIарабани, нужеда кванан квен эхебе инароанин, дир диналъул вацал!» абун.
ГIурцIмадаги рекIун Гьарадерихъа ГIабдурахIман ана устарасул чода хадув. Гьесда ратана Хъайтмазги, гьесул васалги ва устарасул чуги. Васаз инкар гьабула гьеб устарасул чу нахъе кьезе, амма Хъайтмазица абуна: «Гьел суфизабиги, шайихзабиги бергьараб къуваталъул чагIи рукIунин, дир лъимал, гьесул чу нахъе кье», - ян абун.
ХIажиясул чуги бачун ГIабдурахIманги, жиндирго гIурцIмадаги рекIун, Гьарадерихъе тIад вуссун вачIана.
***
Цо нухалъ ХIасанхIажи абулев муридасда ракIалде ккола: гьав нижер устарасул кашфу-караматазе бажариго бугодайха абун.
ЖамагIат гьабун как балел рукIана киналго. Какилъ вукIаго ХIасанхIажиясда бихьулеб буго къиямасеб къоги чIун, ГIарас-майданалде халкъги бахъун, цIадирабиги лъун, хIисаб-суалалде халкъ бачIунеб. ЦIадирабазда цеве гIодовги чIчIун, жиндирго муридзаби тIоритIулев Аргъваниса ХIажиги قدس سره вуго.
Гьебго жо устарас жиндирго ахирияй лъади ПатIиматидаги бихьизабун буго.
***
Цо нухалъ Шалиялде ун рукIана Аргъваниса ХIажиги قدس سره ва гьесул муридзабиги. Гьел къасиялде Шалиялде щвана. Чуяздаса кьалал рахъун рахъиналдего, устарас буюрана чуязда цIидасан кьалал лъейин, нилъ къасиго эхеде рилъине кколел ругин абун.
Гьеб мехалъ цо кьвагьи бахъана росулъ. Боголил гIужалъ бахъараб гьаб кьвагьиго щибан абун, гьоболасул лъимал уна росулъ ккараб жо щибали лъазабун рачIине. ТIадруссун рачIиндал, гьез бицана росу гIурус аскаралъулаз сверун ккун бугеблъиги ва метер радалалде гIадамаз жидехъго бугеб ярагъалъул пуланаб къадар нахъе кьечIони, гьезул росу цIаги гъун бухIизе бугилан гьез лъазабураблъиги.
Аргъваниса ХIажица قدس سره гьеб мехалъ цадахъ рукIаразда лъазабуна, нужеца хехлъи гьабун, чуяздаса кьалал рахъеян абун.
Радал жалго лъугIараб мехалъ, чуяздаги рекIун къватIире рахъана гьел. Гьел ана битIун гIурусазул аскаралъул штаб бугеб бакIалде тIаде. Киназдаго тIад букIана ярагъги, гуллбузул цIурал патронташалги рукIана гьезда рихьиледухъ тIасан ран.
Муридзаби тIаде рачIунел рихьидал, гIурусазул солдатал гьезие бакьулъан ине нухги кьун, кIийиде рикьун ана. Гьезие честги кьун чIчIана солдатал, устарасул рекIараб къукъа цебеса ун бахъинегIан.
Гьезда абуни ракIалдегицин ккечIо рекIаразухъа ярагъ нахъе бахъизе.
***
Чачаналдаса тIадруссун рачIунаго, Аргъваниса ХIажил قدس سره муридзаби тIаде ккола, Ахъташ лъарал рагIалда хIухьбахъизе лъалхъарал ГIандиса ГIумархIажил къапилаялде тIаде.
-Мун маъзумги гурин, дуца кьурдизе, кечI ахIизе тIамун, дин щай хвезабулеб? -ян Аргъваниса ХIажица قدس سره цIехедал, ГIандиса ГIумархIажица гьикъана тIад вуссун, дуца жив маъзум гуриланищ абурабилан абун.
-Мун гIинкълъунцин гурищ вугев, ГIумархIажи? Дица цойги нухалъ, киназдаго рагIун, абулеб буго мун маъзум гурилан абун, ццин бахъун кIалъана гьесда устар.
Гьеб параялъ, цо сункьаялиго кутакалда хIинкъарав гIадин, тIадго хьиталги тун, лъар бахун довехун лъутана ГIандиса ГIумархIажи.
Щай мун гьедигIанго цIакъ хIинкъун тIураравилан цадахъ рукIараз цIехедал, ГIумархIажица абун буго жинда тIаде бачIунеб букIанин цо кIудияб гъалбацI. Гьелдаса хIинкъун тIурулев вукIанин живан абун.
***
Гьеб букIана Аргъваниса ХIажи قدس سره цодагьаб заманаялъ Инхо чIараб заман. Доб мехалда ХIажил хъизанги йикIинчIо. Цо Гьарадерихъа гIаданалда ракIалде ккола жиндирго яс Аргъваниса ХIажие قدس سره лъадилъун кьезе ва ургъула гьелъие данде кколеб хIиллаги. ШагIил гIортоялда жанибе рахьги тIун, гьелда гъорлъе «рокьул херги» бан ячIуна Инхое гьей ясалъул эбел.
Гьеб лъикIалъе гуреблъи гьаналъ бицараб гIадин, Аргъваниса ХIажица قدس سره босун къотIнобе рехун битIула «рокьул рахьдал» бугIун жаниб цIураб щагIил гIорто ва гIодобги речIчIун щущан бихун уна. ва рахьдада бараб борохь рахь-рахьалде жункIун уна.
«Рокьул маххги», гьабизе жоги тIагIун, женлъун цееса паркъун ана, жанисанго ХIажидеги гъулгъудилаго.
Гьалдаса мухIканаб хIакъикъат лъала цохIо Аллагьасдаﷻ!
***
. Гьел шайихзаби руго ракьалдасан баккизе гьабураб лъим гIадал чагIи, хъубаб жоги чуризе ва къечарасе гьекъезеги.
Жинда нахъ вилълъарасда гьав Сайид ГIободияс قدس سره бихьизабулеб буго цо гьитIинаб нукътIаялдасан 70000 сирру, 70000 хIикмат, Аллагьасулгиﷻ ва Аварагасулгиﷺ изнуялдалъун.
Гьаб цогидаб Аллагьасﷻ ракьалда рещтIанщинаб тIехьалъул магIна буссана Къуръаналде. Къуръаналъул магIна буссана алхIамалде. АлхIамалъул магIна буссана БИ-ялъул нукътаялда гъоркье. Гьеб нукътаялдеги балагьун кьола Сайидас къватIибе.
Гьаб тIехь буго 14 къарнуялъул мужадид КъутIбул гъавс Сайид ГIободиясулقدس سره манакъибал жанир хъвараб тIехь. Гьаб нусабго соналъул тасарупалъул тIолго дунялалда тIад вирд малъизе ихтияр гьечIо жив тун батIиясе. Сайидас абуна: «Дица кьучIчIаб нух дунялалда хIалтIизабизеги, гIавамал жидеца тIоритIизеги, нуж эзда нахь рилъинеги, Аллагьасулгиﷻ Аварагасулги ﷺ изнуялдалъун, гьал хадур рехсарал гIадамал рихьизаруна нуж нахъ рилълъине. Гьав дир халапаясдаги халапаги дир ХIажиахIмад Гьухъали Гъумекиса, Мадинаялдеги вачун, халапалъун чIчIезавурав. ЧIчIезе гьавиялъул кагъатги ва халапаялъе мугьруги чIвана».
Гьасда разияв чи жинда разияв чи вугин, силсилаялда разияв чи Аварагасдаﷺ разияв чи вугин, Аварагасдаﷺ разияв чи Аллагьасдаﷻ разияв чи вугин, нужеца гьесдасан кIвараб мупагIат босеян абуна Сайидасقدس سره.
Гьаб халапалъи нахъа вачIине вугев васасухъе бачIине буго, кагъатги кьун изнуялдалъун. Гьев васги Аргъваниса ХIажи вуго рахIим.
Гьаб нилъ жанир ругеб къарнуялъул азаралда ункънусабилел сонал руго. Жинца рихьизе гьарун тана, кодоре кагъталги кьун, мугьруги чIван, изнуги кьун, хадур рехсарал маъзумзаби:
1. Къиблаялъул рахъалда тана ГIуриса ГIусмандибир.
2. МугIрузул рахъалда- Хуштадаса ПирмухIамадхIажи. Гьесул кагъаталда нахъияб рахъалда халапаялъе чIвалеб мугьру чIвана, гьесдаса разилъун.
3. Хьиндал халкъалъе Ингишоса АбубакархIажияв тана, изнудал кагъатги кьун, мугьруги чIван, халапаясе чIвалеб мугьруги гьесулги кагъаталъул хъахIаб рахъалда чIвана, гьесдаса разилъун.
4. ГIавухъалъа ТIалхIатхIажияв маъзумлъиялъул кагъатги кьун, мугьруги чIван.
5. Турхъалиса Идрис, хъван кодобе кагъатги кьун, чIван мугьруги тана.
6. Алмахъалдаса ГIамиргIалихIажияв, хъван кодобе кагъатги кьун, мугьруги чIван тана.
7. ГIандиса ГIабдулагь, кьун кодобе кагъатгун, мугьруги чIван тана.
Халкъ тIобитIизе гьал маъзумзаби тана, жодой тIубараб изнуги кьун, щибго щаклъи гьечIеб хIалалда.
САЙИД ГIОБОДИЯСУЛ قدس سره ШАРГIИЯБ ВИРД ГЬАБУЛЕБ КЪАГIИДА:
Камилал муридзаби тIарикъат малъизе ратун гутIиялъе гIоло ва тIарикъат босун хIалтIизабизе бажарулеб къагIидаялда халкъги батунгутIиялъе гIоло, тIарикъаталъул вирдалги тун, шаригIаталъул вирдал гьариялда тIадчIчIей ва гьединго Аварагасулﷺ суннат цIуниялда тIадчIчIей гьабун, Сайид ГIободияс قدس سره Дагъистаналъул халкъалда малъана ва 20-гоялдасаги цIикIкIун малъиялъул тIахьалги данде гьаруна ва гьелги басмаялда рахъана.
Живго мужадид ва камилав муршид хIисабалда, жиндирго бугеб ихтияралда рекъон, гьес халкъ тIобитIана ва шаргIиял вирдал малъизе ихтияралги кьун, шайихзабиги тана Дагъистаналда ва гьез цоцахъе кьун, гьеб тIечIеб рахас жакъа къоялъгицин Дагъистаналда хIалтIулебги буго.
Гьеб шаргIияб вирдалда цIарги накъшубандияб, загьирияб, шаргIияб вирд абун лъуна, щай гурелъул бищун хирияб накъшубандияб тIарикъаталъул шайихзабазул силсилаялда хурхараб букIиналъ ва живго Сайид ГIободиявги قدس سره анкьго тIарикъаталъул ва хасго накъшубандияб тIарикъаталъул КьутIбул гъавс вукIиналъ.
Вирдалъе ният гьадин гьабила:
«Дица ният гьабула накъшубандияб, загьирияб, шаргIияб вирд гьабизе, Сайид ГIободияс قدس سره малъухъе. Гьаб вирд гьабун лъугIидал гьабураб дугIадул вирдалъул кири кибего кьоларо: гьеб нижер лъикIаб гIамал хъварал кагътазда гъорлъ лъе» - абун гьаризеги ккола Аллагьасдаﷻ.
ТIоцебесеб даража: гьеб вирдалъул гIолохъанал чагIазе сордо-къоялда жаниб 100 лаиллагьа илаллагь абураб лафзги ва 100 свалатги буго Рузман къоялъ 700, яги 1000 свалат битIила.
КIиабилеб даража: 300 зикру; 100 астагъфируллагь; 100 свалатги буго.
Лъабабилеб даража: 500 зикру; 100 свалат; 100 астагъфируллагь; 100 къулгьу буго.
Лъабабилеб даражаялъул вирд гьабулезе вирдалда цебе рабитIаги буго. Гьеб гьадин тIубала: 15 астагъфируллагь; 1 алхIам; 3 къулгьу; къулагIузаби; 10 свалат ва гьаб аятги цIалила: «Ала инна авлиа-аллагьи ла хавфун гIалайгьим валагьум яхIзанун».
Хадуб гьаб дугIаги гьабила: «Дица гьабураб рабитIаялъул кири камил гьабун мунги БетIергьан Аллагьﷻ, Дур ХIабибги, Устар ГIободиявгиقدس سره разиябщинаб бакIалде щвезе гьабе» абун.
Хадуб дудаго лъараб къагIидаялда гьари-дугIаги гьабила.
Ункъабилеб даража бищунго тIасияб даража: 1000 зикру;
100 свалат; 100 астагъфируллагь; 100 къулгьу; 100 «ла хIавла вала къуввата илла биллагьил гIалийил гIазим»; 100 «лаиллагьа илаллагьу вахIдагьула шарикалагьу лагьул хIукму валагьул хIамду вагьува гIала кули шайин къадир».
Вирд гьабилелде цебеги ва тIубан хадубги рехсараб къадаралда рабитIаги гьабила: 25 астагъфируллагь; 1 алхIам; 3 къулгьу; цо- цо къулагIузаби; 20 свалатги битIун гьаб аятги цIалила: «Ала инна авлияа лагьи ла хавфун гIалайгьим валагьум яхIзанун» ва хадуб-цебехун рехсараб къагIидаялда дугIаги гьабила.
ШаргIияб нухалда гъорлъе лъугьарав, вирд гьабулев чи, диналъул умуразулъ ва дунялалъул умуразулъ кинабго рахъалъ Аварагасулﷺ суннат цIунаравлъун вукIине ккола: чорхол гIамал; кIалзул рагIи; рекIел ният ва киналго пишаби рацIадавлъун вукIине ккола, гьеб гьечIони вирд тIубаялъулги пайда букIунаро.
Вирдалъул даража хисизе ккани, гьелда цадахъго хисизе ккола суннатал какал, чорхол гIамал ва бажарулеб гьечIони, бажаризегIан вугебго даражаялда чIезе ккола. Масала: дуца цебеккун зухIаялъул, авабиназул, витруялъул каказул балеб букIун батани 7 ракагIат, базе ккола 8 ракагIат.
Вирд гьабизе хассаб бихьизабураб гIуж гьечIо. Дурго рес рекъохъе гьабизеги бегьула ва лъалес Къуръан цIалун, свалат битIун гьелда даимлъизеги лъикIаб буго.
«ШаригIаталъул вирдал» абураб бутIаялда жиндирго «Бустан Аваристан» тIехьалда ГIободаса ХIосенил вас Сиражудиница гьадинаб баян кьолеб буго:
- Шайих гьечIев чиясул, шайих щайтIанин абун,
агьлу тассавуфалъул тIахьазда гIемер бицун буго.
Гьал нахъа рицунел жал хьвадизарурал чиясул,
устарлъун жиндир Имам вукIунин абун буго.
Дурго Имам ШафигIил дуй тарбият бокьани,
течIого хьвадизаре шаригIаталъул вирдал,
риязат гIемер гьабун, гьава гIодобе рехун,
гIадат тун черх квегъулев чилъун мун гьечIонани,
тIарикъаталъул вирдал дуца тIаде росуге,
дуйго таклибги бакIлъун гьалаглъиялде кколин,
тIарикъаталъул вирдал тIаде росарал чагIи,
чара гьечIо гьел ккола захIматал умуразде.
Суннатаб жо тIалъула, тIурукъал къварилъула,
Рухсаби хIарамлъула, хIалалаб тезе ккола.
Карагьат хIарамлъула, хIарамаб гIемерлъула,
Дунял-ахират бахъун, хъат балеб бакI тIагIуна.
Аркан шурутIал тIубан тIобитIе щуябго как,
Чияр дуда тIад ругел хIукъукъалги тIоритIе.
Агьлу-хъизан вацазулъ мугIашарат лъикI гьабе,
ЛъикIаб хIалалда хьваде бусурбабазда жанив.
Эбел-инсул хIукъукъал- гьелги нухда ккезаре,
Дур гIагарал чиязул гIагарлъи хурхинабе.
Щунусго, я азарго зикру камизе тоге,
Гьелъул хиралъи бицун рагIалде бахъинаро.
Къойилго нусго свалат ХIабибасдеги битIе,
Анкьнусго, я азарго рузман къоялъги битIе.
Нусго астагъфируллагь, я лъабкъоялда анцIго,
Нусго къулгьу цIалиги къойил камизе тоге.
НусцIулго вахIдагьула, нусго лахIавлавала,
Суннатун муаккадал гьездаги тIадчIчIей гьабе.
Ишрак, зухIа, аввабин, хIал кIванани тагьажуд,
Кинабго рузман къоялъ тасбихIалъул как тоге.
ХIалалаб бетIербахъи хъизамалъеги гьабе,
Гьалаглъулел жалазда жуба-гъубай гьабуге.
Гьелдасаги мухIканаб хIакъикъат лъала цохIо Аллагьасдаﷻ!
УСТАРАСУЛ ГIАЛАМАТАЛ-БАЛЪГОЛЪАБИ
Сайид ГIободиявقدس سره вачIунев вукIун вуго Гьарадерихъе. Гьесда батун буго нухдегIан бачIун чIчIараб цо кIудияб гамачI. Гьеб гамачI Сайид ГIободиясда хадуб бачIине жубан буго. Устарас гьелда тIад лъун буго жиндирго квер ва гьеб, хIарщулъе гIадин, ганчIида гъорлъеги ун, гьениб устарасул кверзул килщазул сурат лъугьун буго. Гьеб хIикматаб гIаламат гьанжегицин нахъе цIунун хутIун буго гьеб ганчIида тIад. Гьеб нухдасан гIодоре- эхеде унел гIадамаз тIаде къулгьу-алхIамги цIалун, гIиссинал чIимхал рала гьелда аскIоре. Гьебги буго Сайид ГIободиясул караматазул бицунеб хIужаялъул цо гIаламат.
***
Жиндирго вас ва халафа Аргъваниса ХIажида قدس سره Сайид ГIободияс قدس سره абуна: «Дуда капурзабаз лъабго нухалъ квер тIад лъезе буго, дир вас. Лъабабилеб нухалъ мун гьезул квердасан хвезеги вуго», - абун.
ЧКаялъ жанив тIамун вукIана унтун тату хварав, гIумруялъул 99 сон барав Аргъваниса ХIажи قدس سره. ТIаса тIимугьги бахъун, цIорораб камераялда жанив хвезавуна гьев ЧКаялъул рахIму гьечIел чIвадарухьабаз.
КIудияб захIмат, гIакъуба бихьун Аргъваниса ХIажил قدس سره жаназа туснахьалдаса бикъана ва гьев вукъана, цебеккунго жинцаго бухъун къачIан тараб хобалъув Хунзахъ районалъул ГIоротIа росулъ бугеб устарасул хъизан ХIалимат-эбелалда аскIов-зияраталда.
***
ГIобода росулъ рукIун руго Шихайилавги, Аминтазаги, ОцойлхIумаги ва Амириласул ХIосенги абулел, цояздаса-цоял согIал, жидерго беразда бихьаралда гурони божуларел, гIадамал балъаргьине рокьулел гIанчIал гIолилал. Цо къоялъ гьел данделъун рукIун руго, цIакъ гьуинаб хабар-каламалъул маххул устар Ибрагьимил къебелъухь.
Гьезда рагIун букIун буго Сайид ГIободиясдаقدس سره кIолин нух къокъ гьабизе ва лъеда тIасан вилълъинеян абун бицунеб гIадамаз. Хадув чиги витIун вачIинавула гьез Сайид ГIободиявقدس سره жидедаго аскIове къебелъухъе.
Гьениве жаниве щваравго, къебелъухъ батараб маххул кесек лъола Сайид ГIободияс قدس سره цIадаб ва абула гьезда перело пуян абун. Амма гьез инкар ккведал, гьес жиндицаго бакула гьеб маххуда гъоркь цIа. Гьеб билбагIарлъараб мехалъ, Сайид ГIободияс قدس سره гIолохъабазда абула гьеб маххул кесек гьезул бокьарас кодобе босеян абун. Гьез гъецIалъ босизехъин бугеб мехалъ, Сайид ГIободияс قدس سره жиндицаго, цIадабе кверги бегьун, босун жиндирго хъатикь ккола маххул билбагIарлъараб кесек. Ва абула гIолохъабазда: «Дица гьаб маххул кесек гIадин, хIакъаб жоги кодоб ккун, хабар къотIун рукIа нужги», - ян абун. Гьебги гIолохъабазда цебе гIодобе рехун, ГIободияв قدس سره нахъе уна.
Гьеб хабар цIакъ хехго тIибитIула ГIобода росулъ.
Мажгиталде какде данделъидал, гIемерал гIадамал рачIуна Сайид ГIободиясул قدس سره квер бачине, гьезие бокьун букIуна Къебедил васасул жаниса квер бухIун бугищали бихьизе. Гьеб карамат жидедаго устарас бихьизабидал, ункъавго гьудул гIажаиблъи гьабун хутIула, божизе кIоларого, гьеб кинабго жидерго беразда бихьун кканиги.
***
Жакъа къоялъ ГIобода ШагIбан-къадил зияраят бугеб бакI цебе лъидаго лъалеб букIинчIо мухIкан гьабун бихьизабизе.
Гьев вукIана Сайид ГIободиясдасагиقدس سره нусгоялдасаги соналъ цевеккунго вукIарав чи. Гьеб букIун буго цIан битIараб гIуру къараб ракь.
Цо хабар ккараб къоялъ Сайид ГIободиясقدس سره гьевго ункъавго гьудуласда абула нуж газа-белгун дида цадахъ къватIире рахъаян абун ва тIамула гьел цо пуланаб бакIги бихьизабун гьеб бухъизе. Гьенире ракIарула жеги гIемерал гIадамалги. Сайид ГIободиясقدس سره гьезда абула нуж жив вачIинегIан гьенире хабалъеги раккугеян абун ва гьениса нахъеги уна.
Цо балил кьергIан манзил хутIараб мехалъ, вачIуна тIадвуссун устарги гьенивего. Гьанже гьаб хутIун букIанин дуца жидее гьабизе жоянги абун, гъулгъудилел рукIуна росдал гIолохъабиги, гъоркьанго устарасда бералги речIчIизарулаго. Сайид ГIободиясقدس سره гьезда абула цодагьабги гIодобегIан бухъеян абун.
Гьедин бухъулаго гьел цо къаназда тIаде ккола ва хобги цебе рехун бачIуна.
Гьел гIолохъабазда гьоркьов ракь бухъулев вукIарав ОцойлхIума абулев чи, Сайид ГIободиясдаقدس سره тIадги хурхун, гьесда жинда тIаса лъугьаян абун гьардезе жувала киназдаго цеве.
Гьеле гьедин, Сайидасулقدس سره, баракаталдалъун тIатана гIабадерие жидерго росулъа цIар рагIарав гIалимчи ШагIбан-къадилقدس سره хоб бугеб бакI. ГIицIго гьелдаса хадуб бана гьениб тIад хIужраги.
Аллагьасﷻ гьезул баракат камун тогеги киналго бусурбаби.
Амин!
***
Цо рузман къоялъ мегеж кIкIваялъул бусурбанчиясе бугеб мунагьалъул хIакъалъулъ вагIза-насихIат гьабула Сайид ГIободияс قدس سره гIабадерил жамагIаталъе. Нахъеги устар махсаро-хочI гьавун гаргадизе журала довго ункъавго гIоркьилав.
Гьеб мехалда ГIободиясقدس سره гьезда абула нуж гьаб бачIунеб гIодоб къоялъ, цо лъикI рекIараб гIащтIиги босун, жинда цадахъ Хъаладухъе базаралде рилълъине хIадурлъеян абун.
ГIодоб къоялъ радалго рачIуна ункъавго, гIащтIиги босун, базаралде рилъинеян абун Сайид ГIободиясдаقدس سره хадур.
Доб заманаялъ Хъаладухъ лъарал рагIалда букIана НикIалайил аскаралъул рагъухъабаз, махил гъутIбиги чIчIун, жидеего хIухьбахъиялъе гьабураб парк. Гьениреги рачIун Сайид ГIободиясقدس سره гьел гIолохъабазда абуна: «КъотIе босун гIащтIигун, бищунго бицатаб махил гъветI», - абун. Гьенирего ракIарун рукIана батIи-батIиял росабалъа гIадамалги. Гьез абуна: «Нижеда кIоларо! Гьедин гьабуни, ниж пачаясул аскаралъулаз рачун туснахъалде рехула», - ян абун. ГIободиясقدس سره абуна: «Нуж хIинкъулел ратани, дица къотIила. Кье дихъе гIащтIи!» - абун. Гьел жеги цIакъ хIинкъана.
Гьеб мехалъ, жиндирго бахараб магжида кверги бахъун, Сайид ГIободиясقدس سره, киназдаго рагIун, гьел гIолохъабазда абуна: «ЦохIо гъветI къотIанигицин НикIалайил аскаралъул рагъухъабаз жанир тIамулел нилъ, гьабгощинаб гъветI къотIараб мехалъ, Аллагьасﷻ нилъеда щибдайха гьабилеб, гIолохъаби?» -ян абун.
Гьеб мехалъ, дов ункъавго гIолохъабазул цояв- Аминтаза, Сайид ГIободиясулقدس سره бохдуздаги хурхун, гьезда къочардизе жувала, базаралде данделъарабщинаб гIаламалда цеве.
***
Гьеб букIун буго кутакалда ракъдалаб сон. Хундерил тIалъиялда цIад бачIого бечIан ва бакъван букIун буго сверухъе тIабигIатги ва ах-хурги.
Цо къоялъ Сайид ГIободияс قدس سره росуцоязда абун буго: «Жакъа нилъ цIад гьаризе рахъани, Аллагьасﷻ нилъер гьари тIубазабизе бугоха, гIабал», - ян абун. ГIадамаз абун буго: «Эдин батани, МухIамадхIажиявقدس سره, кида эб цIад базе бугебалиги лъазе ккелаха нилъеда цебеккунго: жакъа нилъеда тIадейищ, метер нилъ рокъор ругеб мехалдайищ?» - абун.
Сайид ГIободияс قدس سره абуна: «ЦIадги гьарун нилъги рокъоре щун, дица кваранаб хIетIе мажгиталъубе бегьулеб мехалъ, дир квегIаб хIатIил эгъеялда тIоцебесеб цIадал тIири речIизе буго.
***
Сайид ГIободияс قدس سره гьижра гьабун Маккаялда чIчIезе унеб мехалда, жиндаго цадахъ рукIарал лъабайго чIужуялъул цоялда абун буго, Архъабаш абулеб бакIалде щведал: «Мун гьаб бакIалдасан рокъоего нахъюсайин, мун дида цадахъ Маккаялде ине бегьуларин», - абун. Гьей гIодизе жуян йиго, щайин жий бегьуларей жиндирго росгун цадахъ Дагъистан тун инеян абун.
Гьеб мехалда Сайид ГIободияс قدس سره гьелда абун буго: «Дуда ракIалде ккана гьабсагIат, дун щай ине кколей чияр чигун цадахъ, чияр ракьалде гIумру гьабизе, дирго росу-ракьги ва гIагарлъиги гьанибгоги тунилан», - абун. Устарас гьей лъади гьеб бакIалдасанго рокъое тIад юссинайун йиго, жиндаго цадахъги ячинчIого.
***
Дагъистаналъе къолъикIги гьабун, Макка-Мадинаялда гIумру гьабун чIчIезе ине нияталъ къватIиве вахъунаго, устар нуха регIизе цадахъ рахъараз гьесда гьарула нижее, васият хIисабалда, цо кинаб букIаниги пайдаяб малъа-хъвайгIаги тейинха, МухIамадхIажияв, дуца кагътида хъванилан абун.
Сайид ГIободияс قدس سره гьезда абула: «Дица цо пуланав чиясул Къуръаналда гьоркьоб лъун тараб кагътида хъван буго нужеца гьабизе кколеб лъикIаб гIамал. Рокъоре тIад руссараб мехалъ, гьенире Къуръаналда гьоркьоре раккеха нуж», - абун.
ТIадруссутIа ун руго гьел киналго дов Сайидас абурав чиясул рокъоре, Къуръаналда гьоркьоре балагьизе. Гьев абуни тIирун чIчIун вуго, жиндица устарасухъе Къуръанги кьун букIинчIин киданиги, гьениб гьоркьоб кинабгIаги кагъатги гьечIин абун.
Кин бугониги Сайидас гьедин абун бугелъул, балагьун руго Къуръанги рагьун гьоркьоре ва гьениб батун буго цо гьитIинабго кагътил жо. Гьелда хъван букIун буго гьадин: «Дуего гьабизе бокьулареб жо чияеги гьабуге. Сайид ГIободияв» - абун.
***
Сайид ГIободияв قدس سره Маккаялда накълолъанин рагIидал, унтун бусада ккун вугев Алмахъалдаса ГIамиргIалихIажияс Муршидун Камиласул даражабазул бицараб «ШаригIат тIарикъат тIубан хьихьарав» абураб назму гьабун буго сордо борчIун. Радалалде, циндаго, сахлъизеги сахлъун, росдал къотIносан унев вукIарав ГIамиргIалихIажиясда аскIове вачIун вуго, жинсияб къагIидаялъ, чIагояв Сайид ГIободияв قدس سره ва абун буго: «Цо доб нолъ дуцаго хъвараб шигIру жакъаги ахIеха ле, ГIамиргIалихIажияв»,- абун.
Сайид ГIободияв قدس سره Дагъистаналъе къолъикIги гьабун, Макка-Мадинаялда чIчIезе гьижраялъ унаго щун вуго, жиндирго муридзаби ва маъзумзабигун цадахъ, Чачаназул ЮртгIавухъазул росулъе. Гьез жидерго рухIияв цевехъанасда гьикъун буго гьаб росулъ нилъер гьобол щив кколев абун.
Сайидас абун буго: «Нилъ гьаб чоца жинцаго рачине руго нилъер гьоболасул кIалтIе. Гьалда лъала.»,- абун.
Цо бечедав гIавухъав вукIун вуго, хъвехъун гIиялгун, бежун чедгун, Дагъистаналдаса хIурматияв гьоболасда дандчIвазе хIадурго чIчIун. Амма жиндаго гъоркь рекIараб чуялъ Сайид ГIободияв قدس سره вачун вуго гьеб росу рагIалда вукIарав цо мискинав, пакъирав МухIама абулев валиясул кIалтIе. Гьев МухIама вукIанила рокъоб бессараб сугъурги, жиндирго хуриса бачIараб цIоросаролъги гуреб, тIокIаб дунялалъул магIишат- яшавалъул щибго тIалаб гьабуларев чи.
ГIавухъал абуни гIодизе журан рукIун руго, Сайид ГIободияв, жидеда тIасан галиги тIамун, жалги санго гьаричIого росулъан унев вугиланги ккун.
МухIамал хъизан сугъур бессулей ятун йиго гьалбадерида. Живго МухIама гьеб заманаялъ хурив цIоросаролъ хъусун чIаралев вукIун вуго.
Гьев рокъове ахIизе гIавухъал ине журайдал, Сайидас абун буго: «Унге. Гьев живго гьабсагIат, нужеца ахIичIониги, нилъеда тIаде щолев вуго.»,- абун.
МухIамаги живго тIаде щун вуго заманго иналде.
Гьесул рокъоб жамагIат гьабун как бан буго киназго цадахъ ва зикру бачун буго.
Гьеб заманаялъ, МахIамал рукъ сверунги ракIарун, авал- къоноялъулго боцIулги гIер-гIери букIанила гьездаго цадахъ «зикру» бачунеб.
Гьениса рахъун унаго, Сайид ГIободияс قدس سره абун буго: «КватIичIого кIиябго ГIавухъалде кIудиял балагьал тIаде рачIине руго: гьал гочинаризе руго хIалалъ чияр рикIкIадал ракьазде. Гьаздаги ва гьазул бакIалде гьанире гIумру гьабизе рачIине ругездаги Аллагьﷻ гурхIагиха», - абун.
КватIичIого ГIавухъалъул чачанал хIалалъ, бугеб магIишат- яшавги гъоркьго тун, Казахстаналде гочинаруна Сталиница ва гьезул бакIалде Дагъистаналъул мугIрул росабалъа магIарулалги рахъинаруна, кигIанго гьезие жидеего бокьун букIинчIониги. Гьенибги кинабго ккана, цебеккунго Сайид ГIободияс قدس سره абухъе.
***
Макка-Мадинаялда чIчIезе гьижраялъ унаго, нухда Сайид ГIободияс قدس سره лъалхъи гьабун буго Алмахъалдаса Жантемир абулев чиясул бакIалда, жиндицаго гIелму-лъай малъарал гIалимзаби ГIамиргIалихIажиясулги ва ИсрапилхIажиясулги бакIалдеги инчIого.
Гьединав хIурматияв гьобол вачIиндал, Жантемирил рокъобе бакIарун букIун буго алмахъазул тIубараб росуго. Амма Жантемирица Сайид ГIободияв قدس سره къабул гьавун вукIун вуго цо хухги хъун. Гьесул чIужу СалихIат чарахун йикIун йиго, росас цохIо хухги хъун танин, оц гIаги хъвечIого, жиндица чан чиясда цебейин хохол гьан лъелебан абун.
СалихIатил ракIалда бугеб жо цIалараб гIадин, Сайид ГIободияс قدس سره абун буго гьелда: дун цо доб дур хьагихъе вачея, СалихIат, абун.
Сайидас, босун гелгун, гьанги гьагIуги багъарун буго.
Гьеб хьагиниб букIараб хохол гьан росдацаги ва тIаде рачIарал гьалбадерицаги кванан ва жеги нахъегицин хутIун букIун буго. Гьелъул бицен жакъа къоялъгицин хутIун буго Алмахъазул росулъ.
Гьединаб хIикматаб ва гIаламатаб баракат букIана киса- кибего Аллагьасулﷻ унго-унгояв вали, къарнуялъул Имам,
Сайид ГIободиясда قدس سره сверухъе, кивехун гьев къисматалъ вачаниги.
Алмахъалдаса ГIамиргIалихIажияв Сайид ГIободиясул قدس سره доваса жиндихъего рукъове ине нуцIихъе щун вукIаго, гьесда ракIалде ккун буго: «Гьав МухIамадхIажияв жиндир цIакъ даража кIудияв шайихги вуго. Бугониги ас дида цониги жиндирго кашфу-караматлъигицин бихьизабичIоха» абун.
Гьебго лахIзаталъ, ГIамиргIалихIажиявги рагьдухъго лъалхъизавун, Сайид ГIободияс قدس سره гьесда абула: «Метер нилъер цо мюрид хвезе вуго. Мун гьевги вукъун ине чIчIезе ккела рокъове», - абун.
Устарас абухъе, нахъисеб къоялъ ГIобода росулъ хун вуго устарасул цо мурид. Гьев чуризе, мусру базе ва лахIтуялъув рекъезавизе тIамун вуго ГIамиргIалихIажияв. Кинабго ишги тIубан хобалъуса тIаде вахъунаго, жиндирго каранда кисинир рукIарал чIумал ругищан халгьабидал, чIумал ратун гьечIо. ЧIабаралде рортунги ратун гьечIо гьел чIумал. Цинги ГIамиргIалихIажица абун буго аскIов вукIарасда: «Дир чIумал ругищали халгьабизе цо къоно борхея, гъоре рортун рукIине ккола» -ян. Къоно борхун балагьидал гъора чIумалги ратун руго, гъов муридасул къаданив гIодов чIчIун лахIтуялъув Сайид ГIободиявги قدس سره вихьун вуго. ГIамиргIалихIажияв хобалъусан эхеде валагьун вуго: лъова тIад вахъунчIчIунги валагьун ватун вуго гьесда Сайид ГIободияв قدس سره. Нахъеги валагьун вуго лахIтуялъуве, гъоваги ватун вуго, додинго, устар гIодов чIчIун.
ГIицIго гьеб мехалда бичIчIун буго ГIамиргIалихIажиясда гьеб хIикматаб карамат Сайидас жинда щай бихьизабурабали.
***
Цо къоялъ Сайид ГIободияв قدس سره вукIун вуго гIандисезда гIелму малъулев. Цодагьаб мехалъ гIенеккунги чIчIун, шайихас гIелму цIалулел рукIарал гIандисезда гьикъун буго гьаб пуланаб кIиго-лъабго чачан мацIалъул рагIабазул магIна щибин кколебан абун, гьезда чачан мацI лъалеб букIиналъ. ГIандисез абун буго гьел ругин дуде ахIи бан, дудасан кумек гьарулел рагIаби абун.
Нахъисеб къоялъ кIиго чачанав вачIун вуго Сайид ГIободиясухъе قدس سره вирд босизе. Гьез бицун буго жал магIардасан рачIунаго, кутакаб пуй-чIвайги бахъун, жал гIазул гIансазулъ гъанкъиялде хIинкъи кканин. Гьединлъидал жидеца цоцазда абунила: нилъ ГIободиясул муридзаби гьечIониги, гьесул вирд босизегIаги унел ругелъул, рачIайин кумек гьарун гьесде ахIи базе бугин абун.
Нижеца ахIи бан гьоркьоб заман иналдего, къалъ-къалъун дунялги роцIанин, жалги хвасарлъанин бицанила чачаназ.
***
Сайид ГIободиясухъе قدس سره вачIун вуго гьесухъа вирд босизе Алмахъалдаса Иразихан абурав чи. ГIабадерил росда цебесан чваххулеб лъарахъе щведал, жиндирго черх чурун буго Иразиханица, устарасда тIаде вацIцIадго ун лъикIилан ракIалдеги ккун.
Жеги жиндирго цIарги, росуги ва мурадги тIаде вачIарав гьоболас бициналдего, Сайид ГIободияс قدس سره гьесул цIарги, росуги ва мурадги гьесда жиндагоги бицун абун буго: «Дуца дихъе вачIунаго жакъа нухда гьабураб иш тIокIаб гьабуге, дир вас Иразихан»,- абун.
Гьоболас, гIажаиблъи гьабун, гьикъун буго устарасда щибин жинца бегьулареб жо гьабураб абун.
Сайид ГIободияс قدس سره абун буго: «Дуца жакъа дихъе вачIунаго, лъарахъ чвердолеб мехалъ, зобалазда цебе дурго гIаврат загьир гьабуна. Гьединлъидал, мун вихьулеб бакIалдаса рикIкIалъун, малаикзаби зобалазде роржун ана. Дозул гъеж-квер бекиялда кIудияб хIинкъи букIана, гIемер гIедегIиялъ», - абун.
***
Гьевго Иразиханида Сайид ГIободиясда قدس سره гьикъун буго гъов нужехъа ГIамиргIали щиб гьабулев вугев абун.
Иразиханица абун буго нижер Алмахъалда ГIамиргIали абулев чиго гьечIин абун. Сайидас абун буго вугин, щай эв вукIунаревин абун. Иразиханица гьеб мехалда абун буго: «Цо гьитIинавго вас вугоха Дилималда гIараб гIелму цIалулев. Цойги дида лъалев ГIамиргIали гьечIоха нижер росулъ», - абун.
Сайид ГIободияс قدس سره абуна: «Цо гьитIинав вас гуро дов, цо кIудияв гIалимчи вуго», - абун.
Гьеб абуни букIун буго жеги киданиги Сайидасда ГIамиргIали вихьичIеб заман.
ГIемер заманго иналде, гьитIинав ГIамиргIалил хIукму ккола хIежалде ине ругел цо-кIиго кIудияв чигун цадахъ Макка- Мадинаялда чIезе ине. Гьев кIиявго чи валагьулаго, росулъа- росулъе унаго, ахирги ГIамиргIали ккола ГIобода росулъе. Гьениб мажгиталъуб сордоги рогьуна гьес.
Сайид ГIободияс قدس سره, жиндаго ракIалда бугеб жо васас бициндал абула: «Мун хIежалде ине гIедегIуге, дир вас. Дица цо лъагIелалъ гIелму малъила дуда. Цинги хадуб мун тIадвусса дурго мугIалим ГIумаханхIажиясухъе», - абун.
Гьеле гьедин данде гьаруна Аллагьасﷻ мутагIилги мугIалимги.
***
Сугъралъе МухIамад Ярагъиясул зияраталде щвезе унел рукIана Сайид ГIободиявги قدس سره ГIободаса ХIусен абулев муридги. Дара-Мурадисезул габурлъухъе щведал хIухьбахъизе гIодор чIчIана гьел кIиялго. Жидедаго цересан доре-гьанире хьвадулел ругел цIунцIрабазухъги валагьун, гьимана устар. Муридас босана гьеб гьимиялъул балъгояб магIна, амма мухIканлъи Сайидасда гьикъизе нечана.
Гьезда данде бачIана ГIабдурахIманхIажи Сугъуриясул равхIания. Сайидги Сугъуриявги кIалъалел рукIана. Гьезул бицунеб жоги букIана Къиямасеб къоялъ кигIан мурид жидеда хвасар гьаризе кIвелел абун.
Сугъурияс абуна дида гьадигIан къадар кIолилан.
ГIободияс абуна: мун херлъунги кIодолъунги вугин. Дида дудагIанги, жеги гьедигIан тIадеги кIолин абун.
Гьеб бакIалде гьоркьобе бачIана цо гьитIинавго чиясул равхIания ва гьес абуна: «Сугъуриявги кIодолъун вуго, ГIободиявги кIодолъун вуго. Дица тIоритIила нуж кIиясго тIоритIурел рукIаралщиналги ва жеги тIадеги.» абун.
Гьеле гьеб лахIзаталъ гьимун вукIана, гьеб равхIаниялда гIажаиблъи гьабун Сайид ГIободияв قدس سره Дара-Мурадисезул габурлъухъ, цIунцIрабазухъ балагьараб мехалда, гьав гьитIинав чиясда гъорлъ гьадигIанго кIудияб гьунар букIинадаян абун щаклъун.
Цо пуланаб базаркъоялъ Хунзахъ базаралде щведал, гьенив вихьаравго лъана Сайид ГIободиясда قدس سره доб равхIаниялъул бетIергьан. Гьев абуни вукIана, заманаялдасан, жив Сайид ГIободияс قدس سره васлъунги ва жиндирго халапалъунги гьавизе вугев Аргъваниса ХIажил قدس سره равхIания.
***
Дагъистаналдаги гIемерал гIадамаз хIалбихьана Сайид ГIободиясул قدس سره Гьезул цояв вукIана ЧIикIав вахъун вукIарав Гъодобериса Мустафа. Сайидас гьев нахъе витIун вукIана берцинаб каламалда вагIза-насихIатги гьабун, щибго жиндирго кашфу-караматги бихьизабичIого, гьелъие гIоло гьев вачIун вукIин жиндаго лъалеб букIаниги.
ЧIикIаве тIадвуссиндал жиндирго муридзабазе пударун ватана Гъодобериса Мустафа щибго пайда гьечIев, гьадингояв чи ватанин гьев Сайид ГIободияв жинда абун.
Гьеб хабар лъайдал, Сайид ГIободияс قدس سره жиндирго вас Аргъваниса ХIажи قدس سره витIана ЧIикIаве Гъодобериса Мустафада данде бахIсалъе.
Мустафа кутакалда вохана живго Сайид ГIободияв قدس سره вачIинчIого, гьес вас витIун вачIиндал жиндаго данде бахIсалъе. Гьев гъаримасда ракIалде ккана гьав пакъирав жагьилчини дица данде вазего теларин абун.
Сайид ГIободияс قدس سره вас ЧIикIаве нуха регIулаго абуна: «Гъос дуда абила, гIоралда тIаде буртинаги рехун, как байилан. Гьеб дуца гьабуге: гьеб буго сихIручагIаздагицин гьабизе кIолеб жо. Цойги гъос абураб бокьараб жо гьабе. Гъос дуда абила загьру гьекъеян. Гьебги гьекъе дуца. Белъун болъонил бетIер цебе лъуни- эбги кванай дуца.» абун
ЧIикIаре щваралго цо кIудияб рокъор данделъана Мустафал муридзабиги Аргъваниса ХIажиги قدس سره. Киналго гIадамал даделъун хадуса, цо гIадангицин вагъаричIого, Мустафа живго жиндасанго эхеде восунги ун, гIодов речIчIана ва кIалдиб полопги бан холев вукIана, тIаде гурун жиндирго муридзабигун.
Аргъваниса ХIажияс قدس سره тIадеги вахъун, гьесул гъуждулги кIорокIун, Мустафа лъавуде вачIинавуна ва гIодов чIчIезавуна.
Ругелъур ругелги тун, Аргъваниса ХIажияв قدس سره вахъун нахъе ун вуго.
Хадуб Гъодобериса Мустафаца гIадамазда абун буго: «Сайид ГIободиявни жинда цIакъ хIеренав ва лъикIав чи ватанин, амма гьев Аргъваниса ХIажиявин абулев чи цIакъго хъачIав чи ватанинха жинда»,- ян абун.
***
Сайид ГIободияс قدس سره хъвана гIемерал тIахьал. Гьесул кваранаб квер хъвадарилеб, квегIаб чIумал сверулеб, кIалдиб мацI зикру бачунеб букIунаан.
Сайидасул мурид Хьиндахъа МуртазагIалица гьикъун буго устарасда: «Гьаб лъабабго хIалтIи цого заманаялда гьабизе кинин дуда кIолеб?» - абун.
ГIободияс абун буго: «Дида тIадаб жо буго, щакъиялдаги ччIун, къалам мухъил авалалда лъей. Гьеб жиндирго къадаралда Аллагьасﷻ билълъанхъизабула.», - абун.
***
Хьиндахъе рачIунеб нухтIа, жамагIат гьабун, бакъанил как балел рукIана устар ГIободиявги гьесул муридзабиги. Имамлъи гьабулеб букIана Сайидас.
Хьиндахъ вукIана цо валимахIав муъминчи, жив рукъги хъизанги рехун тун гIалхуда чIчIарав. Гьев вукIана гIадан вихьаравго тIурун унев, тIутIу-хъухъураб ретIелги ретIун вукIунев, гIадамаз жив гIантав вугилан тарав, гIадамаздаги кIалъаларев пакъирав пулан.
Гьев гьедин чIчIеялъе гIиллаги букIана лъадиги ясги шаргIалъул нухда хьвадунгут Iи.
Гьал как балел церехун руссун рукIаго, гьездаги вихьичIого, гьев хьиндахъевги жувала гьездаго цадахъ жамагIат гьабун как базе.
Какги бан дугIа гьабизе ирга щвараб мехалъ, нахъехунги вуссун, Сайид ГIободияс قدس سره абула гьев хьиндахъесда: гьанже цо дуца дугIа гьабеха, дир васан абун.
Гьесги гьабула къокъабго дугIа: «Я хирияв Аллагьﷻ, мун гурхIагиха!» абун.
Гьелдаса хадуб, вачIаравго гIадин, лъидаго вихьичIого, гьев киве аравалигицин лъачIого тIагIунги ватана.
Гьелдаса нахъе гьев лъиданиги ва киданиги вихьунги гьечIо.
***
Гьаб лъугьа-бахъин ккана Хунзахъ районалъул Хьиндахъ росулъ. Цо къоялъ годикIанир гIодор чIчIун рукIарал бихьиназде тIаде вачIана цо чи саламги кьун. Гьес гьикъана бихьиназда устар вугеб бакI лъалищ нужедаян абун. МуртазагIалица рокъове вачун вуго гьев, жинда цадахъ вилълъаянги абун.
Саламги кьун гьобол тIаде щведал, Сайидги гьевги цоцалъ хурхун руго. Цинги кIиявго рокъоре жанире ун руго. НуцIаги къан буго жидедаго тIаде.
МуртазагIали кIулил картIинисан жаниве валагьун вуго, щибдай аз гьабулеб бугебан абун. Гьенирги рахьунчIчIовухьего цоцалъ хурхун рукIун руго гьел.
Цодагьабго мехалдасан, гьобол нухарегIизеян абун, росу рагIалде кьватIире рахьун руго лъабалго.
Квералги росун нух битIагиян абуна Сайид ГIободияс قدس سره гьоболасда. Гьевги тIовитIун нахьруссун хадубго МуртазагIалица Сайид ГIободиясда قدس سره абун буго жив гьадав гьобол дагьавги довегIан тIовитIизе ине вугин, дов мекъи ккезеги бегьулин абун. МуртазагIали гьесда хадув векерун вуго, амма гьобол абуни, араб мохъ-рахь лъайчIого тIагIун ватун вуго.
Рокъове тIадги вуссун ккараб жо бициндал, Сайид ГIободияс قدس سره МуртазагIалида абун буго: «Дов гьобол кинха духье щвелев: гьев вукIана Хизри авараг.», - абун.
ГIарабаз хIурмат гьабун, Имам хIисабалда, цебе как базе виччан вуго Сайид ГIободияв قدس سره. Амма бугониги гIарабазул цо кIудияб божилъиго букIун гьечIо жеги гIажамияв Сайидасде. Гьеб бичIчIарав Сайид ГIободияс قدس سره мажгиталда жамагIат какда цадахъ рукIарал рачун руго МухIамад аварагасул ﷺ хабатIе.
Сайид ГIободияс قدس سره салам кьедал, МухIамад аварагасﷺ, хабалъа къватIибеги бегьун, квер бачун буго Сайид ГIободиясул قدس سره.
Цадахъ рукIарал киналго гIарабиял абизе жо лъаларого, цIоро- гъорон хутIун руго гьеб хIикматаб гIаламат жидерго беразда бихьидал.
Гьелдаса нахъе киналго гIалимзаби сундулъго мутIигIлъун руго, анцIила ункъабилеб нусго сонил Имам, Дагъистаналдаса гIажамияв Сайид ГIободиясе قدس سره.
***
Цо къоялъ ГохIаколов вукIарав Сайид ГIободиясда قدس سره тIаде вачIана Игьалиса Исрапил абулев гьесул жиндирго мурид, устарасе хъвезе кIиго цояздаса-цоял кьариял дугIнулги рачун.
БачIарабго цояб дегIен хъуна. ЦIокоги нахъе хутIараб гьанги магIида бана. Цояб дегIен абуни бухьун тана, устарас цояб хъуниги гIелинги абун.
ДагIнил гьанги кванан, жиндирго мурид нуха регIизе къватIиве вахъана Сайид ГIободияв قدس سره. Гьес Исрапилида цадахъго цояб дегIенги тIад буссинабуна ва магIида бан букIараб хъураб дагIнил цокоги гьелда аскIобе рехана. Гьелъулги жиб хъвелалдего букIараб гIадаб дегIен лъугьана нахъеги.
ГохIаколоб жидецаго хъураб дагIнил гьанги кванан., кIиябго дегIенги цебе къотIун, рокъове тIад вуссун Исрапилги ана.
Сайид ГIободияс قدس سره жиндирго муридасда бихьизабураб гьеб гIаламатаб караматалъул хабар, пириялъул хехлъиялда тIибитIун ана гIадамазда гьоркьоб.
Цо нухалда ГIорота холев вукIана Сайид ГIободиясул قدس سره Чупалав абулев мурид. Гьев вукIана жиндица ахираб хIухьел цIалеб бугин гIадамазда ракIалде кколедухъ захIматго унтун.
Жиндирго мурид захIматго унтун вугинги рагIун, гьесде ваккизе вачIана Сайид ГIободияв قدس سره. Гьесда цадахъ вукIана ГIоротIаса МухIамадхIажияв абулев муридги.
Унтарасдеги раккун, къватIире щваралго, устарас МухIамадхIажиясда абуна: «КьутIбул гъавс кинав чи вукIине кколевали лъалищ дуда? Гьев вукIине ккола холев чиясул рухI кквезе кIолев, гьесул бакIалда рухI бахъизе Малакулмавтасухъе цоги чи кьезе кIолев чи. Гьав нилъер Чупалав лъугIулев вукIана. Гьанже гьев хвасарлъана хвалдаса. Амма гъосда салат тIад лъуна нилъер хирияв Аварагасдеﷺ битIизе.», - абун.
Гьев Чупалав хвалил босноса тIаде вахъана. Гьев вукIунаан, цо рагIи абун, кIиабилеб абилелде, салават битIулев.
***
Дагъистаналдаса рахъун Маккаялде унаго нуха, ГIахьалчIиса Алгъинал МухIамадхIажияв абурав муридас Устарасда гьикъана: «КъутIбул гъас кинав чидай вукIуна?» -абун.
Сайид ГIободияс قدس سره гьесда абуна: «Анкьалго зобалаздеги щвана, анкьабго ракьалдеги щвана дун, ва амма дида гьев кивниги ватичIо» - абун.
Кивниги гьечIого вукIине рес гьечIев гъавс, цохIо лахIзаталъ ватичIилан абуниги гьеб бичIчIуларев МухIамадхIажияв, мун ватилин абизе лъачIолъиялдалъун, гьесда абун буго устарас: «Лъураб бакIалдаса хIетIе цебе босизе рес гьечIин асие, цIакъ цевехун унев вукIанин ав. Гьанжеялдаса нахъехунги вачине бегьиларин, амма асие тIокIаб тIаде лъайги щвеларинха»,- абун.
Живго ахирияб нухалъ, гьижра гьабун, Маккаялда чIчIезе унаго, Сайид ГIободияс قدس سره абуна жиндирго муридзабазда: «Дун ун хадуб, анкьго сонидасан, цIакъго кIудияб балагь бачIине буго нужеде.»,- абун.
Гьеб букIана гьижрияб къагIидаялъ 1320 сон. СССРалда хIурият бахъана ва гIалимзабазда тIад зулмуялъул михир бачана хIукуматалъул мунафикъзабаз. Аллагьасﷻ жужахIалда даим гIазабалда гъоркье ккезареги гьел диналъул тушбаби! Амин!
***
Маккаялде унаго нуха Буравалде щвараб мехалъ, пачаясул жандармаби рачIун руго Сайид ГIободиясухъа قدس سره зулмуялъ гIарац бахъизе.
Сайидас абуни гьел, нухтIа-къватIиб букIанщинаб цIул-цIаги хадуб лъвинабун, къватIул турщул гIадин, чIчIичIчIиялда, тIуризарун руго.
Хунзахъеги ахIун, Сайид ГIободиясде قدس سره ахIдезе жуван вуго губернатор, мун, Имам Шамилго гIадин, цIидасан Дагъистаналда гъазават лъазабизе хIадурлъулев рагIулин абун гIарзал рачIун ругин жиндихъеянги абун.
Гьедин Сайидасде ахIдезе жувайдал, губернаторасда бихьанила, Сайид ГIободиясул قدس سره гъуждузда нахъасанги баккун чIчIараб аздагьоги, жиндаго тIаде, кIалги гьакIкIан, бачIунеб гIассияб гъалбацIги.
ГIемераб хIинкъиялъул кутакалъ, губернатор чIчIичIчIидизе жуван вуго: «ТалихI кьеги! Нахъе, а! Нахъе, а дида вихьулелъуса!» - абун.
Гьеле гьединаб караматги бихьизабун буго Сайид ГIободияс قدس سره жиндирго диналъул тушманасда. Дагъистанияз жакъа къоялъгицин, гIажаиблъи гьабун, бицуна гьеб хIикматаб лъугьа- бахъиналъул хIакъалъулъ.
Аллагьасﷻ Сайид ГIободиясул قدس سره баракатгун- шафагIат камун тогеги нилъ, дир диналъул вацалги ва яцалги.
Амин!
Маккаялде гьижра гьабун унаго, цадахъ рукIаразда Сайид ГIободияс قدس سره абун буго, ГIарахъ мегIералъул рагIалдеги ваккун, тIаса гъоркье Шагьадехунги валагьун: «Гьаб дица нужеда бихьун рехулеб бугеб кагъат кодобе щвезе буго, ахирзаманалда жиндица, Имам Магьди хIисабалда, дунялалдаго дин цIигьабизе вугев васасда кодобе.», - абун.
Гьеб кагъат кодобе щун буго Хунзахъ районалъул Шагьада росулъ вукIарав, жиндир кваранаб гъажалда гьавураб къоялдаса нахъе Магьди Имамасул мугьру букIарав ГIабдулбасир шайихасухъе.
Гьев шайихасул хIакъалъулъги ва мугьруялъулги хIакъалъулъ мухIканго бицунеб буго МухIамад ГIабдулгIазизовасул «Накъшубандиял цIваби» абураб, тарихиялгун- таварихиял хIужабазул кьучIчIалда хъвараб тIехьалда. Гьенибго буго гьеб мугьруялъул берцинго бихьулеб суратги. ЦIакъго бокьилаан жакъа къоялъ Дагъистаналда ругел гIалимзабазда гьоркьоса цо гIаги гIалимчи гьеб мугьру цIализе лъалевлъун ватани. Дир цIакъ кIудияб хьулги буго гьединав гIалимчи кида-къадги дида дандчIваялде.
Аллагьасﷻ квербакъаги, кантIизареги ва битIун ккезареги нилъ киналго, дир диналъул вацалги ва яцалги. Амин!
Гьалдасаги мухIканаб хIакъикъат лъала цохIо Аллагьасдаﷻ!
тIарикъаталъул арканал, АДАБАЛ ва АХIКАМАЛ
ИНГИШУСА АБУБАКАРХIАЖИ -БУЛАЧХАН
БАГИНУСА ШУГIАЙП
АПАНДИ قدس سره
ИНХОСА ГIАЛИХIАЖИЯВГИ ГIОБОДИЯСУЛ قدس سره МАЪЗУМ ККОЛААН
САЙИД ГIОБОДИЯСДЕ قدس سره ГЬАРУРАЛ НАЗМАБИ-РИСАЛАТАЛ
цIар рагIараЛ гIалимЗАБИ ГIОБОДИЯСУЛ ХIАКЪАЛЪУЛЪ
ЧАЧАНАЗУЛ НАКЪЩУБАНДИЯБ СИЛСИЛА ва ИСКIИХIАЖИЛ КАГЪАТ
АРГЪВАНИСА ХIАЖИЯВ قدس سره
САЙИД ГIОБОДИЯСУЛ قدس سره ШАРГIИЯБ ВИРД ГЬАБУЛЕБ КЪАГIИДА
УСТАРАСУЛ ГIАЛАМАТАЛ-БАЛЪГОЛЪАБИ
368947, Россия, Республика Дагестан, с. Кахабросо. Tel.+79285304544, E-mail: dagistan@mail.ru